kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

«Ганч1ил вас».

Нажмите, чтобы узнать подробности

«Ганч1ил вас».«Ганч1ил вас».«Ганч1ил вас».«Ганч1ил вас».«Ганч1ил вас».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
««Ганч1ил вас».»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Ганч1ил вас»- 5 кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна



Лологонитль.2016г.



МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Ганч1ил вас»- 5 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.













Лологъонилъ. 2016 с.



Дарсил тема: «Ганч1ил вас».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ авторас Ват1аналде бугеб рокьиги, тушманасде бугеб ццинги, дагъистанияз тушманасде данде гьабулеб къеркьейги, гьит1инав васасул образалдалъун, рагьун бугеб куц бихьизаби.

-Халкъияб биценалъе баян кьей. Маргьаялдаги халкъияб биценалдаги гьоркьоб бугеб бат1алъи бихьизабизе бажари.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Ват1ан бищун к1удияб бечелъи бук1ин бихьизаби.

-Бах1арчилъи маг1арулазул бидулъ бессун бук1ин бихьизаби.

-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.



Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, кицабазул таблица.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби.

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Рек1елгъеялъулаб грамматика ;

,+ . ,

б) халкъияб бицен, маргьаялдаги биценалдаги гьоркьоб бат1алъи;

в) Ват1ан- бищун к1удияб бечелъи;

в) Рекъав Тимуриде данде маг1арулаз гьабураб рагъ.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей. Рек1елгъеялъулаб грамматика.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

в)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).





Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби.

- Фольклор щиб кколеб?

- Цояз цоязда бицун, халкъалъ ц1унараб, г1елалъ г1елалъухъе кьун, нилъехъе щвараб, хасав автор гьеч1еб асар.

- Кин асар халкъияблъун лъугьунеб?

- Асар цо чияс ургъун бук1уна, хадуб халкъалъухъе щола. Халкъалъ, к1очене риччач1ого, ц1унула г1иц1го лъик1ал асарал. Заман г1емер иналъ, авторасул ц1ар к1очола. Щвалде щвараб маг1наги гьединал асаразе халкъалъ кьун бук1уна.

- Нужедаго лъалел халкъиял асарал рик1к1е.

- ------------------------------------------------

- Халкъиял асаразул тайпаби рик1к1е.

- Кеч1, баллада, халкъияб бицен, аби, бицанк1о, кици, маргьа… .

- Г1адамаз рак1гъеялъе, анищ- хьул рагьиялъе г1оло ургъун бахъараб асар?

- Маргьа.

- Маргьабазул тайпаби рик1к1е.

- Х1айваназул х1акъалъулъ, г1ажаибал лъугьа- бахъиназул х1акъалъулъ, рук1а- рахъиналъул.

- Нужедаго лъалел маргьаби рик1к1е.

----------------------------------------------------



  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Рек1елгъеялъулаб грамматика.ребус.



б) Ват1ан- бищун к1удияб бечелъи;

Ват1ан- бищун к1удияб бечелъи. Ват1анлъун ккола г1умру гьабулеб пачалихъ, улка, нилъ рижараб ракь. Ват1ан байбихьулаг1агараб рукъалдаса, росдадаса, шагьаралдаса…

Нилъер Ват1ан байбихьула, лъимал, Лологъонилъ росдадаса. К1удияб, г1ахьалаб Ват1анлъун ккола Г1ахьвахъ район, Дагъистан, Россия. Ват1ан бихьизабизе бегьула матрёшкаялъул суратаздалъун.





Бищун гьит1инаб- Лологъонилъ росу,к1иабилеб- Г1ахьвахъ район, лъабабилеб- Дагъистан, бищун к1удияб- Россия.



Берцинаб, гучаб ват1ан буго нилъер. Ч1ух1изе ккола гьединаб Ват1аналдаса.



б) халкъияб бицен, маргьаялдаги биценалдаги гьоркьоб бат1алъи;

Жакъа нилъеца ц1ализе буго Ват1аналде бугеб кутакаб рокьул тушманасде бугеб гьалагаб цциналъул бицунеб халкъияб бицен. Бицен ккола цо кинаб бугониги к1очонареб тарихияб лъугьа- бахъиналъул яги инсанасул бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ бицунеб халкъияб к1алзул гьунаралъул асар.

Щиб бат1алъиха бугеб маргьаялдаги биценалдаги гьоркьоб?

Маргьаялъ бицуна, инсанасул анищазда, хьулазда рекъон, ккезе бокьарал лъугьа- бахъиназул. Биценлъун хут1ула халкъалда к1очонареб к1удияб к1варалъул х1акъикъияб лъугьа- бахъин.

«Ганч1ил вас» ккола 14 г1асруялда рик1к1ен г1емерал аскаралгун вач1арав рекъав Тимуриде данде дагъистанияз гьабураб бах1арчияб рагъалъ бижизабураб бицен.

в) Рекъав Тимуриде данде маг1арулаз гьабураб рагъ.

Тимур гьавуна 1336 соналъул 9 апрелалда гьанжесеб Узбекистаналъул ракьалда. Хвана гьев 1405 соналъ, вукъун вуго Самаркандалда. Гьесул ц1ар т1ибит1ун бук1ана зулму- х1ал ц1ик1к1арав, гурх1ел гьеч1ев хан х1исабалда. Гьес мук1ур гьабураб ракьалда г1умру гьабулеб бук1ана 40 миллион чияс. Гьеб кколеб бук1ана дунялалда доб мехалъ рук1арал г1адамазул бащалъи. 1395, 1396 сс. Тимурица к1иго сапар бухьана Дагъистаналде. Гьес рахъана Дагъистаналъул г1емер ракьал(даргиязул. Тумазул. Лъараг1азул. Аваразул), биххизабуна анц1- анц1 хъала, росу, ч1вана г1емерал г1адамал. Доб заманалда Кавказалда вук1арав Галонифонтибус абурав франциялъул католикас хъвалеб буго: «Тимурица х1аракат бахъула т1адмаг1арухъе ворч1изе, нусазарго чигун. Ризаб рохьалда цеде гьесие дандеч1ей гьабула маг1арулаз. Тимурил аскаралда г1емерал камиял ккана, гьединлъидал Тимурица нахъруссине буюрухъ кьуна». Тимуриде данде бах1арчияй ясалъул бет1ерлъиялда гъоркь дагъистанияз гьабураб рагъул бицунеб буго «Парту- Пат1има» абураб асаралъулъги.



  1. Учителас асар ц1али.











  1. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей (словарияб х1алт1и). Рек1елгъеялъулаб грамматика.

Варани- , караван- , ц1ал-





Буртина- , иргъахъ- , Эльбрус-

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

-Халкъияб бицен сунда абулеб?

- Халкъияб биценалдаги маргьаялъулги бат1алъи щиб?

-Биценалъулъ кинаб х1акъикъияб лъугьа- бахъиналъул бицунеб бугеб?

- Маргьаялда релълъаррраб щиб бугеб асаралъулъ?

- Тимурил х1акъалъулъ нужеда щиб лъалеб?

- Кинавлъун вихьизавун вугев гьев асаралъулъ?

- Лъеда хадур щай к1удиял караванал рит1арал? Щиб гьелъ бихьизабулеб?

-Дагъистаналъул халкъ щай муг1рузде араб?

- Тимурил щай ццин бахъараб?

- Щай васас лъим бугеб бак1 бихьизабич1еб? ( Васас абула, ракь г1адин, лъимги гьелъул бет1ергьабазе хирияб бугин.

-Г1убайдулаца гьит1инав вехьасда «ганч1ил вас» абун ц1ар лъеялъе г1илла?

- Кинаб х1укму гьабизе т1амурав васас тушман?

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

- Ват1ан хириясе хвел бук1унареб?

- Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа.

- Бах1арчи цоц1ул хола, х1алихьат нусц1ул хола.

- Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1ван лъик1.

в)асаралъул идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

- Маг1арулазул бидулъ бессун буго бах1арчилъи. Х1алихьалъиги зулму- х1алги гьез х1ехьоларо. Тушманасе наку ч1ваялдаса хвелго т1аса бищула. Ват1ан бокьизе ккола, ц1унизе ккола, х1адур рук1ине ккола Ват1аналъе г1оло къеркьезеги.

  1. Рокъобе х1алт1и.

Асаралда данде кколеб цо сурат бахъизе. Асаралъул темаялда данде кколел кицаби лъазаризе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).






Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 5 класс.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
«Ганч1ил вас».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530460

Похожие файлы

object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(69) "конспект урока по истории Казахстана "
    ["seo_title"] => string(38) "konspiekt-uroka-po-istorii-kazakhstana"
    ["file_id"] => string(6) "154374"
    ["category_seo"] => string(8) "istoriya"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "uroki"
    ["date"] => string(10) "1421154384"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(65) "презентация к игре "Что? Где? Когда?" "
    ["seo_title"] => string(41) "priezientatsiia-k-ighrie-chto-gdie-koghda"
    ["file_id"] => string(6) "127018"
    ["category_seo"] => string(10) "matematika"
    ["subcategory_seo"] => string(12) "meropriyatia"
    ["date"] => string(10) "1415260175"
  }
}


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства