kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Открытый урок по родной литературе "Сердце матери"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Открытый урок по родной литературе "Сердце матери"

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок по родной литературе "Сердце матери"»

МКОУ «Чунинская СОШ»

Открытый урок

«Машидат Гаирбекова -Сердце матери»














Подготовила:

Мусаева З. М.






Дарсил мурад:

Эбелалъул хlалимаб, хlеренаб, бахlарчияб, гьайбатаб образ лъималазул рекlелъ бикlи;букъараб зар гlадаб гьитlинабго эбелалъул рекlелъ тlолгоязе ва тlолгоязул ургъелал-пикрабазе бакl букlин загьир гьаби мисалаздалъун, эбелалъул рокьиялъ лъимадул гlадан- чи лъугьинави; гьелдалъун лъимал улбузда цере даим налъулаллъун хутlи цlалдохъабазда бичlчlизаби.

Дарсил эпиграф:

Эбелl Эбелl Эбелl Ракьалда дие

Дудаса хирияб щибниги гьечlо,

Эбелl Эбелl Эбелl Гlазизай эбелl

Тlанчlазул гlузрабаз херлъулей эбелl

Дарсил берзул алатал:

Эбелалъул хlакъалъулъ кицаби, суртал, газетаздасан ва журналаздасан къотlарал макъалаби, слайд- шоу.

Дарсил гlахьалчагlи:

9 классалъул цlалдохъаби, улбул,

мугlалимзаби, лъай кьеялъул управлениялъул идараялъул хlалтlухъаби

Дарсил ин

1. Рокъоб кьураб дарсил цlех-рех гьаби

-Рорчlами, лъимал !

Дарс байбихьизе буго нилъер гlадатаб цlех-рех гьабиялдасан, рокъоб кьураб дарс цlехеялдасан.

Щиб кьун букlараб рокъоб?

lажи Гъазимирзоевасул «Гьудуласде»

Мугlалим

Кинаб къагlидаялдаха ,лъимал, гьес асарал хъван ругел?

-Малъа-хъвай, насихlатал хlисабалда….

Мугlалим

Лъица хъварал гьудуллъиялъул хlакъалъулъ асарал?

-Расул Хl….Фазу А…..М.Шамхаловас…..Сабигат М…..

Кечl бицине бокьарал цlалдохъаби ратани, кечl бицине риччала.

Мугlалим

Лъикl буго, лъимал, дарсиде лъикl хlадурлъун руго

2. Хlаялъулаб минутка

Суалазе жавабал кье.

1.Кинаб поэмаялъе эпиграфлъун росун ругел гьал рагlаби, автор щив вугев?

Дунго рикlкlада вуго,

Дир ракl мугlрузда буго…………………

( Расул Хl. Дир ракl мугlрузда буго)


2.Кинаб асаралдасан росун ругел гьал героял?

Хlайдар, Марям-кlодо, Патlимат, Мурад, Гульжагьан, мария Антоновна, Катурай…..

(Муса М. Манарша)


3.Литературияб термин бате:

а)подлежащее

б)эпитет

в)геминант


4.Жиндирго творчествоялъул хlасилал данде гьарулаго, кинав шагlирас гьеб (жиндирго гlумру) лъабго свериялде бикьулеб бугеб?

1свери – лъимерлъи

2свери – гlолохъанлъи

3свери – кlиабилеб лъимерлъи

а) Расул Хl

б) Сабигат М

в) Мухlамад Ш ( Р. Хlамзатов)

5.Гьал риххун кьурал рагlабиги дандран, куплетал гlуцlе, кинаб кочlолъа росарал ва автор щив вугевали бице.


Росдал тарих лъазе бокьилищ нужей?

Рилълъа годекlанир ганчlазда чlезе

Доба харабаца хъубчулъги тlепун,

Тlамила бицанкlо, бицина хабар……

Гl. Хачалов (Хваразул цlараздасан)


Чlаго хвезе чlоге,къадру-асс цlуне,

Дудаго рихараб чидай гьабуге.

Дурго росу бокьа, гlадатал рокьа.

Гlураб Ватlаналъе ритlухъав вукlа.

Хl.Гъазимирзоев (Васасде)

3. Цlияб дарс

Мугlалим

Жакъа нилъеца лъай-хъвай гьабизе буго Машидат Гъайирбековалъул биографиегун ва гьелъ хъвараб «Эбелалъул ракl» кочlолгун.

Машидат Гъайирбекова гьаюна Гlахьвахъ районалъул Кlаратlа росулъ 29 декабралъ 1927 соналъ. Гьелъ лъугlизабуна Москваялда Горькил цlаралда бугеб лит институт.Асарал хъвазе байбихьана гьитlинго йикlун, тlоцебесеб кучlдузул тlехь «Магlарулалъул рагlи» къватlибе бахъана 1948 соналъ.

Хаду- хадур къватlире рахъана гьелъул асарал:

-Рикlкlадисей яц….

lумрудуе гlоло…

дагъистаналъул гlумруги кьочlое босун хъвана пьеса, ва гlемерал кучlдул.

Жакъасеб нилъер дарс буго тlолго инсанияталъе, тlолго гlаламалъе гlумру кьурай, рахlат – хlалхьи лъаларей, бахlарчияй, хlалимай, хlеренай эбелалъул хlакъалъулъ.

Лъимал, эбелалъул хlакъалъулъ хъвана ва хъвала харбал ва кучlдул шагlирзабаз, доскаялде балагье эбелалъе лъимадул хиралъи кин художниказ бихьизабун бугебали, эбелалъул хlакъалъулъ ахlула щивав кочlохъанас жиндирго тlоцебесеб кечl.

4. Словаралда хъвазе рагlаби

Тlерхьунареб- не исчезающая…..

Бессизе- ткать

Мукъсанлъи-нехватка, недостаток

Къисмат-судьба

5.Гlенеккила «Эбелалъул ракl» кочlохъ

( лъугьун хадуб)

24 ноябрь ккола тlолго улбузул къо.

Эбелl Эбелl Огь гьеб рагlул гьуинлъиги гьайбатлъиги. Лъимералдехун эбелалъул бугеб рокьи- гьеб буго лъицаниги хисулареб, сундухъниги кьолареб хазина. Щивав чиясул гlумруялъулъ гьелъ ккола цо хасаб бакl. Инсан чlаго вугебгlан мехалъ рекlелъаги пикрабазулъаги ине бегьуларо гьеб рагlи. Амма киназдаго гуро гьеб бичlчlулеб, гьеб бичlчlараб мехалъин абуни, нилъ цlакъ кватlун ратула. Ракlалде щвезаве, лъимал, имам Шамиль.

Расулица хъварал гьесул хlакъалъулъ рагlаби:

Дида бицана, имам

Асирлъиялда цеве,

Борхатаб Гъуниб кьурда,

Гьес как балеб мехалда,

Гъосул кlутlбуз букlана,

Кlиго рагlи щурулеб,

Аллагьгун эбелилан,

Эбелгун Аллагьилан.


Мугlалим

-Лъимал, бокьилаан гьанже нужецаги нужерго пикраби загьир гьаруни эбелалда тlасан.

6. Цlалдохъабазул пикраби……


1 цlалдохъан

Эбел, кlоченаро кидаго дуца,

Нижее гьабураб хъулухъ ва дунял,

Ниж сабаблъун тараб сардилаб макьу,

Нижей гlоло кьураб чорхолаб сахлъи.


2 цlалдохъан

Эбел, мун йокьула бищунго дие,

Дуе сахлъи гьарун, дун гlорцlуларо.

Гьал берцинал тlугьдул, гьаб роцlараб зоб,

Гьал гвангъарал цlваби дица дуй кьола.


3 цlалдохъан

Баркала, Эбел, дуй дун гьаюралъухъ,

Баркала. Эбел, дуй гьаб гlумруялъухъ,

Гlумрудул гьал къоял дие кьуралъухъ,

Даимаб рокьигун дунгун йигелъухъ.

4 цlалдохъан

Дица дуе, Эбел, баркала кьола,

Кьеги дуе талихl, щулияб сахлъи.

Цоги дица дуе даим гьарула.

Гьайбатал къоялги, къойил рохелги.

7. Кицабаздаса, газет-журналаздаса пайда боси

Мугlалим

Эбелалъул хlакъалъулъ нужеца рикlкlана кучlдул. Лъикl буго.

Балагье гьанже доскаялде. Гьенир нужеда рихьулел кицабазул магlнаби баян гьаре.

-_Щиб жо кколеб кици?

Цlалдохъан

-Кици ккола гlумруялъул хlалбихьиязул кьучlалда халкъалъ инсанасе гlакълу кьун ургъараб, хlасилалде щвараб, гъваридаб магlнаялъул къокъабго калам. Кицабаз малъула гlагараб ватlан бокьизе , намус бацlцlадго хlалтlизе, квешалдаса цlунизе, какула хlинкъи- къай, хъантlи ва цогидалги гlадамасул гlунгутlаби.

Мугlалим

1.Эбел гьечlеб рукъ – лъим бегараб гьобо.

2.Лъимералъул щиб унтаниги, эбелалъулгийила цадахъго унтулеб.

3.Эбелалъул рекlелъ кидаго гурхlалие бакl батула.

4.Эбелалъул хlатlазда гъоркьила лъималазе алжан бугеб.

5. Эбелалда гlодизе малъуге, гlоралда чвахизе малъуге.


Гьанже дие бокьун буго «Хlакъикъат» газеталдаса къотlараб цо

макъала нужее цlализе, ва нужер пикраби гьелда тlасан кинал ругелали лъазе. Макъалаялда цlар буго

«Огь, эбелалъул ракl»

……….. Дир эбелалъул цояб бер букlинчlо. Гьеб сабаблъун дида гьей эбел цlакъ рихун йикlана. Эбел йихьараб мехалъ нечон холев вукlунаан дун, рекlел рахlат холаан. Чадил кесек босизегlаги гlарац букlинеян, гьей школалда богогьанлъун хlалтlулаан.

Цо нухалъ, дун жеги байбихьул классаздаго цlалулеб мехалъ, дир эбел кин дун вугевали хал гьабизе яккана классалде. Гьебмехалъ хlатlазда гъоркьан ракь анилан ккана дида. Кин кlвараб дир бецай, бер гьечlей эбелалда гьедигlан хlалихьатаб иш гьабизе?

Дица гьей йихьичlеб, лъалареб ххвел гьабуна. Дун нечон вухlулев вукlана. Квеш-квеш гьелъухъги валагьун, дун классалдаса тlурана. Хадусеб къоялъ дир гьалмагъас гьимулаго абуна дида дур эбел цояб бер гьечlей гlадан йикlин лъалароанин жиндайин. Хвараванищ дунгойилан ккана ракlалде гьебмехалъ. Эбелалъе щибниги лъугьунебаниян рукlана ботlролъ пикраби.

Рокъове щваравго, дица эбелалда абуна хунго йикlарайани мунан жакъа дун гьадинаб гlадалаб бакlалде ккезавизегlанилан. Эбел кlалъачlого сихlкъотlун чlана. Дица хlисаб гьабулеб букlинчlо абулеб жоялъул : дун кутакалда ццидахун вукlана. Гьей дие рокъой йихьизецин йокьулей йикlинчlо.

Цlалиги лъугlун, дун батlияб шагьаралде хlалтlизе ана. Ячана чlужуги. Дагьаб мехалдасан гьаруна лъималги. Гlумруялдаса рази вукlана дун.

Цо къоялъ дир эбел нижехъе гьоболлъухъе ячlана. Гьалгощинал соназ дунги дир лъималги рихьун рукlинчlелъул, урхъун йикlанилан абуна гьелъ. Гьей йихьарайго, дир лъимал кlаркlариялда релъизе льугьана.

Дун суризавизе гьание щвезегlанги кин гьалда ячlине кlварабилан ццидаца кьвагьулев вукlана дун. Дун гьелде ахlдана дир рокъоса къватlие айилан. Тlеренаб гьаракьалъ гьелъ хlеренго абуна: « Тlаса лъугьа, дир вас, дида адрес къосараб куц буго,»- ян. Тlокlай дида эбел йихьичlо.

Заманалдасан дие бокьана дирго гlагараб, чlунтараб рукъ бихьизе, ва дун гlагараб росулъе къокъана. Мадугьалзабаз бицана дир эбел дагьай цеегlан хванилан. Дир хlалцин хисичlо гьеб рагlидал. Гьез дихъе кьуна эбелалъ хвалда цебе хъвараб кагъат:

«Дир хирияв васl Дица кидаго дур ургъел гьабулеб букlана.

Тlаса лъугьа дун дур рокъоеги ячlун лъималги хъизанги хlинкъизаруралъухъ. Дун цlакъ пашманго йиго бер гьечlей эбел сабаблъун мун гlелбащадазда цеве нечезе ккаралъухъги. Бокьун букlана дуда цо жо бицине, амма чlаго йикlаго цо хутlараб бералдагlаги мун вихьилин хьул букlана дир. Жеги мун гьитlинго вукlараб мехалъ, чlахlиял лъималаз речlчlараб гамачlги щун, дур цо бер бахъана.

Дир вас гlумруялъго бер гьечlев, цогидал лъималаздаса батlияв вукlине вугилан абураб пикруялда разилъизе кинго кlоларого йикlана дун.

Гьединлъидал дица дирго цо бер дуе кьуна, дир вас. Дун йохарайги чlухlарайги йиго дир бералдалъун дуда дуниял бихьулеб букlиналдаса.

Тlаса лъугьа киналъухъго. Дур эбел.»

Макъала цlалидал нилъеда бичlчlулеб буго вас цохlо эбелалъ хьихьарав вукlин, цо, кlиабизеги, вас кваникъго течlого вукlиналъе гlоло эбел школалъул богогьанлъун хlалтlулей йикlин, ва ,лъабабизеги, вас бецав теялдаса жийго бецай йикlинин ккун, эбелалъ жиндирго бер васасе кьей, ва Эбелалъул ракlалъул сахаватлъиги васасул хlалихьалъиги.

Мугlалим

-Кинавха, нужер пикруялда рекъон, вас вугев?

- Хlалихьатав, гурхlел – рахlму гьечlев.Гьесие эбелалъул гьечlо дагьабниги къимат.

Мугlалим

Битlараб бицани, лъимал, эбелалъул хъизаналъе бугеб хиралъи, хlалимлъи, хlеренлъи, лъикlлъи борцунеб борцаро батиларилан ккола гьаб ракьалда. Гьеб борцунги рагlалде щоларилан ккола ракlалде. Рачlа нилъ пикрабазулъниги лъедезе нилъерго лъимерлъуде, цебе чlезабизе нилъерго кинида рущараб

Заман( сурат бихьизабун бицина)

Гьаб , 2-3 кг. цlайи бугеб лъимер гlадамазулъе бахъинабизе эбелалъе къваригlунеб къохlехьейги, сахлъиги, сабруги цохlо аллагьасда гурони лъаларо. Эбел хlадурай йикlуна хъизаналъе бахъун ракlги кьезе.

Щайха хъизаналда-лъималазда гьеб бичlчlулареб?

Эбел нилъее къваригlунареб къо букlунаро, амма щаяли эбелалъул къимат нилъеда чlаго йигебгlан мехалъ бичlчlуларо, нилъеда ракlалде ккола гьей кидаго нилъеда цадахъ йикlинилан. Эбелалъул лъимералде бугеб рокьи - гьеб буго лъицаниги хисулареб, сундухъниги кьолареб хазина. Щивав чиясул гlумруялъулъ гьелъ ккола цо хасаб бакl. Инсан чlаго вугебгlан мехалъ рекlелъаги пикрабазулъаги ине бегьуларо гьеб рагlи, щайгурелъул эбел ккола нилъер гlумрудул аслу ва кьучl.

Гьанже гlенекке ва балагье гьитlинабго эбелалъул хlакъалъулъ слайдалъухъ ва нашидалъухъ.

8. Дарсида ИКТ хlалтlизаби

Дарсил лахlзаталда.

Авар театралъул артист

Хирамухlамад Хирамухlамадовас цlалулеб буго

« Дуда эбелалъул берал рихьанищ ?» абураб кечl.

Мугlалим

Цо чияс аварагасда ( с.т.гl. в.) гьикъун буго дуе бищун гlагарав ва хирияв чи щивилан, дуца бищунго хlурмат лъил гьабулебилан. Аварагас (с.т.гl.в.) жаваб кьун буго эбелалъулилан.

Дов чияс нахъеги гьикъун буго, кlиабилеб иргаялда лъилха гьабулебилан. Аварагас (с.т.гl.в.) жаваб кьун буго эбелалъулилан. Лъабабизеги гьикъун буго дов чияс. Аварагас жаваб кьун буго эбелалъулилан.

Ункъабизеги кьун буго гьебго суал. Ункъабизе Аварагас жаваб кьун буго инсулилан. Гьедигlан хирияй гlадан ккола эбел.

9. Тlехьалда тlад хlалтlи(заман хутlани, кечl пасихlго цlализе лъимал тlамила)

10.Дарс щула гьаби-

1.Лъие нилъ гlумруялъ налъулал ругел?

2.Щай?

3.Гьабулебищха нилъеца букlине кколеб даражаялда эбелалъул адаб-хъатир?

4. Газеталдаса цlалараб макъалаялъ сунде нилъ ахlулел ругел?

11. Рокъобе хlалтlи

Кечl рекlехъе лъазабизе, Машидат Гъ. биографие лъазабизе ва темаялда хурхинабун суратал рахъине.

12. Дарсил хlасилал рачи, къиматал лъей.

Мугlалим

Дарс лъугlизабизе бокьун буго дий гьадинал

рагlабаздалъун:


Эбелилан абун Аллагьас йижун,

Ракьалда биччараб бичасул хlикмат,

Мун вихьараб мехалъ кlодолъун уней,

Дуца тараб мехалъ гьитlинлъун уней.

Цlуне улбул, лъималl

Хадур кватlун ккезе бегьулин.

Ругебгlан мехалъ адабги гьабе , хlурматги гьабе.

Гьаризе бокьун буго талихlаб гlумру нужей.

Улбул къварид гьаруге, улбул рохизе гьаре.

Гьездасанин нужее алжан насиблъилебги.

Баркала дарсида гlахьаллъизе рачlаразе. Цlалдохъабазин абуни, ракlалде ккола, жакъа бицараб дарсил хlасил гьабилилан, ва эбелалъул адаб рехиларилан.



























Дарсил этапал:










Рокъоб кьураб дарс бицине цlалдохъаби тlами.

2.Хlаялъулаб минутка

3. Цlияб дарс

4.Словаралда тlад хlалтlи.

5.Кочlохъ гlенекки

6. Цlалдохъабазул пикраби..

7.Кицабаздаса, газет-журналаздаса пайда боси

8. Дарсида ИКТ хlалтlизаби

9. Тlехьалда тlад хlалтlи.

10. Дарс щула гьаби.

11. Рокъобе хlалтlи-Машидат Гъ. биографие цlализе, кечl лъазабизе ва темаялда хурхинабун сурат бахъизе….

12.Дарсида гlахьаллъи гьабурал цlалдохъабазе къиматал лъей.



1 цlалдохъан

Эбел, кlоченаро кидаго дуца,

Нижее гьабураб хъулухъ ва дунял,

Ниж сабаблъун тараб сардилаб макьу,

Нижей гlоло кьураб чорхолаб сахлъи.


2 цlалдохъан

Эбел, мун йокьула бищунго дие,

Дуе сахлъи гьарун, дун гlорцlуларо.

Гьал берцинал тlугьдул, гьаб роцlараб зоб,

Гьал гвангъарал цlваби дица дуй кьола.


3 цlалдохъан

Баркала, Эбел, дуй дун гьаюралъухъ,

Баркала. Эбел, дуй гьаб гlумруялъухъ,

Гlумрудул гьал къоял дие кьуралъухъ,

Даимаб рокьигун дунгун йигелъухъ.


4 цlалдохъан

Дица дуе, Эбел, баркала кьола,

Кьеги дуе талихl, щулияб сахлъи.

Цоги дица дуе даим гьарула.

Гьайбатал къоялги, къойил рохелги.








Росдал тарих лъазе бокьилищ нужей?

Рилълъа годекlанир ганчlазда чlезе

Доба харабаца хъубчулъги тlепун,

Тlамила бицанкlо, бицина хабар……



Чlаго хвезе чlоге,къадру-асс цlуне,

Дудаго рихараб чидай гьабуге.

Дурго росу бокьа, гlадатал рокьа.

Гlураб Ватlаналъе ритlухъав вукlа.



Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Литература

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 9 класс

Скачать
Открытый урок по родной литературе "Сердце матери"

Автор: Мусаева Зарият Магомедовна

Дата: 24.03.2021

Номер свидетельства: 576546

Похожие файлы

object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(119) "Открытый урок русской литературы "Календарные обряды. Масленица""
    ["seo_title"] => string(67) "otkrytyi_urok_russkoi_litieratury_kaliendarnyie_obriady_maslienitsa"
    ["file_id"] => string(6) "353826"
    ["category_seo"] => string(10) "literatura"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "uroki"
    ["date"] => string(10) "1477923140"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(106) "Открытый урок на тему : «Исторические легенды Казахстана»"
    ["seo_title"] => string(61) "otkrytyi_urok_na_tiemu_istorichieskiie_lieghiendy_kazakhstana"
    ["file_id"] => string(6) "451852"
    ["category_seo"] => string(16) "nachalniyeKlassi"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "uroki"
    ["date"] => string(10) "1516690507"
  }
}
object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(134) "Конспект открытого урока по литературе на тему "Волшебный мир Хогвартса" "
    ["seo_title"] => string(79) "konspiekt-otkrytogho-uroka-po-litieraturie-na-tiemu-volshiebnyi-mir-khoghvartsa"
    ["file_id"] => string(6) "232174"
    ["category_seo"] => string(10) "literatura"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "uroki"
    ["date"] => string(10) "1442763580"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(65) "Кейс - урок по литературному чтению "
    ["seo_title"] => string(38) "kieis-urok-po-litieraturnomu-chtieniiu"
    ["file_id"] => string(6) "129174"
    ["category_seo"] => string(16) "nachalniyeKlassi"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "uroki"
    ["date"] => string(10) "1415642812"
  }
}
object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(76) "конспект урока на тему "Люблю Отчизну я..." "
    ["seo_title"] => string(44) "konspiekt-uroka-na-tiemu-liubliu-otchiznu-ia"
    ["file_id"] => string(6) "156854"
    ["category_seo"] => string(10) "literatura"
    ["subcategory_seo"] => string(7) "prochee"
    ["date"] => string(10) "1421498345"
  }
}


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства