kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Открытый урок по теме :"Ц1арубак1"

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- Ц1арубак1алъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби..

2. Лъай цебет1еялъул:

           -Авар мац1алде рокьи бижизаби

         - Хъвавул  бажари цебет1езаби.

- БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари

-Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби

3. Тарбия кьеялъул:

       - Нилъерго мац1ги ц1арги к1очене бегьунгут1и бич1ч1изаби.

     - Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

Дарсил алатал:т1ахьал, раг1икъот1, компьютер, бицанк1аби хъвараб плакат, карточкаби, суратал.

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок по теме :"Ц1арубак1"»

Открытый урок

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

тема:







«Ц1арубак1»



10 класс

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Айшат Назирбеговна









Лологонитль

Дарсил тема: Ц1арубак1

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- Ц1арубак1алъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби..

2. Лъай цебет1еялъул:

-Авар мац1алде рокьи бижизаби

- Хъвавул бажари цебет1езаби.

- БатIи –батIиял даражаялъул тIадкъаял тIуразари

-Хъвавул ва кIалзул калам цебетIезаби

3. Тарбия кьеялъул:

- Нилъерго мац1ги ц1арги к1очене бегьунгут1и бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

Дарсил алатал:т1ахьал, раг1икъот1, компьютер, бицанк1аби хъвараб плакат, карточкаби, суратал.



Дарсил план.

  1. Класс дарсиде х1адури

  2. Кици.

  3. Раг1икъот1 (дарсил темаялъул ц1ар рагьи, дарсил мурадал рици)

  4. Антонимал рате.

  5. Рокъобе кьураб х1алт1иялъул хал гьаби

  6. Гъалат1ал рит1изари

  7. Гьоркьор риччарал х1арпал лъей. Кицаби ц1али,ц1арубак1ал рати, разряд баян гьаби

  8. Предложениялъулъ ц1арубак1ал рате ва кинал предложениялъул членаллъун кколелали бице.

  9. Ц1арубак1ал машгьурал хъвадарухъабазул асаразулъ

  10. Ц1алдохъабаз куч1дул рици

  11. Тестал

  12. Бицанк1аби

  13. Текст г1едерго ц1ализе

  14. Дарсил х1асил гьаби

  15. Рокъобе х1алт1и кьей





Дарсил ин.

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Кици.

Умумуз ирсалъе тараб лъик1абщинаб нилъеца беццулеб г1адин, нилъеца таралъул къимат гьабизе буго бач1унеб г1елалъги. Гьезие нилъеца ц1унизе х1ажат буго нилъерго мац1ги, ц1арги, г1адаталги, тарихги.



  1. Раг1икъот1 (дарсил темаялъул ц1ар рагьи, дарсил мурадал рици)

-Суратазул ц1арал хъван, ц1езабе раг1икъот1






1ц1

у

л

а

кь

о




а

б

и





и

р

а

хъ

хъ

4


а

р

п

у

з





5ц1

в

а

б

и




а

н

а

гъ





А

К1








  1. Антонимал рате.

Ч1ЕГ1ЕРАБ

ЛЪИК1АБ

К1УДИЯБ

БОРХАТАБ

ДУН

Т1АД

ХАЛАТАБ

Ц1алдохъабазул жавабал(ХЪАХ1АБ, КВЕШАБ,ГЬИТ1ИНАБ,Т1УЦАБ, МУН, ГЪОРКЬ, КЪОКЪАБ)





  1. Рокъобе кьураб х1алт1иялъул хал гьаби

«Дие бищун бокьулеб г1адат».

(гьит1инабго сочинение хъвазе, жанире ц1арубак1алги ккезарун)





  1. Гъалат1ал рит1изари

-Гьал предложениялъулъ риччарал гъалат1ал рит1изаре.

1.Гьассул кьер босарав, гьав сородарав сонгрода кидаго лъиего бер ч1ч1ванищ?

2.нижер калхозалъул цо лемагалъ ункъо кьег1ер гьавуна.

(1.Гьасул кьер босараб, гьав сородараб сонгрода кидаго лъилго бер ч1ванищ?

2.Нижер колхозалъул цо лемагалъ ункъо кьег1ер гьабуна.)









  1. Гьоркьор риччарал х1арпал лъей. Кицаби ц1али,ц1арубак1ал рати, разряд баян гьаби

Жи…-жи… рос…лъ гьобол лъикӀав.

Ж…д..рго рокъоб къадацаги кумек гьа…ула.

Ж…цаго бухъаралъуве живго ккола.

Д…рго рагӀи ккун чӀоге, дандиясухъги гӀенекке.

Д…ца эмен кваназавура… щурминисан васас мунги кваназавизе вугев.





  1. Предложениялъулъ ц1арубак1ал рате ва кинал предложениялъул членаллъун кколелали бице.

Щиб, Гороч, мун гьал къояз пашманго бугеб, дуде щвараб къварилъи щай дуца бицунареб?

(Щиб (сказ.), Гороч, мун (подл.)гьал(опр.) къояз пашманго бугеб, дуде(хъ. доп.) щвараб къварилъи щай(сказ.) дуца (подл.)бицунареб? )





  1. Ц1арубак1ал машгьурал хъвадарухъабазул асаразулъ(ц1алдохъабаз ц1арубак1ал ратила)

1.Ятим Эмин

Дун хвараб мехалда,

къо-лъик1 гьабизе

Къисмат дирго г1адав

къваридав вач1а.

Гьез хъамал гьавурав,

вет1а-векарав,

Дун г1адин,г1азабаз

Г1орц1арав вач1а.



2.Г1анхил Марин

Дуда ч1ор реч1ч1аяв, ч1ух1арав лачен,

Ч1ух1дае мун хьвадун,хьи дие гьеч1о.

Ч1ордал гулла щваяб, сурмияб микки,

Дун тун, цогияй ккун, х1акъ батиларищ?

3.Бакьайч1иса Ч1анк1а

Дур баракат щваяй , щибха гьабилеб,

Рокьул гьава бугин гьаб балагь дие.

Шапаг1алъи щваяй, дун к1очон тоге,

Дунги дурго гьудул мах1рум гьавуге.

4.Хъах1абросулъа Мах1муд

Дие лъугьараб щиб, дун вугеб куц щиб,

Кие арай гьудул,гьадин дунги тун?

Гьаб г1аламатго щиб, гьаб х1икматго щиб,

Х1урулг1ин йик1анин г1одой ч1ун аск1ой?

  1. Ц1алдохъабаз куч1дул рици

Кочхюралдаса Саг1ид

Би кьун , бец1ана дица дуе т1олабго налъи

Дир биялъин лъалъарал дуца дур ахал-хурзал.

Кинабго дир буголъи дуца бахъуйин араб,

Берзукьа т1аг1а гьанже, т1ок1алъ дир сабру гьеч1о.



Ятим Эмин

Дун хвараб мехалда, къо-лъик1 гьабизе

Къисмат дирго г1адав къваридав вач1а.

Гьез хъамал гьавурав, вет1а-векарав,

Дун г1адин,г1азабаз г1орц1арав вач1а.



Дун вуго Ятим Эмин къо бух1арав бесдалав

Дуца мискинзабазе бач1унеб буго балагь.

Амма бице нижеда, лъие мун даим кьураб?

Лъиениги кьун гьеч1о,- огь, панаяб дуниял!...



Мазалиса Г1али

Вегараб бусада берзукь паркъола

Духъе халатаб нух хирияб Ват1ан!

Унтун, чиякълъарав чияр ракьалда

Дун духъ ч1алг1ун вуго, г1агараб Ват1ан.



Кудалиса Х1асан.

Жиндир пикру камилас чи х1акъир гьавиларо,

Жиндир диван бит1арас чи бат1а гьавиларо,

Жиндир макъам рекъарас халкъ къварид гьабиларо,

Г1адлуялда хьвадарав, Аллагь дуца ц1унаги.



Гьарак1униса Саг1ид

Дур баркатаб мугъалда

Дир маг1ишат бук1ана;

Дур х1алимаб хьвадиялъ

Дир х1ажатал т1урана.



Г1анхил Марин

Дуда ч1ор реч1ч1аяв, ч1ух1арав лачен,

Ч1ух1дае мун хьвадун,хьи дие гьеч1о.

Ч1ордал гулла щваяб, сурмияб микки,

Дун тун, цогияй ккун, х1акъ батиларищ?





Б.Ч1анк1а

Дур баракат щваяй , щибха гьабилеб,

Рокьул гьава бугин гьаб балагь дие.

Шапаг1алъи щваяй, дун к1очон тоге,

Дунги дурго гьудул мах1рум гьавуге.



Хъ. Мах1муд

Дие лъугьараб щиб, дун вугеб куц щиб,

Кие арай гьудул,гьадин дунги тун?

Гьаб г1аламатго щиб, гьаб х1икматго щиб,

Х1урулг1ин йик1анин г1одой ч1ун аск1ой?



Дунги дуда хадув, халкъалда сурун,

Хвезе бак1 балагьун вугин свердулев!

Дуде щиб къо бач1ун ,къот1араб хабар ,

Къват1ий яхъани щиб, хъван цо кагъатгун?



Т1елекьа Этил Г1али

Духъали , г1ака, дир рак1го бух1ич1о,

Духъ араб х1амаги х1алт1укъаб бук1ун:

Рихьдае берцинаб варанидул мугъ,

Мун гъорлъа камидал, куц хвана боц1ул.



Инхелоса Къурбан

Дир чорхолъ йосана, насибас ана,

Дир чара бух1араб чараб дуниял,

Дирлъизе хьул лъола , хьихьардула рак1,

Лъимадаго ккараб г1ащикъаб рокьи

Бичунго кколареб чидарлъаниги.



Расул Х1амзатов.

Дун хехго гьаюна гьаб дунялалда,

Гьелъ кват1ана дие рохелгун талих1,

Амма цо хут1арай рохел йиго дир,

Дида гьеб бич1ч1ана , дир яс Асият.

Гьаб дица г1адинан г1умру гьабизе,

Гьаюн гьеч1о дица хирияй Ася.

Гьединаб ч1аголъи гьелъулъ бук1ани,

Ч1ван г1уруца ине бокьила дие.

Дур къасдищ бук1араб,къвалакь кверги ч1ван,

Ч1ух1ун дир ясалъе ханлъи гьабизе?





  1. Тестал

Тестал

1.Ц1арубак1илан сунда абулеб?

А)Предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1а.

Б) Предметияб ц1аралъул, прилагательноялъул, рик1к1еналъул бак1алда

х1алт1изабулеб каламалъул бут1а.

В)Определениялъул цо хасаб тайпа.

2. Кинал разрядазул ц1арубак1ал падежазде сверулел?

А)Киналниги разрядазул

Б)Гьумералъул

В)Ишараялъулги гьумералги

3. Ц1арубак1алъул чан разряд бугеб?

А)7

Б)6

В)5

4. Ц1арубак1алъул гуреб разряд бихьизабе.

А)Суалияб

Б) Цадахълъиялъул

В)Жибголъиялъул

5. Жив, жий, жиб, жал , ниж, нилъ абурал ц1арубак1ал падежазде сверулаго кин хъвалел?

А) Кьибил ц1унун

Б)Рагьарал гьаркьазулъ хиси ккун

В)Дефисгун

6. Гьаб предложениелъулъ ц1арубак1 кинаб предложениялъул членлъун ккун бугеб?

Щибаб саг1аталда г1алхул чундузда дур хабар гьикъула бакъанил г1ужалъ.

А)Щибаб- опред., дур-опред.

Б)Щибаб-подлеж., дур-хъв. доп.

В)Щибаб-опред., дур-хъв. доп.

7. Кьовул падежалда лъураб ц1арубак1 бате

А)Лъилниги

Б) Нилъеего

В)Гьесда

8. К1иабилеб гьумералъул ц1арубак1ал рихьизаре

А)Нуж, мун

Б) Ниж, дун

В)Гьав, гъой.

9.Кинал ц1арубак1азул жинс ва форма бук1унареб?

А) Щивалиго, щалниги

Б) Гьав, дой

В)Дун,мун

10. Ниж абураб ц1арубак1 подлежащеелъун ккезабун предложение ургъе.


  1. Бицанк1аби

  1. Бертин гьабулеб мехалъ ,

Гьаваялда роржунел.

Цинги куркьбиги къунц1ун,

Ракьулъ рукъзал гьарулел(ц1унц1раби)



  1. Х1урулъ чвердон черх бац1ц1унел,

Чабах кванан квен бигьунел;

Кодор т1ирун т1илал ккведал,

Т1аг1амалда макьу щолел. (г1анк1уял)



  1. Кверзухъан г1акълу чвахун,

Г1адамаца г1уц1улеб,

Г1адамасул бот1ролъе

Бадисан жаниб унеб;

Жиб кванан т1аг1унареб,

Т1аса ин бук1унареб,

Г1емерал гьурмал ругеб,

Гьаб т1аг1ел щиб жо кколеб?(т1ехь)



  1. Дунялалъул кьерал лъазе,

Кьурулъ ч1арал ч1енкераби,

Кьижулелъул т1алъел къалел,

Т1ину гьеч1ел гьит1ин х1орал. (берал)



  1. Ургьиб хасел рещт1араб,

Хинаб рокъоб рекъараб,

Пири-ц1аялъ х1алтулеб,

Х1алтанаг1ан бугьунеб.(холодильник)



  1. Гьаракь-калам, кинабго сас

Кквезе бокьун кьурда ч1арал,

Кици-бицен, коч1ол бакъан

Бикъун унел къанал щал жал?(г1ундул)



  1. К1иго бералда гьоркьоб

Кьилиги ч1ван рек1унеб,

Рек1арасул х1атаца

Х1алт1улежо щиб кколеб?(велосипед)

  1. Ц1огьорас бикъулареб,

Бералда бихьулареб,

Цадахъ боссе бигьаяб

Бечелъи щиб чиясул?(махщел)




  1. Каламалъул бут1аби рат1а гьаре. Ункъо х1уби гьабе.

Анц1абго, моц1, лъик1ав, лъимал, г1уж, щивниги, ниж, калам,ц1одорал, царалаб, царал, сунца, миллион, цо-цоккун, хъах1ал, баргъичалъул, дой, гьединаб, азаралда к1иго,бец1хъах1илаб, лъицаялиго.

  1. Гьал ц1арубак1ал падежазде сверизаре.

Дун, щив, живго, щивниги





  1. Текст г1едерго ц1ализе

Ц1.Х1амзат

Ц1алиги ва рук1а-рахъинги нижер мажгитахъ бук1унаан. Бусенги- нижерго т1имугъ, т1ад балеб юргъанги- х1улараб ц1аха. Стол, бак1 нижер бук1инч1о. Портфель, чемодан щиб жояли нижеда лъалеб бук1инч1о. Нек1о ц1алдохъабазул партал лъица чурулеб бук1араб, лъица букъулеб бук1араб? Лъадал ц1олев щив вук1арав? Ц1а бакулев щив вук1арав? Кинабго жидецаго гьез гьабулаан. Ниж рахъине кколаан росулъе щибаб къоялъ, радал ялъуни бакъанида бакизе жоялда хадур. Гьединго ниж щвезе кколаан щибаб рузман сордоялъ рукъ-рукъалъул к1алт1е, гарбида хулжалги ран, ханжу гьаризе. Ханжуги нижер г1унк1к1аца рукъарал къуч1бухъ бук1унаан. Хинк1алги нижер жив-живасул г1уж барал рук1унаан.





  1. Дарсил х1асил гьаби (рефлексия)



  1. Рокъобе х1алт1и кьей




Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 10 класс

Скачать
Открытый урок по теме :"Ц1арубак1"

Автор: Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Дата: 19.10.2019

Номер свидетельства: 523270


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства