kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Мух1амад Шамхалов «Буран»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- М.Шамхаловасул Г1умру ва творчество г1ат1ид гьабун малъи. Хъвадарухъанасул х1аракатчилъи бихьизаби

2.  Лъай цебет1еялъул:

-Ц1алул бажари цебет1ей.

3. Тарбия кьеялъул:

          - Гьабураб квешлъи кида-къадги жиндаго реч1ч1улеблъи бихьизаби

         -Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, суратал.

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- М.Шамхаловасул Г1умру ва творчество г1ат1ид гьабун малъи. Хъвадарухъанасул х1аракатчилъи бихьизаби

2.  Лъай цебет1еялъул:

-Ц1алул бажари цебет1ей.

3. Тарбия кьеялъул:

          - Гьабураб квешлъи кида-къадги жиндаго реч1ч1улеблъи бихьизаби

         -Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, суратал.

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Мух1амад Шамхалов «Буран»»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

тема:



11 класс



Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Лологонитль 2018г.

Дарсил тема: Мух1амад Шамхалов «Буран»

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- М.Шамхаловасул Г1умру ва творчество г1ат1ид гьабун малъи. Хъвадарухъанасул х1аракатчилъи бихьизаби

2. Лъай цебет1еялъул:

-Ц1алул бажари цебет1ей.


3. Тарбия кьеялъул:

- Гьабураб квешлъи кида-къадги жиндаго реч1ч1улеблъи бихьизаби

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Кицабаздалъун малъа-хъвай гьаби.



Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, суратал.



Дарсил план.

  1. Класс дарсиде х1адури



  1. Араб материал щула гьаби

1.Тестал

2.Лингвистикияб анализ гьаби

3. Ц1ияб тема

1.Наби Г1исаев «Мун борхалъиялда т1аде вахуна»

2.Мух1амад Шамхаловасул творчество, асарал, темаби, шапакъатал.

3. М.Шамхаловасул васигат

4. Видео

5. «Буран» асаралъул анализ гьаби

  1. Дарс щула гьаби

1)Инсценировка «Буран» къисаялдаса

2)Суалал

5. Дарсил х1асил гьаби(Рефлексия)

6. Рокъобе х1алт1и кьей



Дарсил ин.

  1. Класс дарсиде х1адури



  1. Араб материал щула гьаби





1.Тестал

Гьал раг1аби щиб асаралдаса кколел?

1.«Гьебмехалъ бах1арас х1укму къот1ана:

-Рустам ч1аго ватун, ч1ух1ун вуго дун;

Вац вуго дие гьев гьанжеялдаса,

Гьесул Гюллер дица рик1к1уна яцлъун.»

А) «Лъукъараб кеч1»

Б) «Рит1уч1ил лълъурдул»

В) «Ч1агоял рукъуларо»

2. Гьоц1о бак1аризе гуч т1аг1ун , холел руго наял. «Лъим, лъим!»-абун ах1делеб буго мегъ.Рак1алъ жиндирго бакъвараб щекъер рагьун буго, нужин абуни, руц1ц1ун ч1унищ ругел?

А) «Гуч»

Б) «Куркьбал ругеб хъачагъ»

В) «Хъабчилъ бах1арзал»

3. Ражаб, мун вук1анин Москва беццулев,
Ц1акъ лъик1аб бак1илан,- бук1унго гьеч1о!
Бицун чи божулеб сурат гьеч1илан,
Ц1акъ пулев вук1анин,- гьабищ бук1араб?!

А) «Ударник Х1асан»

Б) «Х1абибат ва Х1ажияв»

В) «МОСКВАЯЛЪУЛ Г1УНГУТ1АБИ»

4.Цоясул щекъер къана,
Цоясул чехь бихъана.
Жакъа гъазават бугин,
Гъурун рехана г1унк1к1ал.

А) «Баси»

Б) «Катил х1еж»

В) «Чирмакъолол г1арз»

5.Тохтурасул кумекги щвеч1ого, бичча-бихъан тараб унтиялъ холел рук1ана херал гурелги, г1олохъанал берцинал г1адамал.Гьезул г1емерисел сах гьаризе к1олаан. Амма пайда щиб, капурчияс квер хъвазе теларилан бусурбабаз г1урус тохтурасул кумек къабул гьабулеб бук1инч1о.

А) «Маг1арулав ватани»

Б) «Г1акъилал раг1аби»

В) «Маг1арухъ тараб рак1»





2.Лингвистикияб анализ гьаби

1.Аллитерация бихьизабе

  • Гьес цо бакъан т1амуна,-

  • Къебедасе кеп щвана,

  • Къач1ан иргадал кутнал

  • Авлахъалде рит1ана

2.Анафора бихьизабе

  • Цоялъул щекъер къана,

  • Цоялъул чехь бихъана.

  • Жакъа гъазават бугин,

  • Гъурун рехана г1унк1к1ал

3.Рифма бихьизабе

  • Чинари гъвет1 г1адин, т1огьив ч1арав гьев,

  • Т1ад сверун ц1умаца ц1унулев вуго.

  • Гьесул х1алт1ул гьаниб х1урмат гьабула,

  • Х1алхьи гьеч1ев инсан вугин абула.

4. Коч1ол роцен бихьизабе

  • Росонак1к1, т1у-т1ун ун, т1аг1унеб буго;

  • Т1огьол расалъаби рагьулел руго



3. Ц1ияб тема

1.Наби Г1исаев «Мун борхалъиялда т1аде вахуна»

2.Мух1амад Шамхаловасул творчество, асарал, темаби, шапакъатал.

  1. М.Шамхаловасул васигат

Ассаламу г1алайкум, х1урматияб, къуват т1адег1анаб хвел! Къо-мех лъик1, дие заманалъ кьураб роц1арал, роччарал, г1аздалал, ц1адалал, бакъулал, нак1к1улал берцинал къоял. Дун х1адурав вуго мунгун дандч1вазе.

Г1адамасул берцинаб г1умрудул ахалъуда ва г1орхъуда хвел бук1инч1ебани, г1адамасул г1умру бук1ине бук1ана рет1ун басралъараб, т1аса бахъулареб т1имугъ г1адаб, ч1амуч1аб, ч1алг1араб.

Дун г1урхъи гьеч1ого налъулав вуго дир г1агараб, дун т1аса хьвадараб ва дун кваназабураб ракьалъе.

Дун налъулав вуго ва рак1-рак1алъ баркала загьир гьабулеб буго дир муг1алимзабазе, мутаг1илзабазе, т1олгоял лъик1алщинал г1адамазе, ва, къокъго абуни, дун Г1АДАНЛЪУН вахъинавизе квербакъаразе.

Аллагьасда лъала дун кинав чи вук1аравали, ва дица дидаго т1адаб налъи кин т1убазабурабали.

Дун- Мух1амад Шамхалов

Iакъикъат" газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас жиндирго цо кIалъаялда абуна: «Расул ХIамзатовасги МухIамад Шамхаловасги рагIизабунин Дагъистан. Дагъистаналъул халкъалда гьел даимго кIочене гьечIин.
Хъизан-лъималгун, гьалбалгун, гьудулзабигун, х
IалтIухъабигун МухIамадил букIана гIодов виччараб хIеренаб кIалъай. Жиндирго вукIа-вахъинги гIадамазулгун гьоркьоблъиги букIана хIикматго гIодовиччараб. Нилъее гьев вукIана гIумруялъул мисаллъун.



4. Видео

5. «Буран» асаралъул анализ гьаби

-Гьеб асаралъул жанр жиб кколеб?

-Асаралъул аслияв багьадур щив кколев?

-Къисаялъул цоги г1ахьалчаг1и рик1к1е.

-Сундул х1акъалъулъ бицен гьабулеб бугеб асаралъулъ?

-Кинал раг1абаздалъун байбихьулеб ва лъуг1улеб бугеб къиса?

-Кин нужеда гьеб КИЦИялъул маг1на бич1ч1улеб?

-Композиция г1уц1е.

-Асаралъул аслияб идея щиб кколеб?

-Кульминация (бищун х1алуцараб бак1) бихьизабе къисаялда.

-Асаралъул развязка кинаб бугеб?



  1. Дарс щула гьаби

1.Инсценировка «Буран» къисаялдаса ахирияб кесек.

2.Суалал

-Сундеха ц1алел ругел нилъ асаралъ?

(Гьабураб квешлъи кида-къадги жиндаго реч1ч1улеблъи бихьизабун буго.

Гьеб буго насих1атияб, философияб къиса.

Асаралъ нилъ инсанасе лъик1лъи гьабиялде ах1улел руго.)





3. Дарсил х1асил гьаби(Рефлексия)

4. Рокъобе х1алт1и кьей








Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 11 класс

Скачать
Мух1амад Шамхалов «Буран»

Автор: Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Дата: 19.10.2019

Номер свидетельства: 523268


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства