kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

«Къайицадахъал».

Нажмите, чтобы узнать подробности

«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».«Къайицадахъал».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
««Къайицадахъал».»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Къайицадахъал»- 5 кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна



Лологонитль.2017г.



МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Къайицадахъал»- 5 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.













Лологъонилъ. 2017 с.



Дарсил тема: «Къайицадахъал».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул идея загьир гьабизе бажари.

-Х1айваназул х1акъалъулъ маргьабазе баян кьей. Олицетворение бихьизабизе бажари.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

-Рак1бац1ц1алъи, бащалъи гьудуллъиялъул кьуч1 бук1ин бихьизаби.

Гьереси, хиянатлъи, рек1к1 гьудуллъиялъул тушман бук1ин бихьизаби.

-Божуда гьоркьоб рек1к1 гьаби нахъег1анаб г1амал бук1ин бихьизаби.

-Гьудуллъи бищун к1удияб хазина бук1ин бич1ч1изаби.

-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.



Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, кицаби хъвараб таблица.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби(тест).

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) х1айваназул х1акъалъулъ маргьа;

б) олицетворение.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Бицанк1аби ч1вай.

  5. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) Рек1елгъеялъулаб грамматика, царае тамих1 гьаби, ребусал;

в) Кицабазул маг1на рагьи;

г) асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).











Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби. Къокъго жаваб кьезе бегьуледухъ кьела суалал:

–К1алзул каламалъул тайпаби рик1к1е.

- Г1адатаб ва художествияб.

- Художествияб каламалъул тайпаби рик1к1е.

- Фольклор ва адабият.

- Цояз цоязда бицун, халкъалъ ц1унараб, г1елалъ г1елалъухъе кьун, нилъехъе щвараб, хасав автор гьеч1еб асар?

- Фольклор.

- Хъвай- хъваг1ай баккун хадуб бижараб, авторги вугеб асар?

- Адабият.

- Адабияталда цоги щибилан абизе бегьулеб?

- Литература.

- Нужедаго лъалел халкъиял асарал рик1к1е.

- «Мискинлъи», «Рагъ рик1к1ад бугониги», «Янгъизасул кеч1», «К.урулъ хут1арав Г1али», «Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи», «Х1амаги бац1ги», «Ганч1ил вас».

- Литературиял асарал рик1к1е.

- Ц1. Х1амзатил «Гъалбац1ги г1анк1ги», Хачаловасул «Шахламаз», Г1. Мах1амадил «Ч1ибирикъ»…

- Халкъиял асаразул тайпаби рик1к1е.

- Кеч1, баллада, халкъияб бицен, аби, бицанк1о, кици, маргьа… .

- Г1адамаз рак1гъеялъе, анищ- хьул рагьиялъе г1оло ургъун бахъараб асар?

- Маргьа.

- Маргьабазул тайпаби рик1к1е.

- Х1айваназул х1акъалъулъ, г1ажаибал лъугьа- бахъиназул х1акъалъулъ, рук1а- рахъиналъул.

6 жаваб-«3»,

7- 8 жаваб- «4»,

9-10 жаваб- «5» къиматал лъела.

  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и.

Бит1ун буго, лъимал. Маргьабазул буго лъабго бат1ияб тайпа. Жакъа нилъеца ц1ализе буго «Къайицадахъал»абураб халкъияб маргьа. Гьеб ккола х1айваназул х1акъалъулъ маргьа. Х1айваназул х1акъалъулъ маргьабазулъ х1айваназул образазда гъоркь г1адамазул г1амал- хасият бихьизабун бук1уна. Г1емериселъ г1анк1ил образалда гъоркь вихьизавун вук1уна х1инкъуч, бац1ил образалда гъоркь- хъант1арав чи, цидул образалда гъоркь- г1антав, амма къуватав чи, царал образалда гъоркь- сих1ирав, хиянатав чи… Гьединан г1адамазул хасият, махщел, бажари х1айваназул хасиятлъун бихьизабиялда олицетворениейилан абула. Рач1аха, лъимал, асар ц1ализе, х1айваназе кинал г1адамазул хасият кьун бугищали балагьизе.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

Къайицадахъал- цадахъ г1умру, маг1ишат гьабулел г1адамал,

я лъачи- я лъалев чи,

хазабунила- бекерун анила.



  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Бицанк1аби ч1вай (Лъималаз х1адур гьаризе ккола).

  3. Дарс щула гьаби:

А. Суалал:

- Асаралъул героял рик1к1е.

- Бац1, ци, цер.

-«Къайицадахъал» абун щайдай ц1ар лъураб?

-Бац1ицаги, царацаги, цицаги цадахъ гьабулеб буго г1умру, маг1ишат гьезул г1ахьалаб буго.

-Циялъеги бац1иеги кинал г1адамазул хасият кьун бугеб?

- Зах1мат бокьулел, рак1бац1ц1адал г1адамазул, рит1ухъал гьудулзабазул.

- Царае кинав чиясул хасият кьун бугеб?

- Х1алт1изе бокьуларев, инжитаб, нахъег1анаб г1амалалъул хиянатав чиясул.

-Щайдай ахиралда х1иллаяб цер лъутун борч1унеб?

-Г1умруялъулъги г1емерисеб мехалъ гьедин ккола. Х1алихьатал чаг1азухъа бажарула бокьаралъуса «нух бахъизе», тамих1алъукьаги гьел рорч1ула.

В. Рек1елгъеялъулаб грамматика. Х1ай. Ребусал.

Лъимал,гьеб иш гьедин тезе бегьиларо. Гьале хиянатаб цер. «Ц» х1арпалъул бак1алда бат1и- бат1иял х1арпалги лъун, гьеб бат1и- бат1иял предметазде буссинабила нилъеца. Гьеб бук1ина царае тамих1лъун.



ц=ц1 ц=г1 ц=ч1 ц=п ц=кь ц=б ц=х

В. Кицаби ц1али, гьезул маг1на рагьи.

Гьудуллъиялъул тушман- гьересиги рек1к1ги.

Дунилан абуге, нилъилан абе.

Дур чехь бугеб бак1алда чияр мугъ бук1унареб.

Вацлъиялъул тушман- рек1к1.



Г. Асаралъул идея рагьи.

Маргьаялъ сунде нилъ кант1изарулел ругел, щиб бич1ч1изабулеб бугеб?

-Рак1бац1ц1алъи, бащалъи гьудуллъиялъул кьуч1лъун бук1ине ккола.

Гьереси, хиянатлъи, рек1к1- гьеб гьудуллъиялъул тушман ккола.

-Божуда гьоркьоб рек1к1 гьаби- гьеб нахъег1анаб г1амал ккола .

-Гьудуллъи- гьеб бищун к1удияб хазина буго.

-Чиясе къимат, х1алт1ухъ, г1амал- хасияталъухъ балагьунгьесул ишазухъ балагьун, кьезе ккола.





  1. Рокъобе х1алт1и ( асаралдаса сурат бахъизе, бокьараб халкъияб маргьа ц1ализе).

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).




Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 6 класс.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
«Къайицадахъал».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530463


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

Распродажа видеоуроков!
Курсы ПК и ППК для учителей!
ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства