МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
Открытый
урок
Тема:
«Р. Х1амзатовасул г1умру ва творчество. Дарс- «Поле чудес»»- 9кл.
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Пахрудинова Саламат
Назирбеговна
Лологонитль.2016г
МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
РАГЬАРАБ ДАРС
Тема:
««Р. Х1амзатовасул г1умру ва творчество. Дарс- «Х1икмалъабазул байдан»- 9кл.
Х1адурана авар мац1алъул ва
литератураялъул муг1алим
Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.
Лологъонилъ. 2016 с.
Дарсил тема: Расул Х1амзатовасул г1умру ва творчество. Дарс-«Поле Чудес»(«Х1икмалъабазул байдан»).
Дарсил мурадал:
Лъай кьеялъул:
- Расул Х1амзатовасул творчество щула гьаби. Гьесул раг1ул къуват, гьунаралъул к1одолъи бихьизаби. Гьес нахъа тун бугеб х1икматаб, зах1матаб, рух1ияб къуватги рек1ел къвак1иги къвариг1унеб нух бихьизаби.
Лъай цебет1еялъул:
- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.
-К1алзул калам цебет1ей.
Тарбия кьеялъул:
- Рахьдал мац1алде рокьи бижизаби.
- Литератураялде рокьи бижизаби.
-
Дарсил алатал: т1ахьал, реферат, суратал, т1ахьазул выставкат1ад тарихал ва г1аламатал рахъараб гор- хъарщи, компьютер.
Дарсил план:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Ц1ияб темаялъе баян кье:
а) Х1икматав Расул ;
б Расул Х1амзатовасул г1умру ва творчество;
в) Расулил шапакъатал.
Дарс щула гьаби: «Х1икматаб байдан»(«Поле чудес».
Рокъобе х1алт1и.
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).
Дарсил ин:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Жакъа нилъеца дарс байбихьила г1адатияб гуреб къаг1идаялъ. Нужедаго лъай лъил х1акъалъулъ жакъа бицине бугебали. Лъие сайгъат гьарурал раг1аби кколел гьал?
Ц1ияб темаялъе баян кье:
а) Х1икматав Расул.
Бергьараб гьунаралъул, махщелаъул, бажариялъул, махщелалъул гвангъарав поэт вуго Расул. Гьесул ц1арги асаралги абадиялъго к1оченаро инсанияталда. Бищунго машгьурал поэтазул кьерда рехсела г1адамаз даимго Расулил ц1ар. Гьесул поэзиялъ гьавураб ракьалъул г1ураб улкаялъул г1орхъаби тана. Расулги гьесул асаралги лъалареб улка дунялалдаго батиларо. Цох1о «Къункъраби» абураб кеч1 буссинабун буго дунялалъул анц1- анц1 мац1азде.Гьесул шиг1руялъ дунялалдаго лъазабуна Дагъистан.
Гьесул бег1ераб, пасих1аб махщелалъ х1айран гьабуна т1олабго дунял,жиндирго г1адамаздехун, Ват1аналдехун, гьабулеб х1алт1удехун бугеб рокьиялъ мук1ур гьаруна гьес г1адамазул рак1ал. Бигьаяб бук1инч1о Расулил поэзиялъул нух. Гьесул г1умруялъухъ ва творчествоялъухъ нилъ балагьани, бихьула киг1ан зах1матаб, х1икматаб, рух1ияб къиматги рек1ел къвак1иги къвариг1унеб нух гьес нахъа тун бугебали. Зах1мат бук1уна, гьесул пагьмуялъе къимат кьолаго, мустах1икъал раг1аби ратизе, загьир гьабун бажарулареб пагьму кьун буго гьесие. Дагъистаниял ч1ух1арал руго Расулидаса. Гьев мустах1икъав вуго бищунго т1адег1анаб ц1ар-реццалъе. Гьев вахана к1удияб борхалъиялде. Г1ажаибго пасих1ал ва маг1на гъваридал асараз пана гьарула г1адамал. Цох1о асар буго гьесул прозаялдалъун хъвараб. Гьеб Расулил асар ц1ализе буго нилъеца хадусел дарсазда. Хъвараб къаг1идацин хасаб буго гьелъул. «Дир Дагъистан»- гьеб буго к1удияб даражаялъул асар. Гьеб ц1аларав чи х1икмалъула Расулил гьунаралда, гьесул пикруялда, г1акълуялда, жиндирго пикру рагьизе, бихьизабизе гьесда ратулел раг1абазда. Гьеб буго г1акъилаб т1ехь. Гьединалго маг1на гъваридал руго гьесул куч1дулги.
Расул 2003 соналъ хвана 80 соналъул г1умруялъул ригьалда, хвел гьеч1ел асаралги халкъалъе тун.
б) Расул Х1амзатовасул г1умру ва творчество;
Расул ХIамзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзахъ районалъул ЦIада росулъ.
ТIоцебесеб кечI гьабуна 11 сон барав васас.
ТIоцебесеб кечI басмаялда бахъана 7 классалда цIалулев вугеб мехалъ.
10 класс лъугIизегIан цIалана ГIараниб школалда , цинги цIализе ана Буйнакск шагьаралда рагьараб педучилищиялде.
1940 с . лъугIана педучилище, Расул вуссана росулъе, хIалтIана ГIаранив учительлъун.
ХIалбихьи гьабуна Авар театралда хIалтIизе( артист, режиссерасул кумекчи), хIалтIана газеталъул ва радиоялъул хIалтIухъанлъунги.
1943 с. къватIибе биччана «ХIасратаб рокьиги боркьараб ццинги» абураб тIоцебесеб тIехь.
К1икъоабилел соназ къват1ире риччана «Ц1адулал жугьаби», «Нижер муг1рузда», «Дир гьудул» абурал т1ахьал.
1945 с. ана Москваялде М. Горькил цIаралда бугеб институталде цIализе.
Гьебго соналъ институталде лъугьарай Инна Гофица хъвавухъе, доб соналъ институталде гIарза кьун буго 500 чияс, восун вуго 17 чи. Гьел 17 гъорлъе Расулги ккун вуго.
1950 с. лъугIана институт, вищана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул председательлъун.
Соналдаса соналде бечелъана махщел: хъвана проза, театраз лъуна «МагIарулай» драма, хъвана гIемер аласарал. Гьел рахъун руго 6 томалда (1973 с.), гьезда хадур рахъарал «Ахирияб бaгьа» (1976 с.), «КучIдул» (1979 с.), «МагIарулкъиса» (1982 с.), «ГIумруялъулгьоко» (1985 с.), «Концерт» (1988 с.), «Къобащалъукь щобда Дагъистаналда» (1990 с.), «Дир Дагъистан», «Г1ахьалаб чед», «Мулатка», «Т1адег1анал ц1ваби», «Ц1ваялда ц1ва буго к1алъай гьабулеб» «Соназул ч1умал», гьединго хадусел соназда къват1ире риччарал данде гьарурал асаразул жеги лъабго томалда ва цогидалги тIахьазда.(Къват1ибе биччан буго лъабкъогоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь.
)
в) Расулил шапакъатал.
Расул Х1амзатов мустах1икълъана:
Х алкъалъ дие кьурал
Орден- медалал
Дица дир муг1рузул
Каранда рала.
1952с. «Дун гьавураб сон» абурабпоэмаялъухъ
Пачалихъияб премиялъе (Сталинилабпремиялъе),
1959с . Халкъияв поэтасул ц1аралъе,
1963с . «Т1адег1анал ц1ваби» абураб т1ехьалъухъ
Ленинилаб премиялъе,
1974с . Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи
абураб ц1аралъе,
2003с . Андрей Первозванниясул орденалъе ,
-------IIIдаражаялъул «Ват1аналда цере гьарурал хъулухъазе г1оло» орденалъе,
------- РСФСРалъул ва СССРалъул Пачалихъиял премиязе,
-------4 Ленинил орденалъе,
-------Октябралъул революциялъул орденалъе,
-------Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул 3 орденалъе,
-------Халкъазул гьудуллъиялъул орденалъе,
------- Петр I орденалъе,
-------Болгариялъул Кириллил ва Мефодиясул орденалъе,
------Африкаялъул ва Азиялъул хъвадарухъабазул цолъиялъул премиялъе ,
-------«Хиросимаялъул ц1умур», «Дуг1а» абурал асаразухъ «ХХ г1асруялъул поэзия» абураб конкурсалъул т1оцебесеб премиялъе,
-------ХристоБотевасул ,Фирдоусил, Джавахарлал Нерул ц1аразда ругел, «Лотос» халкъазда гьоркьосел, М.А.Шолоховасул, Лермонтовасул,
Стальскиясул, Фадеевасул, Мах1мудил, Батирайил, Ц1адаса Х1амзатил ва гь.ц. премиязеги .
Дарс щула гьаби;
«Поле Чудес» («Х1икмалъабазул байдан»). Гьединаб передача бихьич1ев чи ватиларо. Нужеца свеизабизе ккола т1ад тарихалги ишарабиги лъураб гор- хъарщи. Гьеб сверизабизе ккола.
15, 80, 45- х1арп абизе бегьула,
П- приз,
Б- ирга цогидасде щола,
+ - Бокьараб х1арп рагьизе бегьула,
- бокьараб рек1елгъеялъулаб номер бихьизабизе.
Класс бикьула лъабго группаялде, жиб- жиб группаялъе кьола ц0- цо суал. Бергьарав уна финалалде, гьенивги бергьарав уна суперфиналалде.
Суалал:
Ц1адаса Х1амзат г1емерал соназ бат1и- бат1иял росабалъ дибирлъун. Х1акъикъаталдаги Расул гьавуна цогидаб росулъ. Кинаб росулъ гьавурав Р. Х1амзатов. (Гьарадерихъ);
Лъил памятникалда цеве вахъун ч1ун вук1аго, Расулил пикру бижараб «Къункъраби» хъвазе? (Сасаки);
«Улкаялда кибго буго гласность, дие бокьун буго дургун согласность». Лъие сайгъат гьабураб т1охьода хъван ругел гьединал раг1аби?
«Къункъраби» абураб кеч1 г1урус мац1алде лъица буссинабураб?- финалалъул суал;
Литератураялде Х1амзатов вач1ана Расулил ц1аралда гъоркь. Гьавураб мехалъ эбел- инсуца гьесие цогидаб ц1ар кьун бук1ана.
Расулил унго- унгояб ц1ар?- суперфиналалъул суал.
Рокъобе х1алт1и.
Расулил х1акъалъулъ кеч1 хъвазе.
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).