kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Проект на тему ; «Роль произведений в патриотическом воспитании школьников на уроках родного языка и литературы»

Нажмите, чтобы узнать подробности

      Гьаб тема дица дирго проекталъулаб х1алт1иялъе т1аса бищиялъе г1илла буго нилъеца г1умру гьабулеб гьаб заманалда ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул, рух1ияб тарбия кьеялде бугеб х1ажалъи. Щайха гьединаб х1ажалъи бугеб? Биххана цебе гучаб бук1араб, цебесеб г1ел жиндаса ч1ух1улеб бук1араб пачалихъ – СССР. Рикь-рикьана бат1и-бат1иял миллатал. Ват1аналде бук1араб рокьи г1ун бач1унеб г1елалъул рек1елъа лъуг1ана. Ват1аналъул г1орхъаби данде къана. Гьеб къокълъана хъизаналда, росдада, къанаг1атазе районалда.

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Проект на тему ; «Роль произведений в патриотическом воспитании школьников на уроках родного языка и литературы»»

МБОУ «Лологонитлингская СОШ»





тема:

«Роль произведений в патриотическом воспитании школьников на уроках родного языка и литературы»

Подготовила учительница

родного языка и литературы

МБОУ «Лологонитлинская СОШ»

Пахрудинова Айшат Назирбеговна







Лологонитль 2019



Содержание

Введение…………………………………………………………………. 3

  1. Халкъиял к1алзул гьунаралъул асаразул ц1алдохъабазе

Ват1ан бокьиялъул рух1алда тарбия кьеялъе бугеб к1вар………….. 5

2. Литературиял асаразул ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул ва ц1униялъул темаялъул к1вар ва гьеб тема рагьизе х1алт1изабулеб методика………..13

3. Фольклориял асаразул анищал………………………………………..20

4. Класстун къват1ибе Ват1ан бокьиялъул темаялда хурхун, дица гьабулеб х1алт1и………………………………………………………………………22

Заключение………………………………………………………………25

Литература……………………………………………………………….26































Цебераг1и



Ват1анияб т1алаб т1обит1улаго,

Т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро.



Гьаб тема дица дирго проекталъулаб х1алт1иялъе т1аса бищиялъе г1илла буго нилъеца г1умру гьабулеб гьаб заманалда ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул, рух1ияб тарбия кьеялде бугеб х1ажалъи. Щайха гьединаб х1ажалъи бугеб? Биххана цебе гучаб бук1араб, цебесеб г1ел жиндаса ч1ух1улеб бук1араб пачалихъ – СССР. Рикь-рикьана бат1и-бат1иял миллатал. Ват1аналде бук1араб рокьи г1ун бач1унеб г1елалъул рек1елъа лъуг1ана. Ват1аналъул г1орхъаби данде къана. Гьеб къокълъана хъизаналда, росдада, къанаг1атазе районалда.

Республикаялда баккана миллатчилъи, лъиениги х1ажат рук1инч1ел миллиял церехъаби. Щварасе щвараб гьабун, бикьа-къот1ана пачалихъалъул буголъи. Г1адамал цоял ц1ик1к1ун бечелъана, цогидал язихълъиялде ккана. Г1олохъабаз армиялде иналдаса рокъор ч1ей т1аса бищана. Гьез абулеб бук1ана рагъда Ват1ан ц1унулаго хванин жидер к1удияв эмен яги г1агарав чи. Гьанже кинаб Ват1анин бугеб, бечедал чаг1азул васаз ц1унейин гьеб, жидер ц1унизе жо гьеч1ин. Гьединаб х1алалъул пачалихъалъе х1инкъи бук1ана.

Гьанже школалда буго дол 90-билел соназда г1олохъанал рук1арал эбел-инсул лъимал. Кинха гьезда бич1ч1изабилеб Ват1ан гьеб т1оцебе эбел-инсул рукъ, хадуб росу, район, хадубги республика ва Россия бук1ин. Ват1ан гьеб нилъее г1умру гьабизе бигьаяб бак1 гурин. Ват1ан бокьизе ва ц1унизе кколин гьелъие зах1малъи бугеб заманалда. Унго-унгояв патриот куцазе фольклориял асаразул к1вар ц1акъго ц1ик1к1араб буго.

Х1алт1иялъул аслияб мурад буго лъималазда школалда малъулел асараздаса пайдаги босун, щулияб патриотикияб тарбия бач1унеб г1елалъе кьей, Ват1ан бокьи ва т1аде къо ккараб мехалъ Ват1ан ц1уни щибав чиясул борч бук1ин бич1ч1изаби.

Щуабилеб классалдаса бахъараб анц1ила цоабилеб классалде щвезег1ан авар адабияталъул дарсазда малъула бат1и-бат1иял асарал. Авар халкъалъул асараздаго цадахъ малъула дагъистаналъул асарал.

Нижер х1алт1иялдаса пайда босизе бегьула цогидал школазул авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алимзабаз, фольклоралда хурхараб методикияб х1алт1и хъвалев г1алимчияс.

«Авар ва Дагъистан адабият» программаялда V-XI классазда Ват1ан бокьиялъул ва ц1униялъул темаялда малъизе рихьизарун руго гьал темаби.



5 класс

  1. Кицаби, абиял - 1 сагIат

  2. «Ганч1ил вас»-2 саг1ат

  3. Г1абдулмажид Хачалов «Т1аса лъугьа, гьалмагъ майор»-3 саг1ат

  1. класс

  1. Г1умарх1ажи Шахтаманов «Халкъалъул ццин»

  2. Расул Х1амзатов «Россиялъул солдатал», «Къункъраби»-4 саг1ат

  3. Мух1амад Г1абдух1алимов «Госпиталалъул вас»- 4 саг1ат

  4. Эфенди Капиев «Разведчикал»

  1. класс

1.М.Хуршилов «Г1андалал» - 2 сагIат

2.Б. Митаров «Бице Гьудулзабазда - 1 сагIат

3.М.Гунашев «Ц1адулал соназул учитель» - 2 сагIат

  1. класс

Жидецаго цIализе рихьизарун руго:

1.Х1. Г1алиев «Нух къосараб хвел» -

2.Мирза Мух1амадов «Ват1аналде» -

Цо-цо сагIат босула гьал темабазе класстун къватIибехунисеб цIалиялъул сагIтаздаса.

9 класс

1.Р. ХIамзатов «Дир рак1 муг1рузда буго» - 2 сагIат

2.Г1.Хачалов «Хваразул ц1аралдасан» - 3 сагIат

3. Г1.Расулов «Хазина» - 3 сагIат

4.Ф. ГIалиева «Кини» - 3 сагIат

10 класс

  1. «Надир-шагь щущухъ виххизави»-1 саг1ат

  2. «Парту-Пат1има»- 1 саг1ат

  3. «Ганч1ил вас»- 1 саг1ат

  1. класс

1.Заид Х1ажиев «Тушманасе хвел» - 2 сагIат

2.М.Митаров «Чагуралъул къиса» - 2 сагIат

1.Абумуслим Жафаров «Ч1агоял рукъуларо» - 2 сагIат

Жидецаго цIализе:

2. Г1.Хачалов «Солдатасул лъади» - 1 сагIат



1.Халкъиял к1алзул гьунаралъул асаразул ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул рух1алда тарбия кьеялъе бугеб к1вар.

Ват1ан бокьи ккола гьелъул адаб гьаби, г1агараб ракьалъул г1адатал, т1абиг1ат, мац1 бокьи. Ват1аналъул унго-унгояв патриотас жиндирго ват1аналъул гражданинасул, миллаталъухъ ва диналъухъ балагьич1ого, адаб гьабула, гьес гьелъул бергьензабазулъ мустах1икъаб бут1а лъола. Гьев х1адур вук1уна къо ккедал, вижараб ракьалъе г1оло рух1 кьезе.

Амма гьеб киналъулго маг1на кколаро цогидал миллаталъул г1адамаздехун кешаб бербалагьи бук1ине кколин абураб. Нилъер республикаялъул цо-цо г1олохъабаз Ват1ан к1одо гьабулелинги абун гьеб суризе гьабулеб буго. Армиялда ниж дагъал ругинги абун, цогидал миллатазул г1адамаздехун гьел жойиде гьарич1еб бербалагьи гьабулеб буго. Россиялъул бокьараб бак1алда, биччан нилъерго бакъангун, лезгинка кьурди гьабулеб буго. Нилъер цо-цо г1адамаз Москваялъул бокьараб къот1ноб къурбан хъолеб буго. Адаб гьабизе ккеларищ нилъеца сверухъ ругезулги. Гьеб киналъулго х1асилалда, нилъер ц1ар, цоги кавказалъулазулго г1адин, квешаб рахъалдасан рехсезе лъугьана. Гьанже нилъ г1ажаиблъула щай нилъерал рокьуларел абун.

Нилъер тарбия кьеялъулъ ккараб чучлъиялъул х1асил гурищ гьеб? Т1оцебесеб иргаялда эбел-инсул тарбия гьеч1олъиялъ рачана гьелде, к1иабизе пачалихъалъул маг1на – г1амал гьеч1еб политикаялъ, лъабабизе, нилъеда-учительзабазда т1асаги жавабчилъи кибениги унаро.

Дагь-дагьккун Россия цебет1олеб буго. Гьелъ рах1ат хвезабулеб буго цо-цо гьеб бокьуларел пачалихъазул бут1рузул. Россиялъухъ ралагьулел руго жидее к1удияб х1инкъи бугеб пачалихъалъухъ г1адин. Гьезие къуватаб Россия къвариг1ун гьеч1о. Ахираб заманалда Украиналда кколел лъугьа-бахъиназги бич1ч1изабула гьеб кинабго.

Щибха гьабизе кколеб школалъул учителас жиндаго бажарухъег1аги гьеб рахъалъ лъималазе тарбия кьезе. Гьанже цере рук1арал г1адал лъималазул г1уц1абиги гьеч1о, эбел-эменги лъимал хьихьиялъул ургъалидаса гьезие тарбия кьеялде рег1улел гьеч1о. хут1улев вуго учитель.

Патриотлъиялъул тарбия лъималазе бокьараб предметалъул дарсида кьезе бегьула. Кинха гьеб х1алт1и гьабилеб авар адабияталъул дарсида? Х1ажат буго цебе бук1арабщинаб лъик1абщинаб т1адбуссинабизе. Т1оцебесеб иргаялда жиндирго рахьдал мац1алдехун бугеб бербалагьи хисизабизе ккола. Лъач1ониги бегьулеб предмет гуро авар мац1ги гьелъул адабиятги. Адабият ккола гучаб тарбия кьеялъул алат.

Аваразул халкъиял асарал школалда малъулаго рес буго нилъерго цересел умумузул мисалалда ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул тарбия кьезе, патриотизмалда ва миллатчилъиялда гьоркьоб г1орхъи ч1вазе. К1алзул гьунаралъул асараз нилъее кумек гьабула цересел умумузул г1умру лъазе, гьезул анищал ва хьулал рихьизе, эркенлъиялъе г1оло зулмучаг1азде данде халкъалъ гьабураб къеркьей цебеч1езабизе.

Халкъияб асар гьеб, г1емерал г1адамалги данде рак1арун, ургъараб асар кколаро. Гьеб цин цо гьунар бугев чияс ургъула, хадуб халкъалъухъе щола. Цояз-цоязе бицунаго, лъут1а-къот1ун къач1ала. Гьел, лъик1ал т1аса рищун, наслабаз наслабазухъе кьун, ц1унула. Гьединлъидал к1алзул гьунар буго халкъалъул пикру, лъик1абщинаб гъорлъ бессарал асарал.

Маг1арулазул к1алзул гьунаралде к1вар кьурал ва гьелъие мустах1икъаб къимат кьурал чаг1и рук1ана т1оцере г1урусазул г1алимзаби, хъвадарухъаби, сапарчаг1и, тарихчаг1и, этнографал. Гьел асараз х1айран гьаруна А.С.Пушкин, М.Ю. Лермонтов, Бестужев-Марлинский, Л.Н.Толстой ва цогидалги.

Кавказалъул халкъазул к1алзулаб творчествоялдаго г1адин, маг1арулазул халкъиял асаразулъги аслияб бак1 ккола рагъ-кьалалъул, бах1арчилъиялъул бицунел асараз. Гьел руго маргьабиги, куч1дулги, биценалги. Гьездаса бич1ч1ула нилъер умумуз кин г1умру гьабулеб бук1арабали, щиб гьезие г1умруялда жаниб аслияблъун бук1араб, сундул къимат гьез гьабулеб бук1араб, щиб гьезда рихараб бук1арабали.

Ч1ах1иял асарал кидаго цо хасаб лъугьа-бахъиналда хурхарал рук1уна. Лъималазда цере гьел асарал ч1ах1ияздаса раг1улаан. Ч1ах1ияз гьел рицунаан, жидерго лъималги гьеб коч1олъ яги биценалъулъ рехсолев г1адинав багьадур вахъине хьулалда.

Халкъиял куч1дузда гьоркьоб ц1ик1к1араб к1вар бугеблъун ккола «Надиршагь щущахъ виххизави» абураб кеч1. 10 классалда гьеб асар малъулаго дица гьадинаб авалияб гара-ч1вари гьабула: Дагъистаналъул ракь кидаго бук1ана къват1исел чияр ракьал рахъулезул к1вар буссараб бак1лъун. Нилъер ракьалде чабхъенал гьаруна г1арабиязги, ираназул шагьазги, манголо-татаразги.

Нилъер халкъ кидаго х1адураб бук1унаан мустах1икъаб куцалъ гьезда дандч1вай гьабизе, рижараб ракь тушманасдаса ц1унизе. 15 сон барабго, васасе босулаан чуги ярагъги. Гьев ругьун гьавлаан чода рек1ине, хеч тункизе, туманк1 г1ужда реч1ч1изе, хвалчен хьваг1изе. Гьеб киналъего ругьунлъаравго, гьев болъе хъалаан ва рагъухъанлъун рик1к1унаан

Чияр ракьал рахъулев Ираназул шагь Надир маг1арулаз жидерго ракьалдаса хъамураб куцалъул бицине бук1иналда х1адур гьарула ц1алдохъаби. Пасих1го ц1алараб коч1оца ц1алдохъабазе к1удияб асар гьабула, хасго рагъул сураталъ

Кьабезе рек1ана гьал г1олохъаби,

Хвалчен кьабуралъуб чалмаги жемун

Кьвагьдезе рек1ана к1алкъолал васал

Гулла реч1ч1аралъул ч1ортоги буг1ун.

Яги

Цо гъугъай бахъана гъазизабазул

Дол хъах1илал зобал гъугъалеб г1адаб.

Ц1а рек1араб рагъда рагъулаго г1ак1а ах1улеб буго:

Жакъа чучарасул чилъи бух1аги,

Чучун вагъарасул лъадул ц1ар ккаги,

Жакъа чучаравги дир чукъа гуро,

Чучун вагъаравги дир гьалмагъ гуро.

Коч1олъ рехсарал бах1арзазул ц1арал гьабсаг1атги к1очон гьеч1олъиялде к1вар буссинабила: Г1исал Ибрагьим, Х1ажимуса, Гьочоса Амир, Хундерил тухумал- Огъузилал, Дайтилал. Лаказул хан Сурхайил вас Муртазаг1алие тушманасцин къимат кьолеб буго. Гьев рагъухъан жиндир вук1аравани кинабго улка-ракьалъул бак1алдаян абун буго Надирица Сурхай-ханасда. Надирил аскар маг1арулаз жидерго ракьалдаса хъамун буго. «Цоралъул Коралда керен цузег1ан» т1ок1ал рач1ани, нахъе чи теларин х1инкъиги кьун буго гьезие коч1олъ.

Ц1алдохъабаз к1удияб интерес гьабула гьанир дандч1валел архаизмабазул. Цевесев рагъухъанасул сипат-сурат цебеч1езабизелъун, дица гьадинаб нек1сияв маг1аруласул сурат бихьизабула ц1алдохъабазда ва гьесда т1ад бугеб яргъиде ц1аралги рич1ч1изарула.

Коч1оца ц1алдохъабазулъ нилъерго нек1сиял умумуздаса ч1ух1иялъул асар бихьизабула, гьел гьезул бах1арчилъиялда, къох1ехьеялда бахиллъула.

К1удияб Ват1анияб рагъда бах1арчилъи бихьизабурал Дагъистаниязул ц1арал хъван росизе ва цонигиязул х1акъалъулъ хадусеб дарсида бицине х1адурлъизе т1адкъала ц1алдохъабазда. Гьез бищула Мух1амад Х1ажиевасул, Мух1амадзагбид Г1абдулманаповасул, Валентин Эмировасул, Зоя Космодемьямскаялъул, Александ Матросовасул ва гь.ц. гьунаразул жидедаго лъараб жо.

Гьединабго темаялда ургъараб буго лаказул халкъияб кеч1 «Парту Пат1има». Т1аде къо ккараб мехалъ эмен – вацасда ва росдада хьолбохъ ч1ун Ват1ан ц1унизе х1адурал маг1арулазул руччабазул образалги ратула халкъиял асаразулъ.

Гьел руго лезгиязулги, лаказулги, аваразулги биценазулъ ва куч1дузулъ. Гьединаб цебераг1иялдаса хадуб гьеб кеч1 кидаго дицаго ц1алула ц1алдохъабазе.

Коч1ол маг1наялда гьаракь бакъан рекъезабун ц1алулеб коч1охъ лъимал гъираялда г1енеккула. Нилъеда цебе г1емер бицунаан ч1ужуг1адан т1уянго г1адатазулги диналъулги к1ич1икь йик1анин абуна. Нилъеца ч1езаюлаан рак1 гурх1изе бач1уней, лагъ г1адай ч1ужу. Гьеб т1убанго гьедин бук1инч1олъи бич1ула коч1одасан. Рукъалъулги хурулги х1алт1абазе гурони ярагьунарейлъун рик1к1уней йик1арай ч1ужуг1аданалдехун г1олохъабазул бербалагьи хисулеб буго гьелъул гьунар бихьараб мехалъ. Гьез гьей жидерго цеехъанлъун гьаюлей йиго. Гьедин к1одо гьавулаан маг1арулаз бищунго бах1арчияв рагъухъан. Цох1о гьей гурелги Ват1ан ц1унизе х1адурал ясал г1емер рук1араблъи бич1ч1ула гьал мухъаздасан:

«Вай нечоге эбел, дир рат1лидаса

Нечоге, хирияй, г1адамаздаса!

Нилъер росабазул т1олго мусудуз

Т1ад борчунин ярагъ, гьаб дица г1адин.»

Лаказул рагъухъабаз рекъав Тимурида данде гьабураб рагъулъ сурат гьадин цебе ч1езабулеб буго:

«Кваранса хьваг1ула – бет1ер къот1ула,

Квег1иса хьваг1ула – тушман шапула

«Кьабе»-ян ах1ула – цее къокъуна

Къуват кутакалъуй т1аде к1анц1ула.

Замана сверула, саг1тал тирула

Тушманасул боял, мугъ кьун руссуна

Рек1арал гьеч1ого, чуял къокъуна

Къей лъалареб аскар лъутун борч1ула.»



Авар мац1алде М.Саидовас махщалида буссинабураб гьаб кеч1алъги к1удияб асар гьабула ц1алдохъабазе.

Рокъобе кьола дица гьезие нужедаго лъалей цониги бах1арчияй ч1ужуг1аданалъул х1акъалъулъ бицине х1адурлъизе.

Г1емерисез литературиял героязул, кинофильмазул героязул бицине х1адурлъи гьабун бач1уна. Дарсида, цере рахъун, ц1алдохъабаз жидецаго х1адурараб хабар бицана. Гьелъухъ дица къиматги лъола.

Лаказул «Ганч1ил вас» абураб щуабилеб классалъул т1ехьалда бугеб маргьаялдаги анц1абилеб классалъул т1ехьалда бугеб «Ганч1ил вас» абураб маргьаялдаги бицунеб лъугьа – бахъинал цох1ого руго. Рекъав Тимур лъил цевехъан вук1аравалиги гьесда историялъул т1ахьазда Тамерланилан абулеб бук1инги 10 абилеб классалъул ц1алдохъабазда лъала. «Ганч1ил вас» абураб халкъияб коч1олъги гьесда данде къеркьеялъул бицун буго. Цебесеб дарсида дица лъик1 история лъалевлъун рик1к1унев ц1алдохъанасе т1адкъай кьола тамерланил х1акъалъулъ гьениб бугеб баян авар мац1алда къокъго бицине х1адур гьабизе.

Гьесул баяназда т1аде жубазе жо цоги ц1алдохъабазул бугищан гьикъула. Кеч1 ц1алун бахъарабго, ц1алдохъабазда рак1алде щола 5 абилеб классалъул т1ехьалдаса маргьа, гьединлъидал лъугьа – бахъин бигьаго рак1алда ч1ола.

Т1абиг1атцин данде ч1ун буго тушбабазда. Гьекъезе лъел къат1рацин гьеч1о гьезие гьадиг1ан г1оралгин лъарал г1емераб ракьалда. Ццидалго г1унун ч1ун бугеб т1абиг1ат. Гьезие т1аде вортизе г1азаб кьезе чи къвариг1ун вуго, амма гьевги ватулев гьеч1о.

Ахирги, кквезе щварав гьит1инав вехьасде буго хьул гьесниги ицц бихьизабилилан. Амма залимав Тимурида цеве эхетарав гьит1инав бах1арчи вуц1ц1ун ч1ун вуго. Киг1ан г1азаб кьуниги тушманасе х1елизе гьеч1о гьев:

«Нижеца нижер ракь тушманасе кьоларо, ракьго г1адин, лъимги кьеларо.» гьединаб бук1ана васасул жаваб. Амма гьев тушманасда цеве ганч1ида сверулев вуго. Гьелъул маг1на ккола, гьев живго хваниги, халкъалъул рек1елъ хут1анин абураб. Гамач1 холар, туруларо, т1аг1унаро. Гамач1 г1адаб г1умру халатаб буго гьит1инав бах1арчияс нахъе тараб гьунарги.

Бах1арзазул ц1арал ч1аго хут1иялъе щибха халкъалъ гьабулеб? Гьеб суалалъе 10 абилеб классалъул ц1алдохъабаз гьадинаб жаваб кьола: « Гьезие памятникал рала, гьезул ц1арал къват1азде, шагьаразде ва г.ц. лъола. Гьезул х1акъалъулъ поэтаз асарал хъвала. Гьездаса гьезул ракь, г1агарлъи, наслу ч1ух1ула, гьезда релъине г1ун бач1унеб г1елалъ х1аракат бахъула.» гьединаб бах1арчилъи лъица бихьизабураб К1удияб Ват1анияб рагъдаяли лъазабизе т1адкъай кьела.

1999 абилеб соналъ Дагъистаналде Чачаназул боевикал рач1араб мехалъ бах1арчилъи бихьизабурал гьит1инав г1олохъанчи Мух1амадов Х1ажимурадил х1акъалъулъги рак1алде щвезабула ц1алдохъабаз.



  1. Литературиял асаразул ц1алдохъабазе Ват1ан бокьиялъул ва ц1униялъул темаялъул к1вар ва тема рагьизе дица х1алт1изабулеб методика

7 классалда Б. Митаровасул «Бице Гьудулзабазда абураб кечIалъул кьун букIана рагьараб гIадатияб гуреб дарс. Гьениб хIалтIизабуна компьютер, проектор,хъвадарухъабазул суратал. Аслияб мурадлъун букIана ват1аналде рокьи куцай, ва гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адурал рук1ине ккей бич1ч1изаби. Гьеб киналъулго кIиго приложениялда тIад планги буго, дарсил эпиграфлъун босун буго «Ват1анияб т1алаб т1обит1улаго, т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро» абурал И. Г1алих1ажиясул раг1аби.

Биччала лъималазе г1енеккизе рагъул темаялда кеч1.

Лъималазда бичIчIула, Ват1аналъул унго-унгоял лъимал жал рук1ин, ва гьелъул бук1инесеб жидер кверазукь бук1ин.

Щуабилеб классалде рахъарал цIалдохъабазда Ват1аналъул темаялда кицаби, абиял дандчIвала цIалул сон байбихьарабго. Гьел кицабазул магIна рагьизе цIалдохъабиги тIамун,Ват1аналъул адаб гьабизе кколеблъи бичIчIизабила.

1.Ват1ан ц1унизелъун рух1алдаги барахщуге.

2. Ват1ан хириясул хвел бук1унаро.

3. Гьеч1еб нилъ рижараб ракь г1адинаб бак1.

4.Ват1ан ц1унун, хварав чи хабалъги ч1аго вук1уна.

5. Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа.

Гьадинал кицабиги росун, гьезул магIна рагьизе тIамила цIалдохъаби. Ват1алъул бицине тIамила, кинай гьеб бугеб, щай дуе гьеб бокьулеб? абурал ва гьел гурел цогидал суалазеги жаваб тIалаб гьабила. Кицаби тетрадазда хъвазе тIамила, махщел бугез сурат бахъун босизе тIадкъала, ункъо-щуго предложениялдасан сочинение яги гьитIинабго кечI хъвазе кьела рокъобе.

7 классалда Расул Х1амзатовасул «Россиялъул солдатал», абураб хабаралда Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасул образ рагьила; гьесул гьалмагъзабаздехун бугеб божилъи бихьизабила; Ват1ан ц1униялъул бугеб кIвар сочинение-рассуждениялда жаниб рагьизе лъимал ругьун гьарула. Сочинение-рассуждение классалда байбихьила хъвазе, рокъобе кьела лъугIизабизе.

Сочинение хъвалеб мехалъ кIвар кьезе ккола:

- кинаб суал борхулеб бугеб авторас асаралъулъ;

- кинаб пикру бугеб авторасул гьеб суалалдехун;

- мун рази вугищ авторасул пикруялда? Щай?

- дурго гIумруялъул хIалбихьиялдаса яги литератураялдаса мисал баче хабаралдаса борхулеб суалалда дандекколеб;

- дурго пикру баян гьабе.

Нижер Лологъонилъ росулъа К1удияб Ват1анияб рагъде аразул ц1арал рехсела, ц1алдохъабазул г1агарал ругищали балагьила,гьезул г1умруялъул ц1ех-рехал гьарила.

Расулил гьал кочIол мухъазулъ рагIи гуллида бащалъулеб буго.                            

    ЛъугIана вахIщияб рагъ. Эркен гьабуна нилъер ВатIан тушманасдаса. Рагъул соназ чIунтун рукIарал росаби ва шагьарал дагь-дагьккун рукIалиде рачIана. Халкъалъ цIияб гIумру гIуцIана. Амма рагъда хутIарал нилъер бахIарзал кIочон теч1о ва тезеги гьечIо. Гьел рехсана, рехсола ва рехсезеги руго жидерго кучIдузулъ, харбазулъ, къисабазулъ гьанжесел поэтазгун хъвадарухъабазги



Фазу ГIалиевалъул творчествоялда жаниб гIемер дандчIвала рагъул тема. Гьеб буго 9 классалда малъулеб «Кини» хабаралда Халунил сипат.

ЦIалдохъаби Закарил эбел Халунил сипат рагьизе, магIарул чIужугIаданалъул гIакъиллъи, сабруялъул кIодолъи, рухIияб дунялалъул камиллъи, васасдехун, йикIинесей нусалдехун, цогидаздехун гьелъул бугеб бербалагьи сочинениялда жаниб рагIа-ракьанде щун хъвазе, рагьизе ругьун гьарила.

КIудияб ВатIанияб рагъул магъалоялъул бакIлъи интернеталдасан кино-фрагменталги росун бихьизабила.

11 классалда Абумуслим Жафаровасул «Ч1агоял рукъуларо» асаралдаса суратал рахъун, выставка г1уц1ила. Асаразул рокьарал бак1ал рек1ехъе ц1алила. ЧанцIул цIаланиги, гьел асараз бадиб магIу хулизабичIого толаро.

Компьютер, слайдал, интерактивияб доска, видеофильмал, тестал хIалтIизарун, ракIалда чIоледухъ кьола Ват1ан бокьиялъул темаялда ругелги гьечIелги дарсал.

Багьавудин Митаровасул «Бице гьудулзабазда» абураб дарс кьолеб буго :

Дарсил тема: Багьавудин Митаров «Бице гьудулзабазда»

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

-Хъвадарухъаналъул х1аракатчилъи ва г1умру бихьизаби

2.Лъай Цебет1еялъул:

- Ват1аналъе ва халкъалъе рит1ухъав вук1ине ккей бич1ч1изаби

-Ц1алул бажари цебет1ей.

3. Тарбия цебет1еялъул:

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Ват1аналъе г1оло рух1 кьурал бах1арзал к1очон тезе бегьунгут1и бич1ч1изаби.



Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, суратал.



Дарсил план.

  1. Класс дарсиде х1адури



  1. Араб материал такрар гьаби

1.Тестал



  1. Ц1ияб тема

1. « Т1урал ч1ваби»

1. Багьавудин Митаровасул творчество

2. «Бице гьудулзабазда» асар ц1али

3. Словарияб х1алт1и.

4. Дарс щула гьаби

1. «Бице гьудулзабазда» асаралъул анализ гьаби

2. Ц1алдохъабаз иргадал кеч1 ц1али.

3. Суалал.

5. Дарсил х1асил гьаби(Рефлексия)

6. Рокъобе х1алт1и кьей

Дарсил ин.

  1. Класс дарсиде х1адури



  1. Араб материал такрар гьаби

1.Тестал

  • 1.Асаралъул авторги ц1арги бихьизаре

Приказчик-кашавар киналго реч1ч1ун,

Вачун цо ганч1ида к1усизавуна.

«Квен-т1ех босизег1ан сабру гьабе»,-ян

Падар мац1алъ абун, анин, вац, рортун.

А)Ц1.Х1амзат «Дибирги г1анхвараги»

Б)Ц1. Х1амзат «Ашбазалде гьабураб»

В)Р. Х1амзатов «Дагъистаналъул рохьал»

2. «Маг1арулазул нус»-автор ккола:

А)Асадула Мух1амаев

Б)Расул Х1амзатов

В)Фазу Г1алиева

3.Гьаб асаралъул ц1ар бице:

«К1иго г1олохъанчиясул кумекалдалъун т1аде вахъана , араб г1асруялъго хварав , ах1анже хабалъа къват1иве вахъарав г1адав, халатаб баг1араб г1аба рет1арав , ц1акъго херав чи.»

А) «Тамашаяв Гьобол»

Б) «Инсул гьалбал»

В) «Г1андалал»

4.Маг1арулазул гурев хъвадарухъан вихьизаве:

А) Мух1амад Хуршилов

Б) Асадула Мухамаев

В)Эффенди Капиев

5. «Маг1арулай» абураб къисаялда Маккикъоралде щал ун рук1арал?

А)Х1афизатги Меседоги

Б) Х1афизатги Муслиматги

В) Ибрагьимги Сурхайги







  1. Ц1ияб тема

  1. « Т1урал ч1ваби»

  1. Багьавудин Митаровасул творчество



2. «Бице гьудулзабазда» асар ц1али

3. Словарияб х1алт1и.

  • Хейнкелал- немцазул самолетазул цо тайпаялда ц1ар



4. Дарс щула гьаби

1. «Бице гьудулзабазда» асаралъул анализ гьаби

-Асаралъул жанр (къокъ гьабураб поэма)

-Тема (рагъул)

-Идея (Ват1аналъе г1оло рух1 кьурал рагъухъаби к1очене бегьуларо.)

- Аслиял героял (Авторги гьесул рагъда ч1варав гьудулги)

-Аллитерация, рифма, анафора, эпифора, метафора, эпитетал, риторикиял суалал рати.



2. Ц1алдохъабаз иргадал кеч1 ц1али.

3. Суалал.

-Щай Б. Митаров вохарав вугев «Фронталъул ц1адулъ»,«х1инкъи бугел рохьазда» вагъулев вук1иналдаса?

-Т1арамагъадисеб куплеталда поэтасул сунда рак1 ч1ун бугеб?

-Советиял самолетазе кинаб сипат-сурат гьабун бугеб коч1олъ?

- Нужер пикруялда рекъон , бах1арчиян лъида абулеб?

-Сундеха ц1алел ругел нилъ асаралъ? (Рагъда, Ват1ан ц1унулаго, хварал бах1арзазул ц1арал киданиги к1очене бегьуларо)

-Нилъер росулъа г1ахьаллъанищ гьеб рагъда г1адамал?

-Чан чи арав рагъде ва чан т1адвуссарав?

-Гьезда гьоркьор нужер г1агарал рук1анищ? Ц1арал лъалищ?



5. Дарсил х1асил гьаби(Рефлексия)

6. Рокъобе х1алт1и кьей

3. Фольклориял асаразул анищал.

Халкъалъул цебет1ураб пикруялъул, г1умруялъул х1албихьиялъул кьуч1алда рижарал руго жиб – жиб халкъалъул кицаби ва абиял. Гьезул к1удияб к1вар буго тарбия кьеялъе. Аваразул кицаби ва абиял данде гьарун руго З.Г1алихановасул «Меседил мугьал» абураб т1ехьалда.

Гьел бат1и – бат1иял темабазде рикьун руго. Гьезда гьоркьор г1езаг1анго руго Ват1ан бокьизе малъулелги.

5 абилеб классалъул ц1алдохъабазда малъула кици щиб кколе, аби щиб кколебали. Т1ехьалда ругел кицаби руго бат1и – бат1иял. Гьезул маг1на г1исинал ц1алдохъабазда зах1матго гурони рич1ч1уларо. Учителас кумек гьабизе ккола гьер рич1ч1изе.

Масала: «Ват1ан гьеч1ев чи чед гьеч1еб таргьа»

«Ват1ан тун арасе талих1 кьоларо»

«Нилъер Ват1ан – чохьол эбел,

Чияр Ват1ан – бесдал эбел»

«Чияр ракьалда бугеб ц1удул чияр ракьалда бугеб гъадилг1ан къимат бук1унаребила»

Лъималазда бич1ч1изабила чиясул къимат, живго вижараб ракьалда г1адин, кибниги бук1унарин. Амма гьаб заманалда г1адамасул ихтияр бугин дунялалъул бокьараб бак1алда г1умру гьабизе. Къват1ибги гьесул къимат бук1ине ккани, гьев вук1ине кколин ц1акъго ц1ар раг1арав, к1удияб гьунаралъул чи.

Амма гьев чияс жиндирго Ват1аналъе хъулухъ гьабизе, гьелъул ц1ар раг1изабизе х1алт1изабуни лъик1 бук1инин жиндирго махщелги гьунарги. Дагьал т1адег1анал классазда ц1алдохъабаз мисалал рачуна г1арцухъ бат1ияб х1укуматалъул командабазе г1оло цере рахъунел спортсменазул.

Гьеб лъик1ищ бугеб, яги квешищан гьикъани, гьанже ц1алдохъабаз абула нилъер гьаниб гьел спортсменазе шарт1ал гьеч1олъиялъ бук1унила гьедин. Гьезда г1айиб гьеч1ила. Амма СССРалъул заманалда киндай гьединаб жоялъе къимат кьелаан. Гьелда Ват1ан бичиян абилаан. Цо рахъалъ ихтияр бук1инги лъик1аб жо буго, амма Ват1анги бокьизе ккола.

Лъик1алщинал г1алимзабиги махщалилалги спростменалги г1арцудаги шарт1аздаги хадур улкаялдаса нахъ унел ругони, нилъер Ват1ан киданиги цебе т1езе рес гьеч1о, г1умруги лъик1лъизе гьеч1о нилъер.

Гьедин бухьинабула дица гьел кицабазул маг1на гьанжесеб г1умруялда.

«Ват1анияб т1алаб т1обит1улаго, т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар коченаро»

«Ват1ан ц1унулаго хварал хабалъги ч1аго вук1уна»

Гьал кицабазул маг1на ц1алдохъабаз жидецаго бицуна. Гьединал халкъалда ц1ар к1оченч1ел бах1арзал щал рук1аралали лъала гьезда: Имам Шамил, Мах1ач, К1удияб Ват1анияб рагъул бах1арзал, Ах1улгох1да гъазаваталда хварал ва цогидалги. К1иго дарс бихьизабун буго кицаби ва абиял малъизе. Дица кидаго цояб дарс Ват1аналъул х1акъалъулъ гьезда раг1араб, ц1алараб жо бицине т1амула.





  1. Класстун къват1ибе Ват1ан бокьиялъул темаялда хурхун, дица гьабулеб х1алт1и.

Дагъистаналъул гьанжесел поэтазул ва хъвадарухъабазул творчествоялда Ват1ан бокьиялъул темаялда хъварал кучIдул, къисаби, харбал «ХIакъикъат» газеталда ва журналалда, гьединго «Гьудуллъи» журналалда ахираб заманалда цIакъго гIемер руго, бегIерго борхун буго суал Ват1ан тун унел г1олилазул.

Нилъер, учительзабазул, аслияб масъала буго, Ват1ан бокьиялъул темаялда асар малъулаго, жакъа къоялъ бугеб ахIвал-хIал рагьун цебелъезе, текстал цIалун, гьезул анализал гьарун, гьел битIараб нухде ккезе гьаризе.

Текстазда тIасан сочинение-рассуждение хъвала. КIвар кьола эбелалъул сипаталъе, лъималазул лъикIал ва квешал рахъазе. Квешаб рахъ бугони, лъикIалъул мисалгун дандеккола. Лъималазул квешаб рахъ бугони, квешалдеги кIвар кьола. Гьедин букIине бегьуларо абураб пикруялде рачIуна.

Школалда хIалтIулеб «Чирахъ» абураб факультативияб кружокалда лъималаз жидецаго ургъула куч1дул г1емер руго Ват1аналъул х1акъалъулъ ургъаралги:

Эбелаб ракьалда т1аде къо ккедал,

Рачел къана нилъер къвак1арал васаз.

Рокьукъав тушманас х1акъир гьавизе

Гьукъана къвак1арал нилъер солдатаз.



Херал умумуца маг1у бац1ц1ана,

Михъида х1ур хъвач1ел васал лъукъидал.

Чохьол эбелалъги ч1ег1ер бан буго,

Дунялгун бащадал васал рукъидал.



Хадусеб г1елалъе эркенлъиялъе

Рух1 бичун рагъана нилъер г1олилал

Гьанжесеб г1елалъе бет1ер къулизе

Хут1ун гьеч1о гьезул дагьал гурони.

Алибегова Мадина 11 класс

Рагъ.

Умумуз жегиги бицунеб буго

Дол рагъул соназул сог1лъи ва кьог1лъи

Жакъаги нилъеда раг1улеб буго

Доб рагъда камурал васазул хабар.



Рагъул кьог1лъи лъач1еб хъизан хут1ич1о

Маг1арул росабалъ ва шагьаразда

Гьелъул балагь хъвач1еб бак1го хут1ич1о

Дагъистаналдаги Россиялдаги.



Гьанжесеб г1елалда бич1ч1улеб гьеч1о

Гьаб эркенлъи нилъей кин щварабали.

Къого сон т1убач1ел г1олохъабаца

Сундуй г1оло г1одоб би т1урабали



Дагъистан! Дагъистан! Г1агараб Ват1ан!

Чан жоха дуцаги х1ехьезе ккараб?

Дуца гуребниги дур васацаги

Васал г1езарурал дур улбуцаги.

Саг1идов Х1ажи- 11 класс

Ват1ан ц1уни.

Рак1алда гьеч1ого рек1к1ав тушманас

Нилъер Ват1аналде чабхъен гьабуна.

Чабхъен нахъе ч1вазе данде рахъана

Нилъер Ват1аналъул лебалал вассал


Бах1аралгин хераз бат1алъи гьеч1о

Борчун буго ярагъ,къан буго рачел.

Тушмангун рагъизе гьевгун къеркьезе

Къуркьи гьеч1ел васаз гьабуна ният


Х1алихьатав тушман теларин абун,

Таваккал т1амуна т1олабго халкъалъ.

Хиянатчиясе тамих1 гьабизе

Т1олго халкъ бахъана гьанже къват1ибе.


Жидерго рух1алда барахщич1ого

Рагъана т1олалго, щвана бергьенлъи

Цоял лъукъун тана ,цоял ч1ван лъуна

Цоязул хабарго т1аг1ана гьениб.


Т1убан бергьенлъигун т1ад руссаразул

Бищун дагьаб къадар бук1ана гьезул.

Киг1ан къо бихьунги ,къварилъи щунги,

Босана бергьенлъи нилъер Ват1аналъ.

Шихабудинова Загьра-11 класс

Куч1дул ургъулаго, к1вар кьола Ват1аналъул сипаталъе, лъималазул лъикIал ва квешал рахъазе. Квешаб рахъ бугони, лъикIалъул мисалгун дандеккола. Лъималазул квешаб рахъ бугони, квешалдеги кIвар кьола. Гьедин букIине бегьуларо абураб пикруялде рачIуна.



Компьютер, слайдал, интерактивияб доска, видеофильмал, тестал хIалтIизарун, ракIалда чIоледухъ кьола Ват1ан бокьиялъул темаялда ругелги гьечIелги дарсал.



Цо аби буго: Эбелалъухъ г1енеккуларел Ват1аналъеги мут1иг1лъуларел»

Цо жо ракIалда чIезабе, нужго хвезегIан, цIуне улбул, кумек гьабе улбузе, хъулухъ гьабе, рокьа, кIодо гьаре гьел, Ват1аналде рокьи эбелалдаса байбихьула. Гьединал нуж ругони, нужер лъималги нужее гьединал рукIина.



Х1асил

Г1емер т1инк1ани, т1алдаги карат1 бахъулин абула. Учителасул х1алт1ул х1асил цо къоялъ бихьулеб жо гуро. Дагьабниги пайда дир х1алт1иялъ кьолеб батилин хьул бук1уна дир. Нагагь Ват1ан ц1унизе кколеб бугони, дир рук1арал ц1алдохъаби рахъун ч1еларин абураб жоялдеги хьул бук1уна.

Г1адада х1алт1улев гьеч1о учитель. Амма нижер х1алт1ул гъот1ода пихъ кват1ун гурони балароха!



























Литература

1. Шарапов А.А. Тарбия кьеялъул тIехь 2 бутIа, Издательство «Дельта-пресс» 2010 сон.

2.Г1елмиябгун – практикияб конференциялъул доклад «Школалда авар адабият малъиялъул лъик1ал къаг1идаби». Махачкала 2009 г.

3.Х1амзатов А. Авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алимзабазе творческиял х1алт1абазе мажмуг1. 1-11 кл. 2005 г.

4.Х1амзатов А. Авар мац1. 6-7 кл. Махачкала. 2012 г.

5.Газета «Х1акъикъат» № 48. 2014 г. 21 ноября.

6.Журнал «Гьудуллъи» №4 2009 г.



19



Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Прочее

Целевая аудитория: Прочее.
Урок соответствует ФГОС

Автор: Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Дата: 29.11.2019

Номер свидетельства: 529389

Похожие файлы

object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(119) "Патриотическое воспитание на уроках русского языка и литературы"
    ["seo_title"] => string(71) "patriotichieskoie-vospitaniie-na-urokakh-russkogho-iazyka-i-litieratury"
    ["file_id"] => string(6) "286655"
    ["category_seo"] => string(10) "literatura"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "uroki"
    ["date"] => string(10) "1454385028"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(268) "Отчёт о проведении предметной недели ШМО учителей русского языка, литературы и истории, посвящённой 70-летию Победы в Великой Отечественной войне "
    ["seo_title"] => string(172) "otchiot-o-proviedienii-priedmietnoi-niedieli-shmo-uchitieliei-russkogho-iazyka-litieratury-i-istorii-posviashchionnoi-70-lietiiu-pobiedy-v-vielikoi-otiechiestviennoi-voinie"
    ["file_id"] => string(6) "220207"
    ["category_seo"] => string(10) "vneurochka"
    ["subcategory_seo"] => string(12) "meropriyatia"
    ["date"] => string(10) "1434545723"
  }
}
object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(136) "Духовно-нравственное воспитание учащихся на уроках и во внеурочное время."
    ["seo_title"] => string(79) "dukhovnonravstviennoievospitaniieuchashchikhsianaurokakhivovnieurochnoievriemia"
    ["file_id"] => string(6) "331379"
    ["category_seo"] => string(16) "nachalniyeKlassi"
    ["subcategory_seo"] => string(7) "prochee"
    ["date"] => string(10) "1464612669"
  }
}


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства