kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»- 6кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна

Лологонитль.2018г

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»- 6 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.







Лологъонилъ. 2018 с.





Дарсил тема: Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. К1удияв маг1арул адабияталъул классик ва шаг1ир Хъах1абросулъа Мах1мудил творчествоялъул х1акъалъулъ г1ат1идаб баян кьей.Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ революциялъул х1акъалъулъ тема рагьун бугеб куц бихьизаби. Асаралъулъ авторасул ц1ияб хабаралдаса вохи загьир гьабун бугеб куц бихьизаби, революциялъул х1асилалда мискинзабазе лъик1аб г1умру гьабизе рес щвеялда авторасул бугеб божи бихьизаби. Жакъасеб къоялъулгун бухьен ч1езаби. Ц1алдохъабазул г1акълу камиллъизаби.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

- Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе бажари.

  1. Тарбия кьеялъул:

- Нилъер эркенлъиялъе г1оло къеркьезе кколеблъи бич1ч1изаби..

- Революциялда цебе мискинзабазул г1умру бихьизаби. Революциялда цебесебги гьанжесебги г1умруги данде ккун, лъимал бит1арал х1асилал гьаризе ругьун гьари.

- революциялъе г1оло, нилъер эркенаб, талих1аб г1умруялъе г1оло рух1 кьурал революционеразе кколеб къимат кьей.



Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, презентация, суратал.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарс гьикъи.

  3. Дарсил мурадал.

  4. Рек1елгъеялъулаб грамматика.

  5. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Мах1мудил творчество;

б) Маг1арухъ граждан рагъ. Мах1мудица революциялъул рахъ кквей.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) асаралъул идея рагьи.



  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарс гьикъи:

. Инхоса Г1алих1ажиясул кицабиял алфазал ( лъаб- лъаб- рек1ехъе);

. Инхоса Г1алих1ажиясул г1умруялдаса гьесул г1акълу- лъай бихьизабулел

Лъугьа- бахъин ( ц1алдохъабаз бищараб- Инхоса Г1алих1ажиясул « Асарал» абураб т1ехьалдаса).

  1. Рек1елгъеялъулаб грамматика. Ребусалъул кумекалдалъун, нужеда лъазе буго лъил х1акъалъулъ жакъа бицине бугебали.



,+



  1. Дарсил мурадал.

- Дарс байбихьила г1адатияб гуреб къаг1идаялъ. Дица рик1к1ине руго жакъа дарсида бицен гьабизесев авторасул х1акъалъулъ бат1и- бат1иял г1адамазул, хъвадарухъабазул раг1аби. Лъил х1акъалъулъ гьел раг1аби кколелали бице нужеца.



Ц1адаса Х1амзатица абуна гьесул цо г1унгут1и бук1анилан, гьев ц1акъ бах1арго хванилан.
Жирковас абуна гьесда аваразул Пушкинилан, Тихоновас – Кавказалъул Блокилан… ( Мах1муд)

  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:









а) Мах1мудил творчество.

Мах1муд гьавуна гьанжесеб Унсоколо районалъул Хъах1абросулъ Анасил Мух1амадил хъизамалда 1873 соналъ. Инсуца малъана васасда т1оцебе ц1ализе. Хадуб г1елмуялда хадув гьев вит1ана рокьи батараб Бекьилъе, Г1ашилт1е, Рихьуниве ва цогидалги росабалъе, лъик1аланго лъазаруна доб заманалъул г1елмаби, хасго г1араб мац1 ва адабият.

Мах1мудил г1олохъанго рокьи ккола Бекьилъа Муихъ, амма гьей росасе кьола пачаясул офицерасул вас Къебедмух1амадие. Гьесда цадахъ Муица бан буго микьго сон, гьавун вуго к1иго вас. Йокьарай яс росасе араб мехалъ, Мах1мудица т1оцее ячана жиндирго росулъа Рабиг1ат абурай яс. Гьел соназ (1899-1902) Мах1муд вук1ана росулъ дибирлъун. К1иабизе гьес ячана Ц1ат1анихъа Жамилат.

Эбел-инсуца гьел халатаб заманаялъ тун гьеч1о цадахъ г1умру гьабизе, рат1алъун руго. Рат1алъиялъе цойги г1илла бук1ана Мах1мудида Муи к1очене к1веч1олъи.

Рос хун микьго сон т1убараб мехалъ Мах1мудица Муида гьарула жиндие яч1аян, цин разилъиги кьун, хадуб йокьулелъ хиянатлъи гьабула, гьелъул къуват г1оларо г1агарлъиялде ва г1адатазде данде ине. 1914 соналъ Мах1муд Т1оцебесеб дунялалъул рагъде уна. 1918 соналъул риидал полк биххула, поэт Дагъистаналде вуссуна. 1919 соналъ Мах1муд ч1вана.



б) Маг1арухъ граждан рагъ. Мах1мудица революциялъул рахъ кквей.

1917 соналъ россиялда ккана революция. Т1аса рехана пача. Дагъистаналдаги ккана рагъал. Дагъистаналдаса машгьурал революционераллъун, церехъабилъун ккола Мах1ач Дахадаев, Улубий Буйнакский. Гьез г1умруги кьуна мискинзабазул рахъ ккун къеркьолаго, гьезул ихтиярал ц1унулаго. Мах1ач Дахадаевасул ц1ар кьун буго нилъер тахшагьаралъе, Улубийил- Буйнакск шагьаралъе. Мах1муд революциялъул рахъалда ч1ана. Мах1муд божулев вук1ана революциялъ маг1арулазул г1умруги ц1илъилилан. Гьес бухьен гьабула Мах1ачилгун ва гьесул т1адкъаял т1урала. 1917- 1918 сс. Хъвана Хъах1абросулъа Мах1мудица «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай» абураб кеч1ги.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей (словарияб х1алт1и).

Саринал, аят, Маску- Петербург.

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

Щив кколев Хъах1абросулъа Мах1муд?
-Кив гьавурав Хъах1абросулъа Мах1муд ?

-Кида гьавурав Хъ. Мах1муд?
-Мах1мудил аслияб тема кинаб бук1араб?
-Мах1мудил рокьи лъихъ ккун бук1араб?
-Т1убанищ Хъах1абросулъа Мах1мудил рокьул анищ?

- Гьелъие г1иллалъун щиб кколеб?
-Мах1мудил кинал асарал нужеда лъалел?

- Революциялъе г1оло къеркьолездехун кинаб бербалагьи бук1араб?

-Мах1ач Дахадаевасулгун кинаб гьоркьоблъи бук1араб гьесул?

-Т1ехьалда гьесул кинаб асар кьун бугеб?

- Гьелъул тема рагье.

-Эпитетал рате.

- Асаралъулъ дандч1валел метафорабазе, дандекквеязе баян кье (ц1ияб бакъан, хасалил сардазда зобал гъугъазе, щвараб г1ор гьукъулев чи вахъиларо, гьаб бурангун лъугьа дунял лъухьизе…)



б)асаралъул идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

-Революциялъ мискинзабазул г1умру хисизабизе бук1ин бич1ч1изаби. Революциялъе г1оло, нилъерго талих1алъе г1оло къеркьезе ах1и.





  1. Рокъобе х1алт1и.

Хъах1абросулъа Мах1мудил творчествоялъул х1акъалъулъ реферат хъвазе. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»абураб кеч1 пасих1го ц1ализе ва х1асил лъазабизе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



.


Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 6 класс.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
Хъах1абросулъа Мах1муд. «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530470


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства