Открытый урок в 7 классе на тему
Разработала и провела
учитель родного языка и литературы
2018
Гlадатияб гуреб дарс.
Тема: «Предметияб цlар»
Дарсил мурадал ва масъалаби:
Лъай кьеялъул. Предметияб цlаргун практикияб къагlидаялъ лъай-хъвай гьаби. Предметияб цlаралъул предложениялда жаниб бугеб кlвар бичlчlизаби ва гьеб каламалда хlалтизабизе лъай.
Лъай цебетlезабиялъул. Гъалатl биччачlого авар мацlалда жаваб кьезе ругьун гьари. Гlадатал предложениял гlуцlизе малъи. Кlалзул калам цебетlезаби.
Тарбия кьеялъул. Литературияб каламалъул кумекалдалъун цlалдохъаби авар мацl цlунизе ва гьеб бокьизе ругьун гьари. Цоцаздехун адаб-хlурмат гьабизе куцай. Тlабигlаталде, Ватlаналде рокьи бижизаби
Дарсил тайпа: комбинированияб.
Дарсил алатал: Предметияб цlаралъул таблица, суратал-карточкаби, тестал,конвертал,слайдал.
Дарсил ин:
-Салам, лъимал, гlодор чlа. Нилъеца жакъасеб дарсида кlвар кьезе буго нилъер мацl пасихlлъиялда, гьеб бечелъизабиялда тlад. Нилъеца хlаракат бахъизе ккола нилъерго рахьдал мацl лъикl лъазе, гьеб бокьизе. Гьеб масъала тlубазе ккани, нилъеда лъазе ккола литературияб мацlалда гъалатl биччачlого кlалъазеги, цlализеги,хъвазеги. Гьелъие кумек гьабилин ракlалде ккола нилъер гьаб жакъасеб дарсалъ.
-Цlумур кьабуна! Хал гьабе, лъимал,
Хlадурун ругищ нуж дарс байбихьизе?
Ручка,къалам,тетрадь ва цогидабги
Цадахъ босун бугищ,цебе лъун бугищ?
Жакъа буго,лъимал, нилъер г1адатияб гуреб дарс.
-Лъида бихьараб, лъимал,передача «Щиб?Киб?Кида?»
-Лъималазул жавабал.
-Нилъеца гьанже класс бикьизе ккола 2 командаялде, капитаналги рищизе ккола.
Нужеда данде,лъимал,хlазе руго жакъа гlалхул хlайванал. Гьез нужее гlуцlун руго батlи-батlиял т1адкъаял . Нуж хlалтlизе ккола хехго. Жаваб кьола тlоцебе байрахъ борхараб командаялъ, гъалатl ккани цогидаб командаялъе рес кьола жаваб кьезе. Гьединлъидал, лъикl кlвар кьун гlенекке! Битlун жаваб кьурасе кьола жетон, бергьуна дарсил ахиралда цlикlкlун жетонал щвараб команда.
---Нуж хlадурун ругищ, лъимал?
Байбихьулеб буго хlаялде.
1.Тlоцебесеб суал нужее кьолеб буго цlодораб гlакъилаб рузалъ:
Щай рузалде ц1одорабилан абулеб?
Тlанкlазул бакlалда кинаб хlарп лъезе кколеб, рагlаби лъугьине ккани: гъ гь г1
…ури …обо …обол …ещт1еро
Гьел раг1абазе кинаб суал кьезе бегьулеб?
Кинаб каламальул бут1аялъе кьолел гьел суалал?(предметияб ц1аралъе)
Нилъер жакъасе дарсил тема буго:Предметияб ц1ар.
Цер кинаб г1алхул х1айван кколеб?
Гьеб киб бук1унеб? Гьелда сих1ирабин щай абулеб?
Бохдулги халатаб,
Рут1биги къокъаб,
Ламадур хирияб,
Херги кваналеб.
Пил
Г1анк1
Гьеб дуда батараб раг1и кинаб жинсалъул кколеб?
Гьеб бицанк1оялда жаниб чан предметияб ц1ар бугеб?
Бергьаразе-жетон.
Циялъе бищунго щиб, лъимал, бокьулеб?
Хъах1ал циял кир рук1унел?
Предметияб ц1аралъул г1адатаб падеж чан бугеб?
А)3
Б)5
В)4
Гьезул ц1арал хъвай.
Хадусеб суал кьолеб буго гъалбац1алъ:
Предметияб ц1ар ккола…
А)каламалъул бут1а
Б)предложениялъул член
В)раг1и 3 мисал баче.
Гьаб суал кьолеб буго баг1насалъ:
Г1емерлъул формаялда ругел предметиял ц1арал рихьизаре:
А) рии, къо, авал, сахлъи
Б) г1еч,гени,чакар,гамач1
В) т1охал,бац1ал,росаби,галаби.
Гьаб суал кколеб буго ц1иркъалъ:
Ц1иркъалъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?
Ц1иркъал кинал улкабазда рук1унел?
Г1алхул х1айваназул кинаб пайда бугеб?
Камурал х1арпалги лъун, ясазул ц1арал хъвай:
Р.Х!. «Маг1арулал» (аудиозапись)
Музыкалияб лъалхъи:
Гьаб т1адкъай кьолеб буго капитаназе маймалакалъ:
Гьоркьор риччарал х1арпалги лъун, хъвай:
К…р…н к…шм…ш к…рп…ч кв…р
б…т1…р гь…ц1… кв…рт1…
к…с…к… …ргъан к…л…щ т1…нк1
м…ц1 ц1…л…ц1 ц1…нц1р…
Ударение лъе, г1урус мац1алде руссинаре.
Бицанк1аби кьолел руго нужее попугаяз.
Гьез щиб кваналеб?
Попугаял кинал улкабазда рук1унел?
А)Араб, т1ад буссунареб жо? Заман
Б) Ц1аги гуреб бух1улеб, зазги гуреб х1унчулеб? Мич1
В) Жибго гьит1ин, гьунар к1одо? Ц1унц1ра
Гьел предметиял ц1аразул жинсги формаги бихьизабе.
Т1асабищул диктант. Суал кьолеб буго бац1алъ.
Т1абиг1ат ц1уни лъималазулги т1адаб иш ккола.
Зах1мат бихьич1ого рах1ат щоларо.
Ца тараб раг1уца мег1ерги тола.
К1ух1алалъул хуриб ч1ах1 бижула, ч1ух1аралъул хуриб заз бижула.
Предметиял ц1арал рате, гьезие суалал лъе.
Гьанже нилъер х1ай лъуг1ана,лъимал.Кинаб х1асил ккараб нилъер дарсил?
1.Кинаб каламалъул бут1аялъул нилъеца жакъа дарсида бицараб?
2.Кинал суалал кьолел предметияб ц1аралъе?
3.Предметияб ц1аралъул чан жинс бугеб?
4.Гьезие кинал суалал кьолел?
5.Предметияб ц1аралъул чан форма бугеб?
6.Г1емерлъул формаялъе кинаб суал кьолеб?
7.Предметияб ц1аралъул чан г1адатаб падеж бугеб?
8. Цоги сундул х1акъалъулъ нужеда жакъа лъараб?
Х1аялъул х1асил:
Ц1ик1к1ун жетонал щвана…………………….командаялъе.
Гьезие кьолел руго……………………..
Цогиязе кьела хут1арал жетонал.