kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Открытый урок : К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби. 8 класс

Нажмите, чтобы узнать подробности

Тема : К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби.

                                  Дарсил мурад :

1.Ват1ан хиралъиялъул ва гьеб ц1унизе рух1 кьун рагъарал умумузул ирс ц1унизе ккей  ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.

2.Гьудулъи - вацлъиялде г1ун бач1унеб г1ел ругьун гьаби.

3.Рагъулъ ва тылалда Дагъистаналъул хъвадарухъабаз тушманасда т1ад бергьенлъи босиялъулъ гьабураб г1ахьаллъи лъималазда бич1ч1изаби.

4.К1удиял асаразул къокъго х1асил бицинеги ц1аларалъул анализ гьабизеги ц1алдохъабазул бугеб бажари цебет1езаби.

5.Ват1аналъе рит1ухъаллъун, зах1мат бокьулеллъун рук1ине кколеблъиялъул асар ц1алдохъабазулъ бижизаби.

Дарсил алат:  компьютер, проектор,экран, видео, шаг1ирзабазул т1ахьал, 

                           суратал.

      Дарс байбихьила  «Къункъраби» абураб кеч1 лъималаз ах1улаго.

- Рорч1ами,лъимал, гьале нилъ данделъана  авар  адабияталъул г1адатияб гуреб дарсиде дарсиде.  

       Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб класстун къват1ибехун ц1алиялъул дарс.

Дарсил темаги буго К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби.

  Кинабха, лъимал нилъер дарсил мурад бугеб?(мурадал рицина)

  Рагъда ва тылалда Дагъистаналъул хъвадарухъабазул К1удияб Ват1анияб рагъ. Гьаб рагъул х1акъалъулъ нужеда лъик1го лъалеб батила тарихалъул дарсаздаги. Нилъецагьеб цодагьабго рак1алде щвезабизеги рач1аха, лъимал.

                 1941 соналъул гьат1ан къоялъ саг1ат 4 ялда нилъер пачалихъалде Гитлерил армиялъ г1арада базе байбихьана. Ват1ан ц1унизе, гьезие г1оло рух1 кьезе х1адураб бук1ана Совет Союзалъул т1олабго халкъ. Гьеб К1удияб Ват1анияб рагъда г1ахьаллъи гьабуна г1исиназги ч1ах1иязги. Г1уц1ун бук1ана жидеего бокьун рагъде унезул штабал. Щивасул мурад бук1ана гитлерилаб фашизмаялда т1ад бергьенлъи боси.

          Эбелаб Ват1аналъул 20 миллион чиясул г1умру къурбанлъараб Ват1анияб рагъ нилъер халкъалъе бук1ана бищунго зах1матал х1албихьиязул цояблъун.1418 сордо – коялъ халат бахъана инсанияталъул тарихалда жаниб жинда данде лъезе мисал цоги гьеч1еб, советияб халкъалъул къвак1иялъулги, багьадурлъиялъулги бах1арчилъиялъулги х1албихьараб К1удияб Ват1анияб рагъ.

    Рагъул т1оцересел къоязго Ват1ан ц1унизе къокъана Дагъистаналъул г1олохъабиги. Гьез такрар гьарулел рук1ана Дагъистаналъул халкъияв шаг1ирасул к1оч1ол раг1аби:

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Открытый урок : К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби. 8 класс»

Министерство образования и науки РФ и РД

МКОУ "НОВОЧИРКЕЙСКАЯ СРЕДНЯЯ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНАЯ ШКОЛА №1 "

Кизилюртовский район






















Разработала и провела

учитель родного языка и литературы

Бацикова Х.А




2016г


Тема : К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби.


Дарсил мурад :


1.Ват1ан хиралъиялъул ва гьеб ц1унизе рух1 кьун рагъарал умумузул ирс ц1унизе ккей ц1алдохъабазда бич1ч1изаби.

2.Гьудулъи - вацлъиялде г1ун бач1унеб г1ел ругьун гьаби.

3.Рагъулъ ва тылалда Дагъистаналъул хъвадарухъабаз тушманасда т1ад бергьенлъи босиялъулъ гьабураб г1ахьаллъи лъималазда бич1ч1изаби.

4.К1удиял асаразул къокъго х1асил бицинеги ц1аларалъул анализ гьабизеги ц1алдохъабазул бугеб бажари цебет1езаби.

5.Ват1аналъе рит1ухъаллъун , зах1мат бокьулеллъун рук1ине кколеблъиялъул асар ц1алдохъабазулъ бижизаби.

Дарсил алат: компьютер, проектор,экран, видео, шаг1ирзабазул т1ахьал,

суратал.

Дарс байбихьила «Къункъраби» абураб кеч1 лъималаз ах1улаго.

- Рорч1ами,лъимал, гьале нилъ данделъана авар адабияталъул г1адатияб гуреб дарсиде дарсиде.

Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб класстун къват1ибехун ц1алиялъул дарс.

Дарсил темаги буго К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби.

Кинабха , лъимал нилъер дарсил мурад бугеб?(мурадал рицина)


Рагъда ва тылалда Дагъистаналъул хъвадарухъабазул К1удияб Ват1анияб рагъ. Гьаб рагъул х1акъалъулъ нужеда лъик1го лъалеб батила тарихалъул дарсаздаги. Нилъецагьеб цодагьабго рак1алде щвезабизеги рач1аха , лъимал.

1941 соналъул гьат1ан къоялъ саг1ат 4 ялда нилъер пачалихъалде Гитлерил армиялъ г1арада базе байбихьана. Ват1ан ц1унизе, гьезие г1оло рух1 кьезе х1адураб бук1ана Совет Союзалъул т1олабго халкъ. Гьеб К1удияб Ват1анияб рагъда г1ахьаллъи гьабуна г1исиназги ч1ах1иязги . Г1уц1ун бук1ана жидеего бокьун рагъде унезул штабал. Щивасул мурад бук1ана гитлерилаб фашизмаялда т1ад бергьенлъи боси.

Эбелаб Ват1аналъул 20 миллион чиясул г1умру къурбанлъараб Ват1анияб рагъ нилъер халкъалъе бук1ана бищунго зах1матал х1албихьиязул цояблъун.1418 сордо – коялъ халат бахъана инсанияталъул тарихалда жаниб жинда данде лъезе мисал цоги гьеч1еб, советияб халкъалъул къвак1иялъулги, багьадурлъиялъулги бах1арчилъиялъулги х1албихьараб К1удияб Ват1анияб рагъ.

Рагъул т1оцересел къоязго Ват1ан ц1унизе къокъана Дагъистаналъул г1олохъабиги. Гьез такрар гьарулел рук1ана Дагъистаналъул халкъияв шаг1ирасул к1оч1ол раг1аби:

Дагъистаналъул агьлу,

Эркенлъиялъул т1анч1и,

Т1адаб налъи щиб нилъер? –

- Бергьенлъи, ялъуни хвел!


Фронталдаги тылалдаги г1адамаз бихьизабуна к1удияб бах1арчилъи. Г1емераб къварилъиги бихьун щвана бергьенлъи. Гьеб г1асияб рагъда нилъер 57 Дагъистанлъул г1олиласе щвана Совет Союзалъул бах1арчиясул ц1ар. Рек1елъ к1удияб ч1ух1игун рехсола нилъеца нилъер гьайбатал бах1арзал:

1.М.З. Г1абдулманапов

2.М.Х1ажиев.

3.Саг1аду Мусай (жиндирго черхалъ дзот бахчарав).

4.Ахмед-хан султан _ к1иц1олго бах1арчи.

5. Валентин Эмиров.


«Рекъел биххилалде хвалчен бахъарав» бидулав тушманасдаса Ват1ан ц1унулезул бищунго цересел кьеразда рук1ана советиял хъвадарухъабиги шаг1ирзабиги . Тушманасде данде гьел рагъана коч1одалъунги хочодалъунги.Гьеб рагъулъ г1ахьаллъи гьабуна к1икъогоялдаса ц1ик1к1арал нилъер шаг1ирзабаз ва хъвадарухъабазги. Дица нужее гьезул щивасда т1асан реферат хъвазеги кьун бук1ана. Лъимал т1амила къокъго гьениб хъвараб ц1ализе яги. бицине

1 Абакар Т1агьиров.

2. Мут1алиб Митаров

3. Багьавудин Митаров

4.Ражаб Динмух1амаев.

5. Мух1амад Сулиманов.

6. Г1абдулмажид Хачалов.

7. Эфенди Капиев – рагъул корреспондент………..

………………………………………….

Дагъистаналда гьеб рагъ бук1инч1ониги нилъер щивасда хъинт1ана гьеб рагъ. Дагъистаналдаса 190 азарго чияс г1ахьаллъи гьабуна гьеб рагъулъ, т1ад вуссинч1о 80 азарго чи.


_ Нилъер районалдаса чан чиха арав рагъде ? (1194)

_ К1олищ рицине?

_ Чан чи вуссинч1ев рагъдаса? (800)

Муг1алим: Ват1аналде бугеб рокьиялъги тушманасде бугеб цциналъги бергьана нилъ гьеб рагъда.

Рач1аха нилъ балагьизе цо гьит1инаб рагъул бут1аялъухъ

(диск биччала).


Аллагьас хъван батугейги, лъимал, нилъеда гьеб бихьизе, амма гьаб рагъул х1акъалъулъ лъазе ккола нилъер щивав ц1алдохъанасда. Гьеб буго нилъер тарих _ история.

Рагъде инч1ого хут1араз жидерго къуватги бажариги буссинабуна тушманасде данде халкъ бахъинабиялде. Гьездаса цоял ккола нилъер ч1ах1иял г1елазул шаг1ирзаби: Ц1адаса Х1амзат, Загьид Х1ажиев ва г1ун вач1унев Расулги. Гьезул куч1дуз к1удияб кумек гьабуна Ват1ан ц1унизе г1олилазде ах1и баялъ. Гьеб къаг1ида бат1аго хасиятаб буго Дагъистаналъул шаг1ир Ц1адаса Х1амзатие. Х1амзат гьеб гьунаргун цеве вахъана Гитлерилаб фашизмагун рагъ ккараб т1оцебесеб къоялъго.

_ Лъицаха бицинеб , лъимал, Ц1.Х1амзатил г1умруялъул ва адабияб х1аракаталъул х1акъалъулъ?

_ Лъимал, дица нужее рокъоре лъазаризе кьун рук1ана Ц1адаса Х1амзатил рагъул х1акъалъулъ хъварал куч1дул.

Ц1алдохъабаз куч1дул рицина.

Муг1алим: гьединго ах1и барал куч1дул хъвана З х1ажиевас.

Лъица гьесул х1акъалъулъ бицинеб ва куч1дул рик1к1инел?

« Кьолой маг1арулал баг1арал чуял,

Чакъал т1аделъанин т1огьол магъилъе.

Т1аде рахъа вацал Ват1ан хириял

Г1мру нухда лъезин фашизмаялъе

Шамилил лъималаз, Шорсил т1анч1аца

Бидул г1ор биччалин г1алхул хъурмазул

Зодосан бомбаби, г1одосан гулбуз

Гурх1ел тун ч1вач1вазин ч1ег1ерал борхьал»

Муг1алим:

Гьединго К1удияб Ват1анияб рагъде, жиндиего бокьун г1арзаги кьун, ана Г1абдулмажид Хачалов.

_ Лъицаха Гьесул г1умруялъул бицинеб?

_ Кинаб кеч1ха нужеца гьесул лъазабураб?(лъималаз рицина)


Муг1алим. Мух1амад Сулиманов гьавуна Хунзахъ росулъ, ц1алана Хунзахъ школалда.

Армиялде анна жиндиего бокьун ,г1арзаги кьун, гьит1инав вугилан чанц1улго нахъ ч1ваниги.

_ Кеч1 дицагоги ( муг1алималъ) ц1алила. Ц1алдохъабазги рицина С1улимановасул творчество, куч1дузул кескал.

Муг1алим:

Рагъул куч1дул хъвана г1ун вач1унев Расулицаги (къокъаб х1асил бицина «Россиялъул солдатал»)

3. Крымалда гьабулеб рагъулъ тушманасул ах1вал _ х1ал ц1ехезе рит1ана нилъер бах1арзал.Гьелда т1ад вук1ана нилъер ракьцояв Мух1амадзагьид Г1абдулманаповги…….

Вах1шияб къаг1идаялъ байбихьана сурав (допрос)босизе. Киг1ан г1азаб кьуниги фашистазда к1веч1о советиял рагъухъаби къуркьизаризе. Гьезул х1акъалъулъ хъвараб буго расул Х1амзатовасул «Россиялъул солдатал»


Сценка «Россиялъул солдатал» (кесек)


_ Муг1алим.Цойги кинал шаг1ирзабаз хъварал Г1абдулманаповасул х1акъалъулъ куч1дул?

1. Бахумеседо Расуловалъ.. (ц1алдохъабаз рек1ехъе кесек бицина)

2.Машидат Гъайирбековалъ. (ц1алдохъабаз рек1ехъе кесек бицина)

3. Г1абдула Дагановас. (ц1алдохъабаз рек1ехъе кесек бицина)

Муг1алималъ бицина «Ц1адулал ц1арал» Г1. Даганов. Гьум. 14-15 .

Муг1алим:

Ват1анияб т1алаб т1обит1улаго,

Т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро.


Х1акъикъаталдаги к1очон гьеч1о гьезул ц1арал. Гьел къойидаса къойиде кунч1ун рач1унел руго хъах1илаб зодихъ. Гьезул х1акъалъулъ хъван руго къисаби, гьарун руго памятникал. Гьел руссун руго къункърабазул т1елалде.


Расулил къункърабаз дунял сверана. Гьеб коч1оца рек1ее асар гьабич1ого хут1уларо.

Ц1алдохъан- «Къункъраби»

Муг1алим: .

Ч1варал васазда хадуб

Херлъарал улбуз т1олеб

Маг1ил г1ор бакъван гьеч1о.

Г1адамал, т1аде рахъа

Т1аг1ине гьабе ярагъ.


Улбузда к1очон толел рук1инч1о вассал, кидадай гьел рач1ина абун нухде ралагьун рук1ана улбул.


Сверана чанго сон вас аралдаса

Эбел йиго жеги гьасухъ ялагьун.

Щай гьав вуссунарев инсул росулъе

Щай гьасда к1очарай гьаюрай эбел?

Гьав т1ад вуссинаан инсул росулъе

Ват1аналън г1оло рух1 кьеч1ебани,

К1очон телароан гьаюрай эбел,

Гьинал рак1 гуллица борлъич1ебани,

Гьай маг1арулалъул цо вук1арав вас

Киевалъул рагъда ругъун щун хвана.

Амма эбелалда вас к1очон гьеч1о,

Гьев вач1иналъухъ гьев балагьун йиго.

Муг1алим. Г1урус ва авар мац1алда кинал кицаби лъалел нужеда Ват1аналъул ва бах1арзазул х1акъалъулъ?

Славу свою добывай в бою.

Сражайся смело за родное дело.

Старая слава новую любит.

Что мир строит, то война разрушает.

Герой рождается для жизни,

а умирает за Родину.

Герой за Родину горой…..

1. Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

2.Ват1ан гьеч1ев чи, чи гьеч1еб таргьа.

3. Бах1арчиясул ц1ар ц1вабзаздеги г1унт1ула.

4.Тушманасе наку ч1вазег1ан,къадани зани ч1вай лъик1…..


Г1урусазул кинал хъвадарухъабиха нужеда лъалел рагъул х1акъалъулъ куч1дул хъвалел ругел?

Фадеев «Молодая гвардия», «А зори здесь тихие»

Константин Симонов «Убиты под Москвой»


Муг1алим. Гьале ахиралде щолеб буго дарс. Нужеца рик1к1ана бат1и – бат1иял хъвадарухъабазул куч1дул.

Литературияб дарс щулаги гьелъул х1асил гьабич1ого бегьуларо. Рач1а , лъимал,нилъецаги гьабизе.

_ Рагъ абураб раг1иялъ нужее кинаб асар гьабулеб бугеб, кинал раг1абаздалъун гьеб нужеца къват1ибе кьелеб?

_ Балагь, хвел, вах1шилъи, къварилъи, зулму, хъвант1и, маг1у, г1оди, ц1орой, бух1и, пасалъи, хиянатлъи.

Бук1ана гьеб рагъ нужеца бицунеблъун, нилъеда гьеб бихьич1о, бихьизе хъванги батуге.

_ Нилъ бергьана гьеб рагъда. Сунца, кин?

_ Кин к1вараб гьеб рагъда нилъеда бергьенлъи босизе. Кинал раг1абаздалъун нужеца гьеб абилеб?

_ Ват1аналде бугеб рокьиялъ.

_ бах1арчилъиялъ, цолъиялъ, рух1алда барахщич1олъиялъ.

_ Зах1маталъ, къо х1ехьеялъ.

_ Къуваталъ, тушманасде бугеб цциналъ.

_ Вацлъиялъ. Гьудуллъиялъ.

_ Эркенлъи бокьиялъ.

_ Махщелалъ, къуркьи гьеч1олъиялъ.

_ Сабруялъ, божилъиялъ.

_ Г1умруялде бугеб г1ищкъуялъ.

_ Аллагьас квер бакъиялъ.


Муг1алим. Гьеб кинабго бихьизабуна нилъер халкъалъ, ай рагъухъабаз, зах1матчаг1аз, г1исиназ, ч1ах1ияз.Гьел кидаго рук1анаВат1аналъе рит1ухъал. Гьединаллъун рук1ана жидер къисмат къокъаб кканиги


нилъеца бицен гьабурал Э.Капиевги,Б. Митаровги,Мусаиб Стальскийги,Манувах Дадашевги…..

Гьединаллъун хут1ана Ват1аналъе г1оло г1умру кьурал Дагъистаналъул рек1аразул эскадроналъул разведчик «Маг1арулазул Корчагин» , гьунар бугев поэт Мухтар Абакаровги, аваразул советияб прозаялъе кьуч1 лъуразул цояв Р. Динмух1амаевги.хъвадарухъан ва журналист А. Т1агьировги, драматург Алимпаша Салаватовги ва гьел гурел цогидалги…

Муг1алим. Нилъ налъулал руго нилъер умумузда цере, нилъее рух1ги кьурал, Ват1анги ц1унарал.

«Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о» абурал раг1абиги рит1ухъ гьаризе сундалъун бихьизабилеб нилъеца нилъ гьезул ирсилал рук1ин.

1. Ват1аналде бугеб рокьиялдалъун.

2.Эбел – инсул адаб гьабиялдалъун.

3. Лъик1аб ц1алиялдалъун.

4. Гьезул тарих лъазабиялдалъун.

5. Нилъерго бац1ц1адаб мац1, маданият лъазабиялдалъун.

6.Миллатазда гьоркьоб рекъел ц1униялдалъун.

7. Бергьенлъиялда хурхарал байрамал т1орит1иялдалъун.


Муг1алим. Х1алч1ахъаги , лъимал, нужер, тавпикъ кьейги нужее, гьел мурадал т1уразе.

Лъимал, кин бук1аниги дунялалда рагъал лъуг1ун гьеч1о. Къойилго нилъеда бихьула телевизоралдаса Сириялда , Украиналда бугеб х1ал.

Кинал пикрабиха нужер ругел гьениб бугеб ах1вал – х1алалъул?


1. Холел руго расги г1айиб гьеч1ел г1адамал.

2. Дирни рак1 гурхула гьенир г1одулел г1адамал рихьидал.

3.Босани нилъерго Дагъистан- дагьаб цебег1ан расги багьана, г1айиб гьеч1ев милиционер ч1вана даргияв Мух1аммад Нурбагандов.


Муг1алим: Щибха нужеца гьезие гьарилеб?


1. Рекъел

2. Рохел, хехго рагъ лъуг1и.

3. Жидерго рукъзабахъе т1адруссин.

Муг1алим:

_ Бит1ун буго, лъимал, ц1унаги нилъ гьеб рагъалдаса.

Баркала , лъимал. Жакъан нужеца нужго рихьизаруна маг1арул адабият ва гьелъул тарих бокьулел лъимал рук1ин.

Рахъе кинацаго дневникал, лъе нужеего 5 къимат.

Рокъобе х1алт1иги хъвай: Сочинение «Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о»




«Щивго кIочон гьечо,


Щибго кIочон гьечIо»




.


Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: Прочее.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
Открытый урок : К1удияб Ват1анияб рагъда хъвадарухъаби ва шаг1ирзаби. 8 класс

Автор: Андалаева Мадинат Курбановна

Дата: 07.12.2019

Номер свидетельства: 530736


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства