kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо».

Нажмите, чтобы узнать подробности

 Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо». Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо». Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо». Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо». Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо». Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо».»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Г1. Мах1амад «Саба- меседо»- 9 кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна



Лологонитль.2015г.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Г1. Мах1амад «Саба- меседо»- 9 кл.







Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.











Лологъонилъ. 2015 с.



Дарсил тема: Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Г1абасил Мах1амад ил торчество щула гьаби. Гьесул асаразул мац1алъул хаслъи бихьизаби. Трагедиялъе баян кьей.

  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

- Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе бажари.

  1. Тарбия кьеялъул:

- Инсанасул талих1алда цере я миллиял, я диниял, я социалиял сангарал рук1ине бегьунгут1и бихьизаби.

-Рокьуе, талих1алъе г1оло къеркьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Бец1ал зарариял г1адатазде( лагълъи, чабхъен гьаби…) данде рагъ гьаби.





Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, реферат, суратал, раг1икъот1.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарс гьикъи .

  3. Дарсил мурадал.

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а)Г1. Мах1амадил творчество;

б) Г1. Мах1амад- драматург;

в) Г1абасил асаразул ( гьединго «Саба- меседо» абураб трагедиялъул) мац1алъул хаслъи.

  1. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  2. Ролазде бикьун, асар ц1али.

  3. Дарс щула гьаби:

а) Рек1елгъеялъулаб грамматика, раг1икъот1 ц1ей;

б) суалалаздалъун;

в)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарс гьикъи (Ф. Г1алиевалъул «Кини» абураб асаралъул анализ хъварал тетрадал рак1арила).

  3. Дарсил мурадал.

- Дарс байбихьила г1адатияб гуреб къаг1идаялъ. Дица рик1к1ине руго жакъа дарсида бицен гьабизесев авторасул коч1ол мухъал, нужеца ц1арги авторги рехсе.

Г1адамалги кьижун руго,

Гьаб шагьарги кьижун руго,

Шагьаралъул хъалаялда хъаравулги кьижун вуго.

- Г1абасил Мах1амадил «Ч1ибирикъ».

- Жакъаги нилъеца ц1ализе буго Г1абасил Мах1амадил «Саба- меседо» абураб трагедия.



  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Г1абасил Мах1амадил творчество;

Г1. Мах1амад гьавуна 1932 соналъ Хунзахъ районалъул Лъаг1илухъ росулъ. Гьев ккола г1езег1ан пасих1ав лирикияв поэтги драматурги. Г1абасил Мах1амад гьавуна 1932 соналъ Хунзахъ районалъул Лъаг1илухъ росулъ. Ц1алана школалда, хадуб педучилищеялда. Х1алт1ана учительлъун.

1971 соналъ гьес лъуг1изабуна М. Горькил ц1аралда бугеб Москваялъул Литературияб институт.
1967 соналдаса нахъе гьев вуго хъвадарухъабазул союзалъул член.
Х1алт1ана Дагъистаналъул т1ахьазул издательствоялда художествияб литератураялъул редакторлъун. 14 бат1ияб куч1дузул т1ехь кьват1ибе биччана гьес. Лъималазул рек1ел дунял рагьулел, гьезул рух1ияб цебет1еялъе квербакъулел шиг1раби, маргьаби, басняби жанире рачунеб поэзиялъул 4 т1ехьалъги т1адеги прозаялдалъун хъварал маргьабазги хасаб бак1 ккола хъвадарухъанасул адабияталъул годек1аниб ( «Рохьил маргьаби», «Рохьил бакънал», «Рохьил балъголъаби»…)

Шаг1ирас маг1арул мац1алде руссинаруна г1урусазул поэтазул асаралги. Шаг1ирасул цо кеч1ниги ц1аларав чиясда маг1арул киг1ан бечедаб хазина Г1абасихъ бугебали. Гьит1инаб къоялдаса нахъе гьев х1алт1улев вук1ана авар мац1алъул толковияб словаралда т1ад. Х1алт1улев вук1ана авар мац1алде Къуран буссинабиялда т1ад..

Гьев ккола Ц1. Х1амзатил ц1аралда бугеб республикаялъулги ("Мах1муд" абураб трагедиялъухъ) И. Г1алих1ажиясул, Мах1мудил ц1аралда ругел жамг1иял премиязулги лауреат, ДР культураялъул мустах1икъав т1алт1ухъан.

.



б) Г1. Мах1амад- драматург.

Машгьурав вуго драматург х1исабалда. Хъвана 3 трагедия: « Мах1муд», «Камалил Башир», «Саба- меседо»Гьел рахъун руго «Рокьул таватурал»абураб т1ехьалда. Гьел трагедияби унго- унголъунги авар драматургиялъул т1огьлъун лъугьанин абизе бегьила.

-Цогидал асаразде данде ккун, трагедиялъул бат1алъ сундулъ бугеб?

-Аслияв герой хола.

в) Г1абасил асаразул ( гьединго «Саба- меседо» абураб трагедиялъул) мац1алъул хаслъи.

Гьесул асарал ц1аларав чи х1икмат гьавула Г1. Мах1амадил берцинлъиялъги къуваталъги. Цогидазулалда релълъинч1еб бат1ияб, хасаб мац1, хат1 буго гьесул куч1дузул. Унго. Цо гьезул пасих1лъи.

«Саба- меседо» абураб трагедия ц1алулаго, дагьаб заманаялъ нилъ рачуна, жакъасеб къоги к1очон тун, бицен гьабулеб иш кколеб заманалде. Трагедиялъул героязулги, гьезул г1амал- хасияталъулги, гьез гьабулеб- толелъулги, бицунеб мац1алъулги, х1алт1изабулеб т1аг1ел- г1уч1алъулги, рет1араб рет1елалъулги пикру гьабидал, нилъ цо бат1ияб дунялалде лъугьараб г1адаб асар гьабула.

Гьеб асаралъулъ к1удияб махщалида бихьизабун буго революция ккезег1ан цебе, маг1арулазул г1умруги, маг1арул халкъалъул къисматги, маг1арул ч1ужуг1аданалъул къисматги.

Гьеб трагедиялъул жив- жив герой вуго жинди- жиндир бак1алда, буго гьезул щивасул жинди- жиндир г1амал- хасият, бицунеб мац1алъул хаслъи.

Трагедия хъван буго, халхъияб биценалъул кьуч1алда. Гьебго темаялдасан хъвараб кола З. Х1ажиевасул «Хъах1илаб экран». Гьединаб лъугьа- бахъин унго- унголъун ккараб бук1иналдаги божула нилъ. Нилъехъе щун буго Г1андиса Г1алимирзаца г1арабалъ хъвараб Аваристаналъул гьайбатаб памятник. Гьеб ккола 1485 соналъ аваразул нуцал, Ибрагьимил вас Г1андуник1ица ханлъи ирсалъе щолев Булач- нуцалие хъвараб васигат (гьениб бук1ана 16 авар раг1и).

Асаралъулъ авторас рехсолел руго доб заманалдат г1умру гьабулел рук1арал г1адамазул ц1арал: Г1андуник1, Булач, Г1алимирза, Хъарамагьди…

  1. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей (словарияб х1алт1и).

Гъараваш- рабыня, служанка,

Нуцал- хан,

Къади-) кадий; мусульманский судья, выносящий решение в соответствии с шариатом,

Вазир- везирь,

Тохалчи- наблюдатель,

Магъало- налог,

Х1ебет- холст, льняная ткань,

Лах1- сажа,

Хъирмиз- краска (чаще красная),

Къапу- ворота крепости.

  1. Ролазде бикьун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) Рек1елгъеялъулаб грамматика, раг1икъот1 ц1ей.

1. Кив гьавурав Мах1амад?( Лъаг1илухъ)

2. Лъил хъвадарухъан кколев?( Аваразул)

3. Кинаб трагедиялъухъ Ц1. Х1амзатил ц1аралда бугеб премиялъе мустах1икълъарав?( «Мах1муд»)

4. «Саба- меседо» абураб асаралъул жанр.(Трагедия)

5. «Саба- меседо» абураб асаралъулъ бицен гьабулеб иш киб ккараб? ( Хунзахъ)

6. К1удияв ханасда ц1ар?( Г1андуник1)

б) суалалаздалъун;

- Г1. Мах1амадил х1акъалъулъ щиб лъараб?

-- Цоги кинал трагедияби лъалел?

- Камалил Баширги Мах1мудги щал кколел?

- «Саба- меседо» абураб асаралъулъ бицен гьабулеб иш кида ккараб?

- Асаралъул героял.

- Асаралъул аслияб тема?

- Рокьи- г1ишкъу, амма мурадалде щвеч1еб.

- Баланур щив кколев?Гьесулги Сабалги образал рагье.

- Булач щив колев? Кинаб г1амал- хасияталъул чи кколев гьев?

- Булачиде данде ккун, гьесул т1ок1лъи сундулъ бугеб?

-Рахьдал эбелалъе Саба- меседо хирияй йик1ин, Сабаца гьелъул къимат гьабулеб бук1ин сундасан бихьулеб?

- Г1андуник1 кинав ханлъун вихьизавун вугев?

- Щай яс Баланурие кьезе гьев разилъич1ев? (Лагъасе яс кьей гьес рогьояб ишлъун рик1к1унеб буго).

- Эркенги гьавун, Баланурие яс кьейилан лъица г1акълу кьураб? (Аракоца)

_-Щай гьелдаги разилъич1ев? Гьесие яс йокьулей йик1инч1ищ?( Яс гьесие хирияй йик1ана. Г1андуник1 г1адамазул к1алаздаса, г1айибалдаса х1инкъулев вуго, гьес абулеб буго:

Рогьо дагьлъунилан лъуг1ун унаро,

Анкьго наслуялде базе батула.

Ясалъул васасул эмен ккола дурц…

Дир нуцалил тутум хашлъула цинги…

Гьари буго дуде, дир Г1алимирза,

Дуца нух балагье, дун Аллагьасда

Цевеги вац1ц1унеб, г1адамацаги

Г1айиб гьабулареб, дир ясги унеб,

Инч1они рогьоги Бичас бахчулеб…)

- Гьединаб нух батанищ инсуда? Кинаб тамих1 гьабураб Сабае?( Г1алимирзаца абула:

Г1алах- рохьазде

Вит1улаан цеве тамих1 ккарав чи,

Жанавараз ч1вани, ч1ванги вук1ине,

Ч1вач1они мунагьал гьеч1илан тезе. Гьедин Г1андуник1ица х1укму гьабула яс хасалил сардилъ цох1о дарайдул гурдилъ маг1арде йит1ула.)

- Наник1олги Хасипатилги образал рагье.

-Асаралъул ахир кинаб ккараб?

- Кинал зарариял г1адатал какулел ругел? ( лагълъи, чабхъен гьаби, ракьал рахъи...)

- Асаралъул х1акъалъулъ нужерго пикру рагье.

б) идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабизе бокьун бугеб авторасе, идея рагье?

- Инсанасул талих1алда цере я миллиял, я диниял, я социалиял сангарал рук1ине бегьуларо. Щибав инсан мустах1икъав вуго талих1бугевлъун вук1ине.

Кинабго бараб бук1ине кола гьесул талих1 балагьизе, гьелъие г1оло къеркьезе бугеб бажариялда, гьесул ях1- намусалда.-Рокьуе, талих1алъе г1оло къеркьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Бец1ал зарариял г1адатазде( лагълъи, чабхъен гьаби…) данде рагъ гьаби.

- Бац1ц1адаб рокьуе г1оло къеркьезе ккола. Рокьи талих1лъун гуреб тамих1лъун ккарай Саба араб заманалъул мисаллъун гурейги метерисеб къоялде насих1атлъунги ч1ола нилъеда цее.





  1. Рокъобе х1алт1и.

Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).




Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 9 класс

Скачать
Г1абасил Мах1амад. «Саба- меседо».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530473


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

Распродажа видеоуроков!
1880 руб.
2350 руб.
1820 руб.
2270 руб.
ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства