kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».

Нажмите, чтобы узнать подробности

Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».»



МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан»- 9 кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна

Лологонитль.2015г



МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан»- 9 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.











Лологъонилъ. 2015 с.



Дарсил тема: Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ рагъул тема рогьун бугеб куц бихьизаби. Асаралъулъ авторас Ват1аналде бугеб рокьиги, тушманасде бугеб ццинги, рагъул кьог1лъиги бихьизабун бугеб куц бихьизаби. Жакъасеб къоялъулгун бухьен ч1езаби. Ц1алдохъабазул г1акълу камиллъизаби.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

- Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе бажари.

  1. Тарбия кьеялъул:

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Ват1ан бищун к1удияб бечелъи бук1ин бихьизаби.

- Нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьурал г1адамал к1очене бегьулареблъи, гьезул бет1ер къулун, х1урмат гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.



Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Ват1ан- бищун к1удияб бечелъи;

б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул къурбанал;
в) Рек1елгъеялъулаб грамматика «Лъида г1емер лъалел?»

г) Г1. Хачаловасул творчество.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

в)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи(Р. Х1амзатовасул (Милъиршаби» абураб коч1ол анализ- 2- 3 ц1алдохъанас ц1алила).



  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Ват1ан- бищун к1удияб бечелъи;

Ват1налдаса хирияб жо бук1ине рес гьеч1о инсанасе. Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа. Ват1анлъун ккола вижараб, г1ураб ракь. Ват1аналъе рат1ухъаллъун рук1ине ккола. Дагъистаналъулги Россиялъулги мустах1икъал лъималлъун лъугьине жигар бахизеги ккола. Ккана г1емер г1асиял рагъал, рихьана г1емер зах1малъаби, ракъи- къеч, амма дагъистанияз жидерго ях1- намусалда рогьо хъвазе биччач1о, бах1арчилъиги намусги борхатго ккуна.



б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул къурбанал.

1941 соналъ немцаз нилъер пачалихъ бахъизе хиял гьабуна. Байбихьана вах1шияб рагъ.

Ункъо соналъ халат бахъана гьеб. Гитлерихъа бажарич1о нилъер улка мук1ур гьабизе. Киналго миллатаз цолъиги бах1арчилъиги бихьизабуна гьеб рагъда. Г1емераб г1акъуба- къварилъи бихьана г1адамазда, зах1малъабазукьа х1инкъич1о гьел. Гьез бет1ер борхатго ккуна. Хъубав тушман г1агараб ракьалдаса вачахъана. Амма бергьенлъи щвана, к1удияб багьаги кьун. Ват1аналъе г1оло, нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьуна 30 миллионналде г1агарун чияс. Рагъул кьог1лъиги вах1шилъиги жиндирго асаралъулъ г1езег1ан лъик1 бихьизабун буго Хачаловас.

в) Рек1елгъеялъулаб грамматика «Лъида г1емер лъалел?»

Г1агараб росулъа рагъде аразул ц1арал рехсе.

г) Г1. Хачаловасул творчество.





в)

Г1абдулмажид Хачалов



(1925- 1994)




Г1абдулмажид Хачалов гьавуна Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ.Гьев вук1ана маг1арулазул пасих1ав поэтги, хъвадарухъанги, драматургги, бег1ерав журналистги.

Росулъ ц1алана. 1943 соналъ, 18 сон баравчи, жиндиего бокьун, фронталде ана. Рагъдаса вуссун хадув х1алт1ана цин учительлъун, хадув партиялъул Гъуниб райкомалъул аппараталда. 1950 соналдаса нахъе х1алт1ана республикаялъул «Баг1араб байрахъ» газеталъул редакциялда.

1964с. лъуг1изабуна Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.

Г1. Хачалов маг1арул хъвадарухъабазул рагъда хадусеб г1елалъул чи ккола. Гьел соназда гьесул куч1дул рахъана районалъул ва республикаялъул газетазда, «Гьудуллъи» альманахалда, г1емерал руссинаруна гlypyc мац1алде. «Устарасул сайгъат» абураб т1оцебесеб т1ехь къват1ибе биччана 1956 соналъ, хадубго басмаялда бахъана лъималазе хъвараб куч1дузул т1ехь «Щибали лъай». Хадубккун, абизе бегьула, Г1. Хачаловасул творчество аслияб куцалда лъималазе хъварал асараз бечед гьабунилан. Дагъистаналъул ц1алулгун педагоглъиялъул издательствоялда бахъана чанго т1ехь: « Щибали лъай», «Катил т1инч1 сабаблъун», «Г1ажаибал гьакибурдул», «Муг1рузул нухазда», «Рихьуларел лъалк1ал», «Ц1ар лъаларев бах1арчи», «Моц1роде сапар». Гьел т1ахьаздасан бихьула хъвадарухъан х1исабалда лъималазде гьесул бугеб рокьи, рек1ел хинлъи, г1исиназул г1умру, къасдал, анищал гьесда лъик1го рич1ч1улел, лъалел рук1ин.

Хадусел соназда бат1и-бат1ияб заманалдарахъана Г1. Хачалова­сул «Рихьуларел лъалк1ал» абураб милициялъул х1алт1ухъабазул х1акъалъулъ къиса, «Ц1удул бусен» абураб Мах1ач Дахадаевасул лъимерлъиялъул ва г1олилаб заманалъул х1акъалъулъ поэма»,Солдатасул лъади»,»Нижер хириял улбул», «Устарасул мугьру», «Ц1удул бусен», «Муг1рузул нухазда», «Хваразул ц1аралдасан» абурал ва цогидалги куч1дузул т1ахьал. Аваразул музыкалияб драмтеатралъ жиндирг осценаялда лъуна Г1. Хачаловас хъварал пьесаби: Дагъистаналъул ахихъабазул г1умруялъул ва зах1маталъул х1акъалъулъ бицунеб «Рик1к1адасан кагъат», Ват1аналъулаб рагъда т1аг1арал васазул хвел гьеч1еб гьунаралъул х1акъалъулъ бицунеб «Аманат», «Герой ледяных крепостей», «Хваразул ц1аралдасан». «Гьудуллъи» альманахалда бахъана « Муг1руз ах1улел руго» ( «Пенсиялда бах1арав»)абураб пьеса.

Хачаловасул творчество, кинаб жанралда хъварал асарал росаниги, т1ей гьеч1ого, бухьараб буго жакъасеб къоялъул х1акъикъаталда, Ват1аналъул рагъул соназда советиял г1адамазул гьунаралда. Гьес хъвана сатираялъул асаралги.

«Гьудуллъи» альманах ц1алулез 1972 соналдалъай-хъвай гьабуна Г1. Хачаловас хъварараб «Басрияб гьансил балъголъи» абураб къисаялъулгун. Гьелъул аслияб тема буго маг1арухъ г1умру, г1адамазул яшав, г1олилазул гьоркьорлъаби хисараб ва церет1ураб куц бихьизаби. Къиса хъван буго, жиндирго росдал тарихалда хурхарал интересал х1ужжабиги гъорлъе рачун.1973 соналда гьеб къиса къват1ибе лъугьана, хасаб т1ехь гьабун. Ват1аналъул К1удияб рагъда совет халкъалътарихияббергьенлъибосаралдасалъеберго сон т1убаялда бан, живго Ват1аналъул рагъул г1ахьалчи Г1абдулмажид Хачаловас хъвана чанго лъик1аб асар. Гьезда гьоркьобе уна «Гьудуллъи» альманахалда бахъараб «Лъукъараб кеч1» абураб поэма, Кавказалде тушман щварал зах1матал моц1азда Марухалъул габурлъи жидерго pyxl кьун ц1унаразул хвел гьеч1еб гьунаралъул х1акъалъулъ хъвараб пьеса. Маг1арул театр бокьулел гьеб пьесаялъухъ ралагьана Авар театралъул сценаялда.

Ват1аналъул рагъултемаялдахъвараб Г1. Хачаловасул чанго асар rlypyc мац1алде буссинабун бахъана «Т1адруссин» абураб т1ехьалда (1974 с.).

Авар мац1алде руссинаруна Пушкинил, Лермонтовасул, Тихоновасул, Маяковскиясул, Гъафуровасул, Аджиевасул, Рашидовасул, Митаровасул, гьедингоукраиназул, белоруссазул, казахазул поэтазул куч1дул вапоэмаби.

Хачалов кколаан ДАССРалъул ва РСФСРалъулкультураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан, СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун.Гьесие кьуна ДАССРалъул Верховн. Советалъул Президиумалъул х1урматиял грамотаби.Учителас асар ц1али.

  1. Мисалияб ц1али ( учителас).

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей(словарияб х1алт1и).

Надиршагь- г1емерал ракьал рахъарав, гурх1ел- ц1об гьеч1ев Ираналъул шагь. Гьавуна 1747 соналъул 19 июналъ. 1741 соналъ, 100 000 чи вугеб аскарги бачун, Надиршагьица ункъабилебги сапар бухьула Дагъистаналде. Гьес Дагъистаналъул г1емер ракьал рахъула,

Росаби риххула. Г1адамал ч1вала. Амма 21 августалда г1андалаз (700 чи) гьесул аскар щущахъ биххизабула. (Ахиралда г1андалазе кумек бач1уна). Живго Надиршагь лъутун ворч1ула. Гьеб рагъул х1акъалъулъ ХАчаловас хъван буго «Г1андалал» абураб асаралъулъ.

Парту- Пат1има- вац ч1вараб мехалда, гьесул бак1алда Надиршагьиде данде рагъ гьабурай тумай.

Ц1алк1у- сыто,

Хараби- херал чаг1и.



  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

- Хачаловасул х1акъалъулъ щиб лъараб?

-«Хваразул ц1аралдасан» абураб асаралъул жанр.

- Эпиграфлъун росарал раг1абазе баян кье.

- Асаралъул героял.

- Кинаб г1айиб г1унт1изабулеб бугев рагъда ч1варав Хачаловасул гьудулас г1ун бач1унеб г1елалде? (Хварал, агъаз гьеч1ого, тун ругин, гьезул х1акъалъулъ хъвалеб, бицунеб гьеч1ин…)

- Щиб гьабизе кколин абулеб бугеб гьес?

-Ц1игьаруразда лъейин жидерер ц1арал; памятникал райин- мармарги варакъги к1варич1ин, г1адатияб ганч1ил гьабеян, хвалчадулги чодулги суратал к1варич1ин, рук1араллъи лъазе, ц1арал рехсани, г1елин.

Мармарги варакъги гьарулел гуро,

Гьабе г1адатияб маг1арул ганч1ил,

Годек1аниб гьабе, хабалалъ гьабе,

Гьелда даг1ба гьеч1о киб бук1аниги.



Берцинлъи к1варич1о, ч1ух1и к1варич1о,

Бах1арзалин абун рецц- бакъ к1варич1о.



- Коч1ол роцен ч1езабе.

- Годек1аниб гьабе, хабалалъ гьабе,

Гьелда даг1ба гьеч1о киб бук1аниги.- 11 гьижа.

- Аллитерация бихьизабе.

- Хурир ратила нуж, ахикь ратила,

Рекьул бач1иналъул хабар батила.-х, р, б.



Маг1арухъ кьураби г1емерал руго,

Кье гьезул гьурмазда дагьаб бак1 нижей.- кь, р, д, г1.

- Эпитетал рате.

- Ч1ег1ераб нак1к1, хинаб ц1ад, балагьалъул рагъ, ячарай лъади…

-Дандекквеял рате.

- Жеги рогьун гьеч1о. Рагьда пачалъун,

Ч1ег1ераб нак1к1 буго, буртина г1адин.

Г1исинккун щенолеб буго хинаб ц1ад,

Ц1алк1иниса гъоркье ханжу кинигин.

- Анафора бате.

- К1иябго бадиса канлъи т1аг1арал,

К1иябго квердаса килщал лъуг1арал.

- -Эпифора бате.

- Берцинлъи к1варич1о, ч1ух1и к1варич1о,

Бах1арзалин абун рецц- бакъ к1варич1о.

- Рифма бате.

- К1иябго бадиса канлъи т1аг1арал,

К1иябго квердаса килщал лъуг1арал.

- Риторикиял суалал рате.

- Лъимерхвананиги, зани ч1валел нуж,

Ч1еч1ищ нижеррахъалъ, агъаз гьеч1ого?





б) Кицабазул маг1на рагьи ;

- Ват1ан хириясе хвел бук1унареб?

- Ват1ан гьеч1ев чи- чед гьеч1еб таргьа.

- Бах1арчи цоц1ул хола, х1алихьат нусц1ул хола.

- Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1ван лъик1.

- Бах1арчиги х1алихьатги цого хабалъ лъола, халкъалъин абуни, цоясе бет1ер къулула, цогидасе наг1ана кьола.

в)асаралъул идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

- Нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьурал солдатал к1он тезе бегьуларо. Гьезул, бет1ер къулун, х1урмат гьабизе ккола. Гьезие памятник гьабизе ккола. Гьезда цеце нилъ налъулаллъун рук1ин к1очене бегьуларо. Тушманасе наку ч1ваялдаса хвелго т1аса бищула. Ват1ан бокьизе ккола, ц1унизе ккола, х1адур рук1ине ккола Ват1аналъе г1оло къеркьезеги.



  1. Рокъобе х1алт1и.

Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе.рагъда г1ахьаллъарал нужерго г1агаразул х1акъалъулъ доклад х1адуризе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).






Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 9 класс

Скачать
Г1абдулмажид Хачалов. «Хваразул ц1аралдасан».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530471


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства