kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

«Муг1рузул Г1али».

Нажмите, чтобы узнать подробности

«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».«Муг1рузул Г1али».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
««Муг1рузул Г1али».»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Муг1рузул Г1али»- 6 кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна



Лологонитль.2016г.





МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

««Муг1рузул Г1али»- 6 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.













Лологъонилъ. 2016с.



Дарсил тема: «Муг1рузул Г1али».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ авторас мац1ихъабазде бугеб ццинги, рокьукълъиги, гьезул мац1алъул х1асилалги рихьизарун ругеб куц бихьизаби.

-Балладаялъе баян кьей;

2. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

Ц1алул бажари цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

Мац1ихъанлъи- инсанасул чорхолъ бугеб бищунго сурараб ва нахъег1анаб г1амал- хасият бук1ин бихьизаби.

- Мац1ихъанлъи гьабизе бегьулареблъи, мац1аз лъик1алде рачунареблъи бич1ч1изаби.

- Г1акълуялдаса цебе ццин ккезе биччазе бегьулареблъи бич1ч1изаби, цо иш гьабилелда цере лъик1го ургъизе кколеллъи бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.



Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, кицабазул таблица, тест.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби.

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) баллада;

б) Рек1елгъеялъулаб грамматика, тема рагьиялъе ребус;

в) мац1ихъанлъи- инсанасул чорхолъ бугеб бищунго сурараб ва нахъег1анаб г1амал- хасият .

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

в)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби (тест).

- Инсанасул каламалъул тайпаби? (художествияб ва г1адатаб)

-Художествияб каламалъул тайпаби рик1к1е. (фольклор ва адабият)

- - Цояз цоязда бицун, халкъалъ ц1унараб, г1елалъ г1елалъухъе кьун, нилъехъе щвараб, хасав автор гьеч1еб асар? (фольклор)

-Фольклоралда цоги щибилан абизе бегьулеб? (халкъияб к1алзул гьунаралъул асар)

- Хъвай- хъваг1ай баккун хадуб бижараб, авторги вугеб асар?(адабият)

- Адабияталда цоги щибилан абизе бегьулеб?(литература)

- Исана кинал фольклориял асарал ц1аларал?

- Халкъиял асаразул тайпаби рик1к1е. ( кеч1, баллада, халкъияб бицен, аби, бицанк1о, кици, маргьа… )

- «Къайицадахъал» абураб маргьаялъулъ гьудулзаби щал кколел? ( бац1ги, циги, церги)

-«Ралъдал чу» кинаб тайпаялъул маргьа кколеб? (г1ажаибаб)

- «Ралъдал чу» абураб маргьаялдаса гиперболаялъе мисал баче. (бер къанщилелде, лъабц1ул дунял сверулаан чоца)

Къиматал лъей:

6- 7 жаваб- «3», 8- 9 жаваб- «4», 9- 10 жаваб- «5».

  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) баллада;

Халкъиял асаразул руго бат1- бат1иял тайпаби: кеч1, баллада, халкъияб бицен, аби, бицанк1о, кици, маргьа…

Жакъа нилъеца ц1ализе буго баллада.

Баллада ккола лирикиябги эпосиябги рахъ жидеда гъорлъ жубарал хасаб тайпаялъул куч1дул. Балладаялъул сюжет халатаб бук1унаро, аслияб куцалда гьениб рехсон бук1уна цо лъугьа- бахъин, жиндир х1асилалда чара гьеч1ого г1асияб (трагическияб) иш кколеб.

5 классалда нилъеца ц1алун бук1ана «Кьурулъ хут1арав Г1али» абураб баллада. Гьелъул герой хола.

Балладаялъулъ дандч1вала г1емер кидагосел эпитетал6 «ц1ах1ил буртина», «ячурай лъади», «рорхатал муг1рул», «гьулияб маргъал»…

б) Рек1елгъеялъулаб грамматика, тема рагьиялъе ребус;

и+ к ,

в ) мац1ихъанлъи- инсанасул чорхолъ бугеб бищунго сурараб ва нахъег1анаб г1амал- хасият.

«Муг1рузул Г1али» абураб балладаялъул тема ккола мац1ихъанлъи. Лъимал, мац1ихъанлъи ккола инсанасул чорхолъ бугеб бищунго сурараб ва нахъег1анаб г1амал- хасият. Дунялалдаго бищун х1алихьатавги, нахъег1анавги, г1адамаз рик1к1ад гьавулевги, гьезие рихаравги чи ккола мац1ихъанчи. Гьесие кинацаго наг1ана кьола.

Гьабизе жо т1аг1иялъ цо- цо г1адамаз мац1ихъанлъи г1емер гьабула. Гьезие г1адамазул ургъелго бук1унаро, жидеца гьабураб мац1алъул х1асил кинаб ккеладай абураб пикру гьез гьабулебго батуларо. Гьез г1адамал рехула питна- кьалалда гьоркьоре. Мац1ихъанлъиялъ киданиги лъик1лъиялде рачунаро, гьелъул х1асилалда г1адамазда гьоркьоб ккола даг1ба- раг1и, рагъ, г1адамал цоцаца ч1валел х1ужжабиги камуларо.



  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей (словарияб х1алт1и).

Нухлулав, гьорчо, т1агъи, мац1ихъан, гьулияб маргъал, микьг1арцул курхьен.

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

- Щайдай гьеб асаралда ц1ар «Муг1рузул Г1али» абун лъураб, «Муг1рузул Х1усен» яги «Муг1рузул Асх1аб» лъеч1ого? (Маг1арухъ Г1али абураб ц1ар т1ибит1араб буго, г1емер дандч1вала. Гьаб асаралъулъ бицен гьабулеб лъугьа- бахъиналда релълъарал ишалги г1емер ккола. Нилъер районалъул росулъцин ккана жеги г1асияб лъугьа- бахъин. Мац1ихъабаздаги божун, гьениса чияс ч1вала жиндирго ч1ужуги киналго лъималги.)

-Асаралъул аслияв герой щив кколев?

- Кинаб хъизан бук1араб Г1алил?

- Г1алие ч1ужуги, лъималги, эбелги хириял рук1ин сундаса бихьулеб бугеб?

-Щиб сабаблъун ч1варай Г1алица ч1ужу?

-Халкъалъ аслияб г1айиб лъиде г1унт1изабулеб бугеб? (Мац1ихъабазде)

- Г1алиде кинаб г1айиб г1унт1изабулеб бугеб? (Г1акълуялдаса цебе ццин ккезе биччан буго. Гьеб бихьулеб буго коч1ол гьадинаб мухъалдаса:

- Дуда щиб бицинеб, ццин хехав Г1али?

Ццидаца гьалаг гьавурав Г1алица цин ч1ужу ч1вала, хадув гурони ургъуларо. Гьев кват1ун ккола, гьанже гьениб хисизабизе к1олеб жо бук1инч1о.)

- Бич1ч1анищ Г1алида жиндирго гъалат1? Кинал мухъаздаса гьеб бихьулеб бугеб? ( Мац1ал гьаруразул мац1ал рахъаги.

Мац1ид божарав дир бет1ер бакъвайги.)

- Кинаб кици гьениб рекъон кколеб бугеб? (Анкьц1ул борце, цин къот1е)

- Щай Г1алица живго ч1варав? ( Гьесда к1веч1о лъималазул бадиве валагьизе. Жинцаго щибго г1айиб гьеч1ей ч1ужу ч1вай гьесие зах1малъана. Гьеб мунагь баччизе к1олареблъи бич1ч1ун батила.)

- Бит1ун гьабун бугищ Г1алица? (Гьеч1о. Гьес гьанибги биччана гъалат1. Гьес лъималазлги эбелалъулги ургъел гьабун гьеч1о. Эбелги хун, къварид ругел лъималазе гьанже камуна эменги.)

- Баллада щиб кколеб?

- Асаралъулъ кидагосел эпитетал рате.



б) Кицабазул маг1на рагьи ;

- Г1акълу- цебе, ццин- хадуб.

- Анкьц1ул борце, цин къот1е.

-Раг1абазда бай гарац1,

Бухье гьве г1адинаб мац1.

-Мац1алда ракьа гьеч1о, амма гьелъ ракьа бекула.

- Мац1ид чи ч1вала, ц1огьод оц хъола.

в)асаралъул идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ? Кинаб х1асил нилъеца гьабизе кколеб?

- Цо иш гьабилелда цере лъик1 ургъизе ккола. Г1акълуялдаса цебе ццин ккезе биччазе бегьуларо. Мац1ихъанлъи гьабизе бегьуларо. Мац1ихъанлъиялъ лъик1лъиялде рачунаро.

  1. Рокъобе х1алт1и.

Коч1ол кесек рек1ехъе лъазабизе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).








Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 6 класс.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
«Муг1рузул Г1али».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530467


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства