МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
Открытый
урок
Тема:
«Предметияб ц1ар такрар гьаби. Дарс-КВН»- 6 кл.
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Пахрудинова Саламат
Назирбеговна
Лологонитль.2018г.
МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
РАГЬАРАБ ДАРС
Тема:
«Предметияб ц1ар такрар гьаби. Дарс-КВН»- 6 кл.
Х1адурана авар мац1алъул ва
литератураялъул муг1алим
Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.
Лологъонилъ. 2018 с.
Дарсил тема: Предметияб ц1ар такрар гьаби. Дарс- КВН.
Дарсил мурадал:
Лъай кьеялъул:
- Предметияб ц1аралъул х1акъалъулъ лъай щула гьаби.
Лъай цебет1еялъул:
- Хъвавул бажари цебет1ей
-К1алзул калам цебет1ей.
Тарбия кьеялъул:
–Рек1елгъеялъулаб грамматикаги х1алт1изабун, г1адатияб гуреб къаг1идаялъ бачараб дарсидалъун авр мац1алде рокьи бижизаби.
- Гьудуллъиялъул закон ц1унизе малъи.
Дарсил алатал: т1ахьал,суратал, реферат, ребусал, компьютер, карточкаби.
Дарсил план:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Такрар гьаби- КВН.
- КВНалъе баян.
-Гьуинаб конкурс.
-Раг1икъот1ал ц1ей.
-Конкурс «Тамашаяб т1анк1».
-Ребусал.
- Х1арпалги хис- хисун, ц1иял раг1аби лъугьинаре.
- Бицанк1аби ч1вай.
-Бит1унхъваялъул конкурс.
- Конкурс «Дица- дуе, дуца- дие».
-Суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1аби лъугьинаре.
- Капитаназул конкурс.
- Предметиял ц1арал г1емерлъул формаялда лъе.
Рокъобе х1алт1и.
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).
Дарсил ин:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Такрар гьаби- КВН.
- КВНалъе баян.
Класс к1иго группаялде бикьила. Цин лъик1 ц1алулев к1иго ц1алдохъан капитаналлъун тела. Гьез иргадахъ гьудулзаби рищила. Ц1алдохъабаз командабазда ц1аралги ургъила
( гъоркьияб дарсидаго).
-Гьуинаб конкурс.Столалда т1ад конфетал лъела(цо- цо ц1алдохъанасе к1и- к1и суал кколедухъ). Суалалъе жаваб кьуни, конфет ц1алдохъанасул бук1ина. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела. –заман хут1ани, ахиралдаги риччала конфетал рищизе.
Предметияб ц1аралъ щиб бихьизабулеб? | предмет |
Хасал ц1арал кин хъвалел? | к1удияб х1арпалдаса |
Предметияб ц1аралъул чан жинс бугеб? | лъабго |
Г1ака абураб предметияб ц1аралъул жинс бихьизабе. | гьоркьохъеб |
Эбел абураб предметияб ц1аралъул жинс бихьизабе. | ч1ужуялъул |
Вас абураб предметияб ц1аралъул жинс бихьизабе. | чиясул |
Дун, халатав, кьили, гьес. Предметияб ц1ар бате. | кьили |
Падежал рук1уна г1адатал ва …? | бак1алъул |
Г1адатаб падеж чан бугеб? | ункъо |
| |
| |
Жиндилъ падеж, жиндикь падеж. Гьал кинал падежал кколел? | ч1овул |
Жиндилъе падеж, жиндикье падеж. Гьал кинал падежал кколел? | рач1ул |
Жиндилъа падеж, жиндихъан падеж. Гьал кинал падежал кколел? | рат1алъул |
Инсухъе. Падеж бихьизабе. | жиндихъе |
Учитель (лъихъ?). Суалалда рекъон, предметияб ц1ар кколеб падежияб формаялда лъе. | учителасухъ |
Жиндилъ падежалъул суалал рик1к1е. | лъилъ? сундулъ? |
Жиндикье падежалъул суалал рик1к1е. | лъикье? сундукье? |
Г1али абураб раг1и жиндаса падежалда лъе. | Г1алидаса |
Г1али абураб раг1и жиндилъа падежалда лъе. | Г1алилъа |
Ганч1ида абураб раг1ул падеж бихьизабе. | жинда |
Гьороца абураб раг1ул падеж бихьизабе. | актив |
Предметияб ц1аралъул кина-кинал формаби ругел? | цолъул, г1емерлъул |
Цолъул формаялъ щиб бихьизабулеб? | цо предмет |
Г1емерлъул формаялъ щиб бихьизабулеб? | г1емер предметал |
| |
| |
Актив падежалда лъе Саг1идов абураб раг1и | Саг1идовас |
Актив падежалда лъе Шамалай абураб раг1и | Шамалалъ |
Актив падежалда лъе чанахъан абураб раг1и. | чанахъанас |
Актив падежалда лъе Чанахъан абураб раг1и. | Чанахъаница |
Коч1охъан, врач, учитель г1адал предметиял ц1аразул жинс кин ч1езабизе к1олеб? | предложениялда жаниб |
Коч1охъан. Гьаб кинаб жинсалъул раг1и кколеб? | лъабабго |
| |
Раг1ул кьибилалъулъ хиса-баси ккей? | флексия |
Т1егь абураб раг1и, кьибилги ц1унун, актив падежалда лъе. | т1егьалъ |
Т1егь абураб раг1и, кьибилалъулъ хиси кколедухъ, актив падежалда лъе. | т1огьоца |
Улбул, ц1ороберал, х1анч1и. Кинаб раг1ул цолъул форма бук1унареб? | ц1ороберал |
Цо, к1игоян х1исабалъе рик1к1ине бажаруларел г1аммал предметиял ц1аразул … форма бук1унаро. | г1емерлъул |
-Ца ахир бач1ун, падежазде сверула … ц1арал. | хасал |
-с, - лъ ахир бач1ун, падежазде сверула … ц1арал. | г1аммал |
- и, - би ккола … лъугьинабулел суффиксал . | г1емерлъул форма |
-Раг1икъот1ал ц1ей( лъималаз рокъосанго х1адурун бук1ине ккола раг1икъот1, жиб- жиб командаялъ цо- цо. Хисун гьел ц1ела) . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
-Конкурс «Тамашаяб т1анк1». (ма. – т1анк1алъул бак1алда бат1и- бат1иял х1арпалги лъун, ц1иял раг1аби лъугьинаре. . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
-Ребусал. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
б=л
к1=н
и л=н
л=г
з=ч
43212
- Х1арпалги хис- хисун, ц1иял раг1аби лъугьинаре. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
Ц1ам(мац1),
г1емер(мег1ер),
къаси(къиса),
т1асан(т1анса),
махх(ххам).
- Бицанк1аби ч1вай. Цоцазе кьола бицанк1аби. . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
-Бит1унхъваялъул конкурс. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
- Конкурс «Дица- дуе, дуца- дие». Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
Скобкабиги рагьун, раг1аби бит1ун хъвай.
Эбел(эмен)- эбел- эмен,
квер(бац1ц1)- квербац1ц1,
г1ечу(гъвет1)- г1ечугъвет1,
т1окъо(къоно)- т1окъо- къоно,
Г1али(Дибир)- Г1алидибир.
-Суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1аби лъугьинаре. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
Яс- ясик1о,
гьоко- гьокочи,
вац- вацг1ал,
хъухъади- хъухъадиро,
гьудул- гьудуллъи.
- Капитаназул конкурс.Хабаралъул х1асил хъвай.
Бакъ т1ерхьана. Дунял дагьа- дагьабккун рук1к1ине байбихьана. Г1ачиязда хадув арав дир гьудул маг1ардаса жеги вуссинч1о. Дица х1укму гьабуна гьесда хадув ине…
- Предметиял ц1арал г1емерлъул формаялда лъе. . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.
Г1ака- г1ачи,
бац1- бац1ал,
эмен- умумул,
гьудул- гьудулзаби,
цер- цурдул.
Рокъобе х1алт1и(такрар гьабизе).
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).