МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
Открытый
урок
Тема:
«М. Шамхалов. «Зурмихъабазул нохъода»-5кл. Подготовила учительница
родного языка и литературы
Пахрудинова Саламат
Назирбеговна
Лологонитль.2015г
МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»
РАГЬАРАБ ДАРС
Тема:
«М. Шамхалов. «Зурмихъабазул нохъода»- 5 кл.
Х1адурана авар мац1алъул ва
литератураялъул муг1алим
Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.
Лологъонилъ. 2015 с.
Дарсил тема: М. Шамхалов. «Зурмихъабазул нохъода».
Дарсил мурадал:
Лъай кьеялъул:
- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари.
- Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.
Лъай цебет1еялъул:
- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.
-К1алзул калам цебет1ей.
Тарбия кьеялъул:
- Зах1маталде, х1айваназде рокьи бижизаби.
-Рак1бац1ц1алъи гьудуллъиялъул кьуч1 бук1ин бихьизаби.
Гьереси, хиянатлъи, рек1к1 гьудуллъиялъул тушман бук1ин бихьизаби.
-Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.
-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.
-Асаралъул героязул образал рагьулаго, унго- унгояв гьудул кинав вук1ине кколевали бихьизабизе бажари.
- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.
Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, презентация, суратал, компьютер.
Дарсил план:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Такрар гьаби.
Ц1ияб темаялъе цебераг1и:
а) М. Шамхаловасул т1ахьазул выставка;
б) М. Шамхаловасул творчество.
в) Рек1елгъеялъулаб грамматика, ребусалдалъун дарсил тема рагьи.
Учителас асар ц1али.
Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.
«Рахас» гьабун, асар ц1али.
Дарс щула гьаби:
а) суалалаздалъун;
б) Г1исалги Расулилги образал рагьи;
в) Кицабазул маг1на рагьи;
г) асаралъул идея рагьи.
Рокъобе х1алт1и («Дир гьудул» абураб сочинение хъвазе).
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).
Дарсил ин:
Класс дарсиде х1адури.
Дарсил мурадал.
Такрар гьаби.
- Ц1. Х1амзатил кив гьавурав?(Хунзахъ рйоналъул Ц1ада росулъ)
- Лъил хъвадарухъан кколев? (аваразул)
-Чан соналъ ц1алараб г1араб г1елму? ( 17- 18с.)
- Кинаб х1алт1и жеги гьабураб? ( дибирлъи)
-Жинцаго дибирлъиги гьабулаго. Щай гьес дибирзаби какулел рук1арал? ( Гьес какулел рук1ана, х1алт1иги х1алае ккун, мискинзаби гуккулел дибирзаби)
- Т1ехьалда гьесул кинаб асар кьун бугеб? ( «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»)
- Гьеб коч1ол насих1атаб хасият сундулъ бугеб? ( Гьудуллъи т1ехьалъулгун кквезе ккола. Г1акълу- лъай бугеллъун рук1ине ккола. Г1елму канлъи бук1ин, жагьлу бец1лъи бук1ин бич1ч1изаби.
-Метафора щиб кколеб? ( Бахчараб т1атинч1еб дандекквей)
- Метафораялъе мисалал раче, баян кье. ( Т1охьол бечелъи- гьелда жаниб бугеб г1акълу- лъай, бечедаб ярагъ- адабият, т1огьол бахчаби- библиотекаби…)
Ц1ияб темаялъе цебераг1и:
а) М. Шамхаловасул т1ахьазул выставка;
б) М. Шамхаловасул творчество.
Мух1амад Шамхалов гьавуна Ц1умада районалъул Лъондода росулъ 1916 соналъ мискинав векьарухъанасул хъизамалъе.
Гьит1инго бесдаллъун хут1арав Мух1амадилъ лъик1ал хасиятал куцана к1удияй эбелалъ, гьелъ гьесда малъана рак1бац1ц1адавлъун, рит1ухълъи бокьулевлъун вук1ине.
Муха1амад х1алт1ана почтальонлъунги, учительлъунги, гьесие ц1акъ бокьулаан «Маг1арул большевик» газеталда рахъулел Ц1адаса Х1амзатилги, Р. Динмух1амаевасулги, З. Х1ажиевасулги асарал ц1ализе. Жиндицагоги хъвалаан г1емерал макъалаби, очеркал, куч1дул. Цо нухалъ Мух1амадица , росдал х1аким какун, макъала хъван бук1ана, гьеб сабаблъун, гъоркьч1елги гьабун, рц1ел босизе дагьаб хут1ана.
Макъалаби хъвазе бугеб гьунарги х1исабалда босун, Шамхалов республикаялъул «Маг1арул большевик» газеталде х1алт1изе восула. Гьесул вахъуна машгьурав журналист ва хъвадарухъан. Чанго соналъ гьес бет1ерлъи гьабуна «Баг1араб байрахъ» газеталъул коллективалъе ва гьединго Дагъистаналъул журналистазул Союзалъе. Лъик1аб х1алт1и гьабуралъухъ гьесие щвана медалал ва орденал, Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан абураб ц1ар. Бищунго к1удияб жигарчилъи Мух1амадица бихьизабуна аваразул прозаялъул асарал г1уц1иялъулъ, литературияб мац1 цебе т1езабиялъулъ. Гьес басмаялда бахъана къисабаздасан ва харбаздасан чанго т1ехь: «Салтанат»(1968), «Г1умруялъул дарсал»(1962), «Ц1удул вас»(1982), «Дир эмен»(1964), «К1к1алахъ бахъараб кьвагьи»(1985). 1971 соналъ Москваялда г1урус мац1алде буссинабун бахъана «Къисаби ва харбал» абураб т1ехь. Маг1арулазул авар мац1алдехун бугеб бербалагьи бихьулеб бук1ана гьесда. Жиндирго ургъел Р. Х1амзатовасулгун бикьана гьес. Гьес расулихъе ах1ула. Расулил г1адамаз къимат гьабулеблъи, гьесул раг1ухъ г1енеккулеллъи лъалаан гьесда. Гьебго сордоялъ Расулица хъвала «Авар мац1» абураб кеч1.
Мух1амад Шамхалов хвана 1997соналъ.
в) Рек1елгъеялъулаб грамматика, ребусалдалъун дарсил тема рагьи.
Асаралъул тема рагьизе кумек гьабизе буго нужее, лъимал, гьаб ребусалъ. Х1аракат бахъе гьеб ц1ализе.
,
гъ=гь
Учителас асар ц1али.
Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.
Жигар- х1аракат,
рохъо- зола,
хьил- г1иязул «рак».
«Рахас» гьабун, асар ц1али.
Дарс щула гьаби:
А. Суалал:
- М. Шамхаловасул х1акъалъулъ щиб лъараб?
- Асаралъул аслиял героял рик1к1е.
- Г1иса щай маг1арде арав?
- Щай гьев живго арав?
-Гьудулзабазда гьоркьоб кьал ккеялъе г1илла?
- Инсуца малъараб гьабунищ Г1исаца?
- Щай г1и бекерулеб бук1инч1еб?
- Щай гьоялъ гьев рокъове виччалев вук1инч1ев?
-Камилилги Г1исалги , гьединго Камилилги Расулилги гара-ч1ваялдаса кинаб х1асил гьабизе бегьулеб васазул х1акъалъулъ?
- Г1иса рокъове вач1ине кват1идал, гьесда хадув маг1арде щив арав?
- Ц1ад жеги кутакалда базе лъугьиндал гьудулзабаз кинаб х1укму гьабураб?
- Квачач1ого рук1ине гьез кинаб х1илла ургъараб?
-Лъималазда хадур щал рач1арал?
б) Г1исалги Расулилги образал рагьи;
в) Кицабазул маг1на рагьи;
Гьудуллъиялъул тушман- гьересиги рек1к1ги.
Дунилан абуге, нилъилан абе.
Т1аде къоккедал лъала гьудул.
Г1акълу - цебе, ццин- хадуб.
г) асаралъул тема, идея рагьи.
Асаралъул тема, идея рагьизе ккани, цин нилъеца рагьизе кола лъималазул образал. Данде кквезин к1иязулго г1амал- хасият, гьезул ишал, бицунеб раг1и, гьезул пикру. Лъималазул кумекалдалъун гьезие къимат кьела.
Г1иса.
- Бицаралда божулев. ( Саг1идица абула рохъо Расулил звеноялъ бикъанилан. Г1иса божула)
- Хехго ццин бахъулев (Гьеосидаги божун, гьудуласулгун гьоркьоблъи хвезабулеб буго, х1акъикъат лъазабизе рак1алдецин щолеб гьеч1о).
-Гьудуласдегицин рогьо балев (х1инкъучилан).
- Рецц бокьулев ( живго веццизе бокьулеб буго, цогидаздаса т1ок1авлъун вихьулев вуго-инсудасаги лъик1 г1иязул г1амал жинца гьабулилан кколеб буго, Игитиеги жив бищунго вокьулилан кколеб буго, г1иялги жиндихъ лъик1 г1енеккулел ругин кколеб буго…).
- Пударулев (рекъаб чахъу рехъалъ гьеч1еблъи лъанилан).
- Малъараб жо, кьураб раг1и к1очон толев ( инсуца абун бук1ана Балаза щобде бакъ щварабго, г1иял рокъоре рачеян, Г1исада к1очана.
- Гьудуллъи биххизе х1адурав ( гьерсида божугейилан гьудулас абуниги, гьесухъ г1инги т1амич1ого, барщун ч1ола).
Расул.
- Бихьаралда божулев ( гьес рохъо бикъарав чи ц1ехолев вуго).
- Г1иси- бикъинаб жоялъул ургъел гьабуларев (гьудулас живго къварид гьавуравлъи хехго к1очонеб буго).
- Бугелда бугеб абулев.Х1ужжабаздасан бит1арал х1асилал гьарулев.
- Гьереси бицунарев.
- Г1одове виччарав.
- Гьудуллъиялъул закон ц1унарав (ГЬЕВ КИДАГО Х1АДУРАВ ВУГО ГЬУДУЛАСЕ КУМЕКАЛЪЕ ВАХЪИНЕ, бец1аб сардилъ, балеб ц1адакь унев вуго гьев маг1арде, Г1исада ххдув).
- Щивха гьенив унго- унгояв гьудуллъун кколев вугев? (Г1иса).
Г. Асаралъул идея рагьи.
Гьеб асаралъ сунде нилъ кант1изарулел ругел, щиб бич1ч1изабулеб бугеб?
-Рак1бац1ц1алъи, божилъи гьудуллъиялъул кьуч1лъун бук1ине ккола.
Гьереси, хиянатлъи, рек1к1- гьеб гьудуллъиялъул тушман ккола.
-Гьудуллъи- гьеб бищун к1удияб хазина буго.
Унго- унгояв гьудулас гьит1и- бикъинаб жо рек1елъ ц1унуларо. Унго- унгояв гьудул т1аде къо ккедал лъала. Г1акълуялдаса цебе ццин ккезе биччазе бегьуларо.
-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьунгьесул ишазухъ балагьун, кьезе ккола.
Рокъобе х1алт1и(«Унго- унгояв гьудул» абураб сочинение хъвазе) .
Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).