kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Фазу Г1алиева «Маг1арулав»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- Хъвадарухъаналъул х1аракатчилъи ва  г1умру бихьизаби

2.  Лъай цебет1еялъул:

- Даку Асадулаевасул кеч1 ах1изе бугеб гьунаралъ шаг1иралъе гьабулеб бугеб асар бихьизаби.

- Маг1арул асаралъул пасих1лъи бихьизаби

3. Тарбия кьеялъул:

          - Ват1аналъе ва халкъалъе рит1ухъал рук1ине ккей бич1ч1изаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, суратал, слайдал, Расулил шапакъатал хъвараб плакат.

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Фазу Г1алиева «Маг1арулав»»

Открытый урок

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

тема:







«Фазу Г1алиева «Маг1арулав»

6 класс

Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Айшат Назирбеговна





Лологонитль



Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Маг1арулав»

Дарсил мурадал:

1. Лъай кьеялъул:

- Хъвадарухъаналъул х1аракатчилъи ва г1умру бихьизаби

2. Лъай цебет1еялъул:

- Даку Асадулаевасул кеч1 ах1изе бугеб гьунаралъ шаг1иралъе гьабулеб бугеб асар бихьизаби.

- Маг1арул асаралъул пасих1лъи бихьизаби

3. Тарбия кьеялъул:

- Ват1аналъе ва халкъалъе рит1ухъал рук1ине ккей бич1ч1изаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, компьютер, суратал, слайдал, Расулил шапакъатал хъвараб плакат.



Дарсил план.

  1. Класс дарсиде х1адури



  1. Араб материал щула гьаби



1.)Къокъго Расулил г1умру такрар гьаби



2.)Шапакъатал



3.)Асарал такрар гьари: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби»-кеч1 ах1и. Расулил х1акъалъулъ слайдал.

  1. Физминутка

  2. Ц1ияб тема

1)Фазу Г1алиевалъул г1умрудул нух.

2)Фазул х1акъалъулъ слайдал

3)Даку Асадулаевасул г1умру

4)Кеч1 ц1али

5)Словарияб х1алт1и

5. Дарс щула гьаби

1)Суалал

2)Пасих1ал мухъал рек1ехъе ц1али

6. Дарсил х1асил гьаби

7. Рокъобе х1алт1и кьей



Дарсил ин.

  1. Класс дарсиде х1адури



  1. Араб материал щула гьаби



1.)Къокъго Расулил г1умру такрар гьаби

-Расул Х1амзатов щив кколев?

-Гьесул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

-Кив ц1аларав Расул Х1амзатов?

-Кинал асарал лъалел нужеда Расулица хъварал?

2.)Шапакъатал

-Кинал шапакъатал щварал Расулие?(Плакаталдаса гьесул шапакъатал ц1алила)

Расул мустах1икълъана:

*1952с. «Дун гьавураб сон» абураб поэмаялъухъ Пачалихъияб премиялъе.

*1959с. Халкъияв поэтасул ц1аралъе.

*1963с. «Т1адег1анал ц1ваби» абураб т1ехьалъухъ Ленинилаб премиялъе.

*1974с. Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи абураб ц1аралъе.

* 2003с. Андрей Первозванн. Орденалъе.

*Лъабабилеб даражаялъул «Ват1аналда цере гьарурал хъулухъазе г1оло» орденалъе.

*Ункъо Ленинилаб орденалъе.

*Октябралъул револ. Орденазе.

*Зах1маталъул Баг1араб байрахъалъул лъабго орденалъе.

*Халкъалъул гьудуллъиялъул орденалъе.

*Кирилл ва Мефодил орденалъе(Болгария).

*Петр Великиясул орденалъе…

*Фирдоусил, Христо Ботевасул, Джавахарлал Нерул ц1аразда ругел , «Лотос» Халкъазда гьоркьосел: М.А. Шолоховасул ц1аралда бугеб т1олгосоюзалъулаб : Мах1мудил ва Ц1. Х1амзатил ц1аразда ругел республикаялъул премиязе.

* «Хиросималъул ц1умур» , «Дуг1а» абурал асаразухъ «Къоабилеб г1асруялъул поэзия» абураб конкурсалъул т1оцебесеб премиялъе…





3.)Асарал такрар гьари: «Россиялъул солдатал», «Къункъраби»- кеч1 ах1и. Расулил х1акъалъулъ слайдал.

-Лъил х1акъалъулъ бицун бугеб гьесул «Россиялъул солдатал» абураб поэмаялъулъ?

-Кинаб гьунар бихьизабураб Мух1амадзагьид Г1абдулманаповас?

-Гьединав бах1арчиясдаса нилъ кидаго ч1ух1изе ккола, ва гьесул гьунар нилъее мисаллъун ч1езеги ккола.

-Цоги Расулил рагъул темаялда хъвараб кинаб кеч1 нилъеца ц1алараб? («Къункъраби»)

-Расулилъ гьединаб шиг1ру бижиялъе г1илла щиб бук1араб?

«Къункъраби» кеч1 ах1ила.

Расулил х1акъалъулъ слайдаздаса гара-ч1вари гьабила..

  1. Физминутка

Ниж ана, ана,

Хъах1аб т1егь батана,

К1усана, т1уна,

Нахъойги ана.

Баг1араб батана,

Хъах1илаб батана,

Т1огьилаб батана,

Кьер-кьерал т1угьдузул

Квац1и гьабуна.

  1. Ц1ияб тема

1)Фазу Г1алиевалъул г1умрудул нух.

Жакъа нилъеца лъай-хъвай гьабизе буго Фазу Г1алиевалъул г1умрудул нухгун.

Дагъистаналъул халкъияй поэтессалъ нилъер адабияталда жаниб х1урматияб бак1 ккоа. Гьей ккола шаг1ир, прозаик, хъвана пьесаби, романал, къисаби, поэмаби, шиг1раби.

Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъ Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ хъулухъчиясул хъизаналъе. Хъвазе, ц1ализе лъаларей г1олохъанай эбел хут1ана ункъо бесдал лъимергун. Фазул лъимерлъи бигьаяб бук1инч1о. Эбел х1алт1ана Хунзахъ райбольницаялда санитаркалъун.Г1емераб къо х1ехьон, рагъул ва рагъда хадусел соназдаги хьихьана эбелалъ жиндирго бесдалал. Эбелалъул зах1матги, ях1ги, намусги бич1ч1идалин Фазуца «Бесдалазул эбел» абураб поэмаялда хъвалеб бугеб:

  • Дир ралъад г1адинай гъваридай эбел,

  • Дир г1азул хъап г1адай т1адагьай эбел,

  • Дир т1огьол щуб г1адай щущарай эбел,

  • Дир щарил нах г1адай х1еренай эбел.

  • ………………………………………………

  • Ургъел ккоге дуда, дур бесдалаца

  • Дур малъараб тезе гьеч1о кидаго.(Слайд «Бесдалазул эбел»)

Фазу ц1алана Хунзахъ районалъул Г1араниб гьоркьохъеб школалда, лъуг1изабуна М. Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт. Чанго соналъ х1алт1ана Дагъучпедгизалъул редакторлъун, Х1алт1ана «Дагъистаналъул ч1ужуг1адан» журналалъул бет1ерай редакторлъун. Гьединго Фазуца т1уразаруна бат1и-бат1иял т1адкъаялги.



2)Фазул х1акъалъулъ слайдал

3)Даку Асадулаевасул г1умру

Даку Асадулав гьавуна 1936 соналъ Шамиль районалда учителасул хъизаналъе. Школа лъуг1ун хадув цо соналъ вук1ана росдал маг1ишаталъул х1алт1абазда, х1алт1ана шоферлъун, хадув Хунзахъ бугеб культурияб идараялъул директорлъун. Гьев вук1ана Дагътелерадиоялъул солистлъун. Т1оцере ах1изе байбихьана Мах1мудил, Гъазимирзаевасул, Ч1анк1ал куч1дул. Хадув ц1алана Культпросветучилищеялда. Х1алт1ана актерлъун Авар театралда. Гьесие кьуна Дагъистаналъул мустах1икъав артистасул ц1ар. Х1алт1улев вук1ана Госфилармониялда. Гьев кколаан «Дагъистаналъул бакънал» ансамблялъул руководительлъун. Гьесие щолаан республикаялъул конкурсазда т1оцересел бак1ал.

4)Кеч1 ц1али

5)Словарияб х1алт1и

Сагьвил гьаюрай-пана гьаюрай

Т1амур-музыкалияб алат

Ч1ва- струна

Т1арамагъадисеб-ахирисеб

6)Коч1ол анализ гьаби

-Асаралъул жанр

-Тема

-Идея

- Аслиял героял

-Аллитерация, рифма, анафора, эпифора, метафора, эпитетал, риторикиял суалал рати.



5. Дарс щула гьаби

1)Суалал

-Даку Асадулаевасул гьунаралъе авторалъ кинал сипатал гьарулел ругел?

-Кеч1 ах1улаго, г1енеккаразда цере щал т1амулел ругел?

-Коч1ол бищунго пасих1ал мухъал рате ва пасих1го ц1але.

3. Дарсил х1асил гьаби(Рефлексия)

4. Къиматал лъей

5. Рокъобе х1алт1и кьей








Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 6 класс

Скачать
Фазу Г1алиева «Маг1арулав»

Автор: Пахрудинова Айшат Назирбеговна

Дата: 19.10.2019

Номер свидетельства: 523272


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства