МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
Открытый
урок
Тема:
«Предметияб ц1аралъул цолъул ва г1емерлъул форма»- 6 кл.
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Пахрудинова Саламат
Назирбеговна
Лологонитль.2015г
МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
РАГЬАРАБ ДАРС
Тема:
««Предметияб ц1аралъул цолъул ва г1емерлъул форма»- 6 кл.
Х1адурана авар мац1алъул ва
литератураялъул муг1алим
Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.
Лологъонилъ. 2015 с.
6 класс.
Дарсил тема: Предметияб ц1аралъул цолъул ва г1емерлъул форма.
Дарсил мурадал:
Лъай кьеялъул:
- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби.
- Предметияб ц1аралъул формабазул к1вар бихьизаби,
предметияб ц1ар г1емерлъул формабазда лъезе бажари.
- Цолъул форма г1емерлъул формаялде хисулаго х1арпазулъ
кколеб хиса- баси бич1ч1изаби.
Лъай цебет1еялъул:
- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.
-К1алзул калам ва хъвавул бажари цебет1ей.
-Ц1алдохъабазул лъаялъул хал гьаби, цебехун гьезда лъараб
материал щула гьаби.
Тарбия кьеялъул:
-Т1абиг1аталъул берцинлъи бихьизе ругьун гьари.
-Т1абиг1ат ц1унизе ккеялъул к1вар бич1ч1изаби.
Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер,презентация, суратал.
Дарсил план:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Рокъобе кьураб х1алт1иялъул хал гьаби.
Словарияб диктант. (Раг1абазул бит1унхъваялъе баян кьей)
Цебехун малъараб материал такрар гьаби.
Ц1ияб темаялъе баян кьей:
Дарс щула гьабиялъе х1алт1аби:
А. Бит1араб сурат бище.
Б. Сапаралъул заманалда т1адкъай.
В. Т1ехьалдаса х1алт1аби:№1, №2.
Самостоятельнияб х1алт1и.
Рокъобе х1алт1и.
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).
ДАРСИЛ ИН:
1.Класс дарсиде х1адури.
2.Дарсил мурадал.
3.Рокъоб х1алт1иялъул хал гьаби. (Ц1алдохъабазул суалазе жавабал кьей(ратани).
4. Словарияб диктант. (Раг1абазул бит1унхъваялъе баян кьей)
Мух1амадх1абиб, эбел- эмен, квербац1ц1, улка- ракь, г1ужрукъ, х1амизаз
5. Цебехун малъараб материал такрар гьаби.
-Щиб кколеб морфология?
-Каламалъул бут1абазул , гьезул грамматикиял г1аламатазул
х1акъалъулъ бицунеб грамматикаялъул цо бут1аялда морфология абула.
- Чан каламалъул бут1а бугеб?
- Анц1го.
- Каламалъул бут1аби кинал группабазде рикьулел? Щай?
- Жалго жидедаго ч1арал каламалъул бут1аби ва кумекалъул
каламалъул бут1аби. Жалго жидедаго ч1арал каламалъул бут1абазе
суал лъезе бегьула, предложениялъул членаллъунги ккола.
Кумекалъул каламалъул бут1абазе суал лъезе бегьуларо, гьел
предложениялъул членаллъунги кколаро.
- Жалго жидедаго ч1арал каламалъул бут1аби рик1к1е.
- Предметияб ц1ар, прилагательное, глагол, рик1к1ен, ц1арубак1, наречие.
- Шиб кколеб предметияб ц1ар?
- Предметияб маг1наги бич1ч1изабулеб ва щив?щий? щиб? щал?
абурал суалазе жаваблъунги бач1унеб каламалъул бут1а.
- Г1адатал падежал рик1к1е.
- Аслияб, актив, хаслъул, кьовул.
- Бак1алъул падежал рик1к1е.
Жинда, жинде, жиндаса(н), жиндихъ, жиндихъе, жиндихъа(н),
жиндилъ, жиндилъе, жиндилъа(н), жиндикь, жиндикье, жиндикьа(н)…
- Вас, чанахъан абурал предметиял ц1арал г1адатал падежазде сверизаре.
Аслияб падеж вас, чанахъан
Актив падеж васас, чанахъан
Хаслъул падеж васасул, чанахъанасул
Кьовул падеж васасе, чанахъанасе
6.Ц1ияб темаялъе баян кьей( Ц1алдохъабазул кумекалдалъун).
«Предметияб ц1аралъул цолъул ва г1емерлъул форма».
Гьале нилъер дарсил тема. Лъимал, гьеб тема нилъеца ц1ияб
темалъун рик1к1ине бегьиларо, щай гурелъул предметияб
ц1аралъул формабазул нилъеца бицун бук1ана 5 классалдаги.
Нужер кумекалдалъун, рагьила нилъеца гьеб тема. Кьела нужее суалал,
нужеда лъач1елъе дицаго баянги кьела.
- Чан форма бугеб предметияб ц1аралъул?
- К1иго.
- Рик1к1е.
- Цолъул форма ва г1емерлъул форма.
- Щиб бихьизабулеб цолъул формаялъ?
- Цох1о предмет бук1ин.
- Щиб бихьизабулеб г1емерлъул формаялъ?
- Г1емер предметал рук1ин.
7. Дарс щула гьабиялъе х1алт1аби:
А. Бит1араб сурат бище.
- Лъимал, жакъа нилъеца сапар гьабизе буго рохьобе . Гьале нилъеда
цебе рохь. Сапаралъ рахъунаго, цадахъ щиб босани, лъимал,
лъик1аб бук1унеб? Суратазухъги балагьун, бит1араб бище.
Бищила
- Щай хъухъадироги г1ащт1иги бищич1еб? Спичкаби росизе бегьулищ?
-. Гьел ккола т1абиг1аталъул тушбаби. Т1абиг1ат бечелъи ккола. Т1абиг1аталъ кьола нилъее кваназеги рет1инеги. Гъут1би къот1изе бегьуларо.Рохьоре спичкаби росич1они лъик1. Рохь ц1а ккеялдасаги ц1унизе ккола Т1абиг1ат ц1унизе ккола. Сураталда бихьизабун буго хасалихълъиялъул заман. Кват1ич1ого бала г1азу. Х1анч1азе квен балагьизе зах1малъила. Гьединлъидал бищизе кола к1иабилеб сурат, щай гурелъул х1анч1и нилъер гьудулзаби ккола. Гьез ц1унула ахал, хурзал. Нилъеца гьелги ц1унизе кола.
Б. Сапаралъул заманалда нужеца рак1аре гьенир дандч1валел предметал. Гьел г1емерлъул формаялда лъе.
Рохь- рохьал,
гъвет1- гъут1би,
лъар- лъарал,
г1аркьел – г1аркьалаби,
т1амах- т1анхал,
рукъ- рукъзал,
рит1уч1- рит1уч1ал.
гамач1- ганч1ал,
кьо- кьоял,
т1егь- т1угьдул…
В. Т1ехьалдаса х1алт1аби:№1
Гьал предметиял ц1арал цолъул формаялда лъе.
Муг1рул- мег1ер, г1улби- г1ала, унтаби- унти, хъулби. Хъаба,
ганч1ал- гамач1, ганщал- гамущ, макьаби- макьу…
№2.Предметияб ц1аралъул жинсалде ва формаялде балагьун
хисизарун, предложениял г1уц1е.
Маг1арул космонавт росулъе вач1унев вуго.
Гьесда данде бахъун бач1унеб буго халкъ.
------- ------ ------ ----------- ------ эмен.
------- ------ ------ ----------- ------ эбел.
------- ------ ------ ----------- ------ лъади.
------- ------ ------ ----------- ------ лъимал.
------- ------ ------ ----------- ------ музыкантал.
------- ------ ------ ----------- ------ коч1охъан.
8.Самостоятельнияб х1алт1и.
1. Гьал предметиял ц1арал г1емеръул формаялда лъе. Кьибилалъулъ
кколеб хисиялъе баян кьей.
Цер----, гамач1- ------, т1амах- ------,ц1ц1е- -----,гамущ- ----
2. Карточкабаздаса х1алт1и.
9. Рокъоб х1алт1и(№4, такрар гьабизе)
10.Дарсил х1асил гьаби (флексия).