kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Предложениялъул тайпа цоял членал.

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- Предложениялъул тайпа цоял членазул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

2. Лъай цебет1еялъул:

           -Авар мац1алде рокьи бижизаби

         - Хъвавул  бажари цебет1езаби.

- БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари

-Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби

3. Тарбия кьеялъул:

       - Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.

     - Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

Дарсил алатал:т1ахьал, ребус,компьютер, кицаби хъвараб плакат.

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Предложениялъул тайпа цоял членал.»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

тема:



11 класс



Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Лологонитль 2018г.

Дарсил тема: Предложениялъул тайпа цоял членал.

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- Предложениялъул тайпа цоял членазул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

2. Лъай цебет1еялъул:

-Авар мац1алде рокьи бижизаби

- Хъвавул бажари цебет1езаби.

- БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари

-Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби

3. Тарбия кьеялъул:

- Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.



Дарсил алатал:т1ахьал, ребус,компьютер, кицаби хъвараб плакат.

Дарсил план.

  1. Класс дарсиде х1адури

  2. Предложениялъул членалги баяналги данде ккезаре.

  3. Ребус (дарсил темаялъул ц1ар рагьи, дарсил мурадал рици)

  4. Рокъобе кьураб х1алт1иялъул хал гьаби

  5. Ц1ияб тема

  1. Тайпа цоял членалгун предложениязе баян кье. Мисалаздалъун бич1ч1изаби

  2. Тайпа цоял членаллъун бат1и-бат1иял предложениялъул членал ккей.

  3. Маргьа

  4. Кицабазда т1асан тарбия кьеялъул к1алъай. «Гьудуллъиялъул гъот1ода, гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицабиги нахъа хъван, бат1и-бат1иял пихъазул шаблонал ххей. Гьудуллъиялъул г1аламатлъун гъвет1 ккей.»

  1. Дарс щула гьаби

  1. Кицаби ц1али,тайпа цоял членал рати.



  1. Предложениялъулъ раг1аби маг1на кколедухъ рекъезарун хъвай..

  1. Х1ухьбахъиялъул минута. Гьудуллъиялъул х1акъалъулъ коч1охъ г1енекки.

  1. Х1алт1аби гьари.

1.Гьоркьор риччарал тайпа цоял членал лъей.

2. «Крестикал-ноликал» -Суалал



  1. Дарсил х1асил гьаби (Рефлексия)



  1. Рокъобе х1алт1и кьей

Дарсил ин.

  1. Класс дарсиде х1адури

  2. Предложениялъул членалги баяналги данде ккезаре. (Х1учч ц1ай бит1аралде)

Подлежащее





Сказуемое





Бит1араб дополнение





Хъвалсараб дополнение





Определение





Х1ал





  • Подлежащеялъ гьабураб иш, гьелъул ах1вал-х1ал, ялъуни цоги г1аламат бихьизабулеб член.

  • Предложениялъулъ бицен гьабулеб иш лъугьараб куц, бак1, заман, г1илла-мурад бихьизабулеб член.

  • Кинаб? Лъил? Сундул? Чан? Чанабилеб? Абурал суалазе жаваблъун бач1унеб предложениялъул член.

  • Предложениялда жаниб жинца иш гьабулеб ва жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб член.

  • Подлежащеялъул иш жинда т1аде кколеб предложениялъул член.

  • Маг1наялъул рахъалъ жиб сказуемоялдаги бухьараб, аслиял гурел падежазул суалалъе жаваблъун бач1унеб член.



  1. Ребус (дарсил темаялъул ц1ар рагьи, дарсил мурадал рици)

-Тема: Предложениялъул тайпа цоял членал.

-Дарсил мурадал:

  • Предложениялъул тайпа цоял членазул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

  • Авар мац1алде рокьи бижизаби.

  • Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.

  • Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

  • БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари

  • Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби



  1. Рокъобе кьураб х1алт1иялъул хал гьаби

«Дир бищун лъик1ав гьудул».

Гьит1инабго сочинение хъвазе.

Ц1ияб тема

  1. Тайпа цоял членалгун предложениязе баян кьей. Мисалаздалъун бич1ч1изаби

-Тайпа цоял членал абула предложениялда жанир жал цого суалазе жаваблъунги рач1унел, цого раг1уда маг1наялъулъги рухьун ругел членазда.

  • Нижеца, байрам къо баркун, т1угьдул кьола улбузе, яцазе, г1агаразе ва божаразе.

-Тайпа цоял членазда гьоркьоб бугеб бухьен кидаго сок1к1иналъул бук1уна.

-Предложениялда жанир гьел цолъизарун рук1уна союзазул кумекалдалъунги, союзал гьеч1ого, г1иц1го интонациялъул кумекалдаги.

  • Гьелъ х1анч1уларо, къулч1уларо.

  • Гьесул хъизанги, лъималги, яцалги руго.

- Тайпа цоял членаллъун г1емерисеб мехалда цого каламалъул бут1аби рук1уна.
Нижер миллаталги, мац1алги, ц1аралги, хасияталги бат1и-бат1иял руго.

- Амма гьел бат1и-бат1иял бут1абаздаса ккезеги бегьула.

Дунги к1удадаги гьудулзаби руго.

- Тайпа цоял членазда цадахъ рук1ине бегьула гьезие баян кьолел раг1аби, ай гьел рук1ине бегьула т1ирит1араллъунги

  • Михъида х1ур ч1варав,ворхатав гурев,

  • Каранлъа г1ехьелав, гъуждулъа г1ебав,

  • Кинабго рагъари тулакав, къарт1ав,

  • Лугбулъа къуватав вук1ана Х1асан.

- Цох1о предложениялъулъ тайпа цоял членазул чанго бат1иял кьерал рук1инеги бегьула.

  • Бригадирас к1варкьун ва раг1а-ракьанде щун хъощил хал гьабуна, цинги ахихъанасулгун ва гьесул васасулгун гара-ч1вари гьабуна.

  • 1-тайпа цоял х1алал

  • 2-сказуемоял

  • 3-хъвалсарал дополнениял



  1. Тайпа цоял членаллъун бат1и-бат1иял предложениялъул членал ккей.(Предложениялъул членал рак1алде щвезари.)

  2. Маргьа

Рук1анила рук1инч1ила цо пуланаб шагьаралда г1умру гьабулел рук1анила предложениялъул киналго членал: подлежащее, сказуемое, бит1араб ва хъвалсараб дополнение, определение ва х1ал. Гьез цоцалъ рекъон г1умру гьабулеб бук1анила. Цо къоялъ ах1и-х1ур бахъанила шагьаралда. Ах1долеб бугила подлежащее: «Г1ела, ч1алг1ана! Щай дун предложениялда(гьаб шагьаралда) цо гурони бук1ине бегьулареб, дида цадахъ гьудулзаби щай гьеч1ел?!» «Нижееги ч1алг1ана, нижееги ч1алг1ана!» -ян такрар гьабуна хут1арал предложениялъул членазги.

Гьанже рахъанила гьал къват1ире, г1агараб шагьарги тун, дунялги бихьизе, гьудулзабиги ц1ехезе.

Анила гьал анила. Нилъер мег1ер цо танила, чияр мег1ер к1иго танила, г1орал раханила, щобал геланила. Кирго щолел гьудулзабиги гьеч1ила, ракъанила, сваканила. Тату хварал гьал щванила цо борхатаб къел ракьанде. Сверухъе ралагьанила, щиб бак1али лъазе к1веч1ила.

-Рач1а, лъимал, кумек гьабилин гьезие. Лъида лъалеб, щиб бак1алде щварал гьал? (Доскаялда бук1ина Дербенталда бугеб Нарын-хъала)

Рагьанила каваби, лъугьанила жанире. Тиранила, сверанила. Кирго ратулел гьудулзабиги гьеч1ила. Бугила цо ганч1ида хъвай-хъваг1ай:

«Дица кеч1 ах1улелъул,
Дида цадахъ ах1е кеч1
Муг1руцаги, ахазги,
Авлахъазги, рохьазги,
Г1оразги, ралъадазги,

Х1айваназги, х1анч1азги»"

(Ц1алдохъабаз предложениялъул членал ратила)

-Кин нужеда рак1алде кколеб, лъиениги щванищ гьанир гьудулзаби? (Подлежащеялъе щвана микьгониги гьудул)

Рачанила подлежащеялъ жиндаго цадахъ гьудулзабиги, рахъанила цогидал предложениялъул членазеги гьудулзаби ц1ехезе.

Щванила гьал цо лъел раг1алде.

-Лъимал, кумек гьабилин гьанжеги. Лъида лъалеб, щиб бак1алде щварал гьал? (Доскаялда бук1ина Г1андадерил х1ор-Казеной-ам)

Гьенибги батанила гьазда хъвай-хъваг1ай:

«Гьури басандулаан,
горда
к1ет1арулаан,
гъут1бузда
реч1ч1улаан,
т1охазда
хьвадулаан

-Предложение предложениялъул членазде биххе. Ругищ гьанир тайпа цоял членал? Лъие щварал гьудулзаби? (Сказуемоялъе)

Гьенисаги рахъанила гьал. Щванила Гендерил къварилъухъе Имам Гъазимух1амад шагьидлъараб бак1алде Гимри-сиялъухъе.

Гьениб батараб хъвай-хъваг1аялъулги разбор гьабунила.

«Руччабаца рахъана
килщаздаса
баргъичал,
карандаса
маржанал,
гьазухъ ярагъ босеян.»

-Щванила гьанир бит1араб дополнениялъеги гьудулзаби.

Хадур щванилаа Хундерил хъаладухъе.

Гьенибги батана хъвай-хъваг1ай:

«Рак1аризе анищ зодоса ц1ваби,
Ва рикьизе анищ т1угьдул кинигин,
Киналго
улбузе, гьудулзабазе,
Т1аде рач1унезе, нухда унезе,
Кьижун рахъунезе, ах1уд унезе,
Г1ащикъго цоцазухъ рокьи ккаразе

- Предложение предложениялъул членазде биххе. Ругищ гьанир тайпа цоял членал? Лъие щварал гьудулзаби?(Хъвалсараб дополнениялъе)

-Гьенисан рахъарал Табасараназул ракьалда бугеб анкьго вацасулги цо яцалъулги хъаладухъ рещт1анила.

Гьенибги ц1алана гьаз: «Г1ажаибал, талих1ал,тамашаял, гьайбатал муг1рул руго г1адамал.»

Предложениялда ратана тайпа цоял определениял.

Гьенисан рахъарал щвана Дагъистаналъул тахшагьаралда бугеб Джума мажгиталде.

Гьенибги ц1алана гьаз: «Г1адатго, т1адагьго къокъун унелъул,
гьес коч1ол т1амула т1еренал бакънал.»

-Щванилаа киназего гьудулзаби. Роханила, хинлъанила, рекеранила, к1анц1анила. Рокъоре т1адруссине хиял кканила. Цо заманалдасан х1икмалъун хут1анила. Бугила цо кутакаб хъала. Борхалъиялъ зодоб хъвалила. Берцинлъиялъ пана гьарулила.

-Валлагь, ц1акъ ч1ух1араб бак1 бихьула гьаниб, щибдай гьаниб бугеб? Щвеладай нилъее гьаниса лъик1лъи?

-Лъида лъалеб щиб бак1 бугеб гьаб? (Грозный сити)

Ракканила жанире, бугила хъвай-хъваг1ай: «Зодихъе паркъолел гьайбатал ц1ваби,
ц1але, ц1але, ц1але, ц1але, дир т1анч1и. (Ц1.Х1)»

-Ругищ гьанир тайпа цоял членал?(Гьеч1о, г1иц1го цого раг1и чанго нухалъ такрарлъун буго.)

-Гьаниб предложениялъул член г1амал к1одого, жибго жиндиего г1ун, г1емер такрарлъулеб буго.

-Г1амал к1одолъиялъ лъик1лъиялде рачунищ? (Рачунаро)

-Ругищ нилъее цадахъ рачине гьудулзаби? (Гьеч1о)

Т1адруссанила г1емерал гьудулзабигун предложениялъул членал г1агараб шагьаралде. Рагьанила каваби, бугила шагьар бакьулъ цо к1удияб гъвет1 бижун. Г1ажаибго х1икматаб бугила гьеб гъвет1ги. Гьелда т1ад бат1и-бат1иял пихъал ругила рижун.

(Доскаялда бук1ина Сочиялда музей-ахикь бугеб гьудуллъиялъул гъот1ол сурат. Бицина гьелъул х1акъалъулъги. Гьеб гъвет1 ч1ун буго Зорин абурав г1алимчияс. Гьелда т1ад гьес рац1ун руго г1емерал цитрусазул сортал.)

  1. Кицабазда т1асан тарбия кьеялъул к1алъай. «Гьудуллъиялъул гъот1ода, гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицабиги нахъа хъван, бат1и-бат1иял пихъазул шаблонал ххей. Гьудуллъиялъул г1аламатлъун гъвет1 ккей.»



-Гьединаб гьудуллъиялъул гъвет1 буго жакъа нилъер дарсидаги.(Гьит1инабго нилъецаго гьабураб гъвет1 босун бук1ина дарсиде.)

-Дица нужехъе кьела бат1и-бат1иял пихъазул шаблонал, нужеца гьезда нахъа хъвай гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицаби.(Пихъал гъот1ода ххезе т1амила ц1алдохъаби)

-Гьаб бук1ине буго нилъер гьудуллъиялъул г1аламатлъун.(Ц1алила Расул Х1амзатовасул коч1ол мухъал)

-К1удияб хазина буго гьудуллъи,

-Гьелде квер хьваг1изе г1едег1уге, вац.

-Гьудуласда дагьалъ дур бахъараб ццин

-Цодагьаб къинабе, къват1иб гьурщуге.

-Г1адамал нужеде гьари буго дир:

-Панаяб рек1ел ц1а ц1орозе тоге;

-Ц1уне гьудулзаби, гьел г1емер гьеч1о,

-Г1айиб камурав чи кивго вижич1о. (Р.Х!.)



  1. Дарс щула гьаби

  2. Кицаби ц1али, тайпа цоял членал рати.

-Лъик1аб гьудуллъи хазинаялдаса лъик1аб.

-Гъвет1 ккола кьалбаз, г1адан ккола гьудулзабаз.

-Щулияб гьудуллъи г1ощт1оцаги къот1уларо.

-Гьереси бицунев гьудул кколаро.

-Къварилъиялде ккеч1ого гьудул лъаларо.

-Нусго гъурущалдасаги нусго гьудул лъик1ав.





  1. Предложениялъулъ раг1аби маг1на кколедухъ рекъезарун хъвай..

  1. Х1ухьбахъиялъул минута. Гьудуллъиялъул х1акъалъулъ коч1охъ г1енекки.

  2. Х1алт1аби гьари.

1.Гьоркьор риччарал тайпа цоял членал лъей.

  • ..., …, …, …, …, … х1анч1и ккола.

  • Микьабилеб классалда ц1алулел руго …, …, …, …, …, …, … ва … .

2. «Крестикал-ноликал» (Лъималазухъе кьела таблица. Щибаб къот1елалда жаниб крестик ялъуни нолик лъела. Бит1араб жаваб-крестик лъола, мекъаб бугони, нолик лъола. Ва ахиралда учителас лъуралда данде кквела).-Суалал

1. Предложениялда жанир жал бат1и-бат1иял суалазе жаваблъунги рач1улел, цого раг1уда маг1наялъулъги рухьун ругел членал ккола тайпа цоял членал.

2.
Абут1алибица гьезул миллат, мац1, ц1ар бицана. Гьаб предложениялъулъ тайпа цоял членал руго.
3. Предложениялда жанир тайпа цоял членал цолъизарун рук1уна г1иц1го интонациялъул кумекалдалъун.
4. Тайпа цоял членазда гьоркьоб кидаго сок1к1иналъулаб бухьен бук1уна.
5. Предложениялъул бет1ерал гурел членал ккола хъвалсараб дополнение, определение, х1ал.
6.
Дунги к1удадаги гьудулзаби руго. Гьаб предложениялъулъ тайпа цоял членаллъун бат1и-бат1иял каламалъул бут1аби ккун руго.
7. Тайпа цоял членазда цадахъ рук1ине бегьуларо гьезие баян кьолел раг1аби.
8.Пат1иматидаги Асилдеридаги салам бице дуца. Гьаб предложениялъулъ тайпа цоял хъвалсарал дополнениял руго.
9. Предложениялъулъ цого раг1и такрарлъун бугони, гьел ккола тайпа цоял членал.



Крестикал-ноликал

1.






2.

3.


4.





5.

6.

7.







8.

9.





  1. Дарсил х1асил гьаби (Рефлексия)



  1. Рокъобе х1алт1и кьей










Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 11 класс

Скачать
Предложениялъул тайпа цоял членал.

Автор: Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Дата: 19.10.2019

Номер свидетельства: 523274

Похожие файлы

object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(64) "Предложениялъул тайпа цоял членал."
    ["seo_title"] => string(39) "predlozheniialul_taipa_tsoial_chlenal_1"
    ["file_id"] => string(6) "523275"
    ["category_seo"] => string(7) "prochee"
    ["subcategory_seo"] => string(11) "presentacii"
    ["date"] => string(10) "1571504849"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(122) "ОЛИМПИАДНЫЕ ЗАДАНИЯ по аварскому языку на 2015-2016 учебный год 9 класс"
    ["seo_title"] => string(74) "olimpiadnye_zadaniia_po_avarskomu_iazyku_na_2015_2016_uchebnyi_god_9_klass"
    ["file_id"] => string(6) "530725"
    ["category_seo"] => string(7) "prochee"
    ["subcategory_seo"] => string(5) "testi"
    ["date"] => string(10) "1575728994"
  }
}


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства