МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
Открытый
урок
тема:
Подготовила учительница
родного языка и литературы
Пахрудинова Айшат Назирбеговна
Лологонитль 2019с.
Дарсил тема:Рик1к1ен
Дарсил мурадал:
1. Лъай кьеялъул:
- Рик1к1еналъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.
2. Лъай цебет1еялъул:
-Авар мац1алде рокьи бижизаби
- Хъвавул бажари цебет1езаби.
- БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари
-Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби
3. Тарбия кьеялъул:
- Нилъерго мац1ги ц1арги к1очене бегьунгут1и бич1ч1изаби.
- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.
Дарсил алатал: т1ахьал, раг1икъот1, компьютер, кицаби хъвараб плакат, суратал.
Дарсил план.
-
Класс дарсиде х1адури
-
Синонимал рате.
-
Антонимал рате.
-
Раг1икъот1(дарсил темаялъул ц1ар рагьи)
-
Тестал
-
Кицаби
-
Х1алт1и гьаби (№1,гьумер 82)
-
Мисалал ц1ализе ва хъвазе
-
Гъалат1ал рит1изаре
-
Бицанк1аби ч1вай
-
Суалал
-
Дарсил х1асил гьаби (Рефлексия)
-
Рокъобе х1алт1и кьей
-
Дарсил ин.
-
Класс дарсиде х1адури
-
Синонимал рате
-Т1оцебесеб х1убиялда хъварал раг1абазе к1иабилеб х1убиялда ругел раг1абазулъ синонималлъун кколел раг1аби рате, гьоркьоб х1учч ц1ай.
Г1ЕНЕККАНА
Ц1ОРОРАБ
КОЧ1ОХЪАН
ХЕХАБ
ПОДПИСЬ
БИЛАНА
Г1АНТАВ
ШАГ1ИР
ГЪУЛБАС
Г1АДАЛАВ
Г1ИНТ1АМУНА
КВАЧАРАБ
Т1АГ1АНА
Г1ЕДЕРАБ
-
Антонимал рице.
Ч1ЕГ1ЕРАБ (хъах1аб)
ЛЪИК1АБ (квешаб)
К1УДИЯБ (гьит1инаб)
БОРХАТАБ (т1уцаб)
ВАС (яс)
Т1АД (гъоркь)
ХАЛАТАБ(къокъаб)
-
Раг1икъот1 (дарсил темаялъул ц1ар рагьи)
-Гьал суратазул ц1арал хъвай.
-Сунда релълъараб раг1икъот1 лъугьараб нилъер?(щуйил тарихалда)
-Щуго –кинаб каламалъул бут1а кколеб?(рик1к1ен)
-Бит1ун буго, лъимал, жакъа нилъеца дарсида рик1к1еналъул бицине буго.
-Нилъер жакъасеб дарсил тема буго « Рик1к1ен такрар гьаби»
Дарсил мурадал: 1.Рик1к1еналъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби, гьелъул х1акъалъулъ щвараб лъаялъул хал гьаби.
2. Авар мац1алде рокьи бижизаби.
3. Нилъерго мац1ги ц1арги к1очене бегьунгут1и бич1ч1изаби.
-
Тестал
1.«К1инусазарго»-хъвала
А)Рек1ун Б)Бат1а В)Дефисгун
2. Предметалъул ирга ва къадар бихьизабулеб каламалъул бут1а ккола:
А)Предметияб ц1ар Б)Рик1к1ен В)Прилагательное
3. «Миллион»-каламалъул бут1а:
А)Предметияб ц1ар Б)Рик1к1ен В)Прилагательное
4.каламалъул бут1аби рикьула к1иго группаялде:
А)Г1адатал ва бак1алъул
Б)Г1адатал ва журарал
В)Жалго жидедаго ч1арал ва кумекалъул
5.Къадаралъул рик1к1еназул ахиралда хъвала:
А) О Б)У В)Н
6. Журарал рик1к1енал хъвала:
А)Рек1ун Б)Бат1а В)Дефисгун
7. «Щуго-анлъго»-ккола:
А)Цадахълъиялъул
Б)Г1ага-шагарлъиялъул
В)Т1олголъиялъул
8.Кида рик1к1ен падежазде сверулеб?
А)Кидаго
Б)Цадахъ предметияб ц1ар бугони
В)Предметияб ц1аралъул бак1алда х1алт1изабун бугони
9.Къадаралъул рик1к1еналда хадуб предметияб ц1ар кинаб формаялда бук1унеб?
А)Цолъул
Б)Г1емерлъул
10. «2894»-тарих х1арпаздалъун хъвай.
-
Кици (Г1урус мац1алде буссинабе)
-Гьудул нусгоги дагьав, тушман цоги г1емерав
-Сто друзей у тебя- мало друзей у тебя; враг у тебя один – много врагов у тебя.
Гьудуллъиялъул кеч1
-
Дие тушманасул гъванща бокьула,
-
Дие гьудуласул гьумер бокьула,-
-
Гьудуллъидул рахъалъ ах1илин цо кеч1.
-
Дун г1ураб ракь буго кьурабаз ц1ураб.
-
Гьелъул лъимал руго лъабго хъат ц1урал,
-
Ц1ар буго васазул нусго хъат ц1ураб.
-
Гьаниб г1олохъанлъи халат бук1уна,
-
Херлъи , гьит1инаб мех къокъаб бук1уна.
-
Къан рачелгун ,нусго соналъ хьвадула.
-
-
Цо нухалда херав маг1аруласда,
-
Хвел аск1обе бач1ун, гьикъардун буго,
-
Гьелъ пашманаб хабар байбихьун буго:
-
Хвелалъ абун буго дур къоял щванин,
-
Къокъиналда цебе дуца бицеян
-
Гьаб дунялалда т1ад дурго г1умрудул.
-
Херас жиндир г1умру, халатаб г1умру
-
Г1одовго ч1еч1ого, къокъго бицана…
-
Бицине жо гьесул дагьаб бук1ана:
-
Гьав радал вахъана, къаси вегана,
-
Къад лъабабго нухалъ ригьда кванана.
-
Я чагъир, г1аракъи – щибго гьекъеч1о.
-
Гьас жеги лъийниги квешлъи гьабич1о,
-
Гьереси бицинч1о, бикъа-хъамич1о.
-
Рукъ тун къват1исеб бак1 щибго ц1ехеч1о.
-
Гьебмехалда хвелалъ гьесда абуна:
-
Мун г1езег1ан лъик1аб чи вук1ун вугин,
-
Лъик1ал гьудулзаби ратила дурин.
-
Гьедиг1анги соназ ч1аго телин мун,-
-
Гьел тун мун вачине рак1 гурх1илин дир.
-
Херав балагьана , гьав пашманлъана
-
Цох1ониги гьудул жиндир вук1инч1ин,
-
Жеги хъизан-лъади- гьебцин бук1инч1ин.
-
-
Гьудуллъи гьеч1ого г1умру гьеч1илан,
-
Дида гьанжелъаг1ан мун щай лъач1евин,
-
Ана херав вачун хвелалъ гьебсаг1ат…
-
Дир халкъалъ абуна бит1ун гьабунин-
-
Гьудуллъи гьеч1ев чи – чи гурин гьеван,
-
Чол малакь хут1изе кколин хвезе гьев.
-
-
Нек1ого хвелаан дур муг1рул халкъал,
-
Гьаб хирияб вацлъи бук1инч1ебани,
-
Рек1елъа рек1елъе нух щвеч1ебани.
-
Амма буго гьаниб г1аммаб биги т1ун
-
Босараб гьудуллъи халкъазда гьоркьоб,
-
Хвел гьеч1еб г1агарлъи Россиялдехун.
-
Гьелъин гьанир чаг1и хеккого г1олел,
-
Г1олохъанаб заман халат бук1унеб,
-
Халкъазул гьунарал къват1ир раг1улел.
-
-
Гьудуллъи бищунго г1агараб буго,
-
Гьудуллъиялде кеч1 г1емераб буго…
-
Гьезда гьоркьоб гьабги бук1аян абе
-Коч1олъ рик1к1енал рате.
-
Х1алт1и гьаби(№1,гьумер 82)
(Гъалат1 биччач1ого, 80 секундалде кеч1 ц1ализе х1адурлъе.
Коч1олъ рик1к1енал рате. Гьезие суалал лъе. Кина-кинал разрядазул гьел кколелали баян кье. )
-
Мисалал ц1ализе ва хъвазе
8+7=15
15-6=9
40:5=8
4.2=8
-
Гъалат1ал рит1изаре
Ихдал маг1арухъе роржун рач1уна аза-азарго х1анч1и.
Анц1ила к1ияйго ясаз цо-цо ккун рекъезаруна т1угьдул памятникалда цере.
(Ихдал маг1арухъе боржун бач1уна аза-азарго х1инч1.
Анц1ила к1ияйго ясалъ цо-цоккун рекъезаруна т1угьдул памятникалда цере.)
-
Бицанк1аби ч1вай
-Азарго сон баниги, херлъулареб жо.
-Ич1-ич1 берзул бардахо.
-К1иго бет1ер, анлъго х1ет1е, цо рач1.
-К1иго эбел, анц1го т1инч1.
-К1иябго бадиб килщалги къазарун, билълъунеб жо.
-Цох1о эбелалъул аза-азар т1инч1, эбел яккарайго, т1олго рахчулел.
-Радал ункъида, къаде к1ийида, къасиялде лъабида хьвадулеб жо.
(Рак1,хинк1бахъ,чугун чи, квералги килщалги, михир,моц1гун ц1ваби,инсан)
-
Суалал
-Сунда абулеб рик1к1ен?
-Г1уц1иялде балагьун рик1к1енал кина-кинал рук1унел?
-Лъабго, лъабайго, лъабавго – рик1к1енал падежазде сверизаре
-Рик1к1еналъул разрядал рик1к1е.
-Рик1к1еналъул бит1унхъваялъул бице.
-
Дарсил х1асил гьаби (Рефлексия)
-
Рокъобе х1алт1и кьей