kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Ф. Г1алиева. «Кини».

Нажмите, чтобы узнать подробности

Ф. Г1алиева. «Кини».Ф. Г1алиева. «Кини».Ф. Г1алиева. «Кини».Ф. Г1алиева. «Кини».Ф. Г1алиева. «Кини».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Ф. Г1алиева. «Кини».»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Ф. Г1алиева «Кини»- 9кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна





Лологонитль.2016г.



МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Ф. Г1алиева «Кини»- 9 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.













Лологъонилъ. 2016 с.





Дарсил тема: Ф. Г1алиева. «Кини».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ рагъул ва рокьул темаби рагьун ругеб куц , маг1арул ч1ужуг1аданалъул сабруялъул к1одолъи, г1акъиллъи бихьизабун бугеб куц бихьизаби. Ф. Г1алиевалъул творчествоялъе кколеб къимат кьей. Жакъасеб къоялъулгун бухьен ч1езаби. Ц1алдохъабазул г1акълу камиллъизаби.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

- Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе бажари.

  1. Тарбия кьеялъул:

-Ват1аналде рокьи бижизаби.

- Нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьурал г1адамал к1очене бегьулареблъи, гьезул бет1ер къулун, х1урмат гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Рагъулкьог1лъи, рагъул магъалоялъул бак1лъи бихьизаби.

- Халунил образалдалъун лъималазе тарбия кьей. Сундулъго сабру гьабизе кколеблъи бич1ч1изаби. Маг1арул ч1ужуг1аданалъе т1адег1анаб къимат кьей.





Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, презентация, реферат, суратал.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи .

  4. Рек1елгъеялъулаб грамматика. «Щивали лъай».

  5. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а )Ф. Г1алиевалъул творчество;

б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул кьог1лъи.

в) Рагъ- г1ахьалаб балагь.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

в)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи:

-М. ГЪайибековалъул х1акъалъулъ реферат,

-«Коч1олъ батана дир ру1»- анализ.

4. Рек1елгъеялъулаб грамматика. «Щивали лъай».

5. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Ф. Г1алиевалъул творчество.



Фазу Г1алиева гьаюна 1932соналъ ХунзахърайоналъулГиничукь росулъ.Гьит1инго эменги хун хут1арай гьей г1езаюна эбелалъ.

Дагьаб мехалъ Мах1ачхъалаялда руччабазул педагогияб институталдаги ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад- лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.Гьенир к1удиял г1алимзабаз, машгьурал хъвадарухъабаз кьурал дарсаз камилгьабуна коч1ое бугеб гьунар, гъварид гьабуна г1акълу-лъай. Фазуе дарсал кьуна рек1елъ къвак1иги чорхолъ гьунарги бугел Михаил Светлов, Владимир Луговской г1адал поэтаз.

Ц1али лъуг1ун хадуб ,Фазу х1алт1ула Дагъучпедгизалъул редакторлъун, г1емерал соназ йик1ана “Дагъистаналъул ч1ужуг1адан” журналалъул бет1ерай редакторлъун. Кинабго жигарги, жанги, чорхол къуватги, рек1ел х1асратги Фазуца кьола г1адамазул рак1ал авадан рук1ине, жах1да- х1усуд т1аг1ине, вацлъи, гьуинлъи щулалъизабизе.

Т1оцебесеб жиндирго кеч1Фазуцагьабуна т1оцебесеб классалда ц1алулей йигсб мехалъ. Узухъда, жеги берцинго ц1ализе-хъвазе лъаларей ясалъ гьабураб коч1олъ г1унгут1аби г1емерал рук1ана, амма гьит1инай ясалъухъа бажарана халкъалъулго г1умруялъе к1вар бугеблъугьа-бахъиналде раг1и абизе. Сон бук1ана г1ажаибаб. Росулъа армиялде т1орит1улаан г1олохъаби. Жеги рек1ун бук1инч1о аза-азар маг1арул г1олохъабазул г1умру бахъараб к1удияб рагъул ц1а, гьединлъидал армиялде унел т1орит1улаан рохалида, кеч1-бакъангун. Ват1ан ц1унизе унел чарамул васазухъги балагьун, гьит1инай Фазуца цоцалъ хурхинаруна т1оцебесеб коч1ол мухъал..

Фазул гьел раг1аби рахъана школалъул къадал газеталда. Гьелъул х1акъалъулъ хабар, пири г1адин, хехго т1ибит1ана гьит1инаб маг1арул росулъ. Гьеб раг1ана эбелалдаги. Ялгъузлъиялъ рак1 мукъсанай, чияр раг1укьа х1инкъарай эбелалъ ,лъадаса ц1ун бач1араб г1ерет1 г1одоб лъезег1ан теч1ого, к1ут1ана яс:

  • Щай, эбел, ягъулей? — абун гьикъана тамашалъарай Фазуца.

  • Ясаз кеч1 хъвалеб киб дуда раг1араб? Куч1дул хъварайМарямил г1адин, к1ал букъизейищ бокьун бугеб дуеги?—гьединаб бук1ана эбелалъул жаваб.

Гьелдаса нахъе к1ал букъарабг1анги г1емерал соназ юц1ц1ун ч1ана Фазу. Ич1го соналдасан, 10 классалда ц1алулеб мехалъ, гьабуна Фазуца к1иабилеб кеч1. Гьелда ц1ар бук1ана «Ракълилаб байрахъ», гьеб бахъана «Маг1арул большевик» газеталда.

Фазул 30 ц1ик1к1ун т1ехь къват1ибе биччана. Щибаб т1ехь — гьеб ккола рек1ел цо кесек, г1умруялъул х1акъалъулъ гьарурал пикраби, анищал ва хьулал рехсарал сипат-суратал, образал. К1удияб рокьигун, адаб-х1урматгун хъвапеб буго Фазуца маг1арулазул, гьезул г1адатазул, г1амал-хасияталъул, т1абиг1аталъул х1акъалъулъ.

Фазуца хъварал гьадинал поэмаби(«Хвел гьеч1елъусан кагъат», “Ч1агоял къисаби”, “Анц1ила микьабилеб их”, “Эбел”, "Ц1умал муг1руздасан роржуна”, “Гьа”), гьединго къисаби( “Къисмат”, “Хъах1илаб ц1ад”, «Сапар»),романал( «Щуб щибаб харде бортула». “Ракьул г1ерекъ гьороца унаро”, «Кьолбол мугьру»), харбазул т1ехь “К1иго микьир” маг1арулаз гъираялда ц1алана, гьез бечед гьабуна авар литература.



б) Фазуе щварал шапакъатал:


1968с. «Анц1ила микьабилеб их»абураб поэмаялъухъ кьуна Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб премия,

1968с. «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро» абураб романалъухъ кьуна Николай Островскиясул ц1аралда бугеб премия,

1969с. Кьуна Дагъистаналъул халкъияй поэтесса абураб ц1ар,

1994с.гьелъие кьуна Халкъазул гьудуллъиялъул орден.

2002с. кьуна Андрей Первозванниясул орден…

Гьей мустах1икълъана к1иго «Х1урматалъул г1аламат» орденалъе.



б)К1удияб Ват1анияб рагъ. Рагъул кьог1лъи. Рагъул магъалоялъул бак1лъи. Гьеб кола «Кини» абураб хабаралъул аслияб тема. Гьениб бицунеб буго К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда маг1арулазул г1умруялъул…

1941 соналъ байбихьана гьеб вах1шияб рагъ. . Г1емераб г1акъуба- къварилъи бихьана г1адамазда, амма гьез бихьизабуна кьвариги,къвак1иги, лебаллъиги, Ват1аналде бугеб г1урхъи гьеч1еб рокьиги, тушманасукьа х1инкъулареблъиги. Киналго цолъун, вацал г1ади,н къеркьана гьел г1аммав тушманасде данде. Гитлерил хиялал х1орлъана.

Нилъераз босана бергьенлъи, амма камиял г1емер ккана.Ват1аналъе г1оло, нилъер эркенлъиялъе г1оло г1умру кьуна 30 миллионналде г1агарун чияс.

в ) Рагъ- г1ахьалаб балагь.

Къварилъ, ками кеч1еб хъизан цониги бук1инч1илан абизе бегьула. Ват1аналъе камунаг1емерал васал. Гьезул ц1аралги ишалги кидаго к1оченаро. Рагъалъ рахъинаруна г1емерал бах1арзалги. Дагъистаналдаса вахъана 50 ц1ик1к1ун бах1арчи. Рак1алде щвезабе нилъер районцоясул бах1арчилъи. Мух1амадзагьид Г1абдуланаповасул х1акъалъулъ раг1ич1ев чи вук1ине рес гьеч1о.Гьесдаса ч1ух1ула ракьцоял.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей(словарияб х1алт1и).

Х1алцен, гормендо, сухъмахъ, свенек.

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

- Фазу Г1алиевалъул х1акъалъулъ щиб лъараб?

-Т1оцебесеб кеч1 кида гьабураб?

- Щай эбел ясалда ягъарай?

-Фазул асаразул ц1арал рехсе.

-Асаралъул тема рагье.( Асархъвалаго, авторалъборхунеб буго чаналиго к1вар бугебсуал, тема:

  1. Маг1арул ч1ужуг1аданалъул г1акъиллъи, сабруялъул к1одолъи, гьелъул рух1ияб бечелъи.

  2. Рагъул кьог1лъи, рагъул магъалоялъул бак1лъи, рагъул лъалк1ал.

  3. Рокьул тема.)

-Асаралъул жанр.

- Асаралъул героял.

+ Лъил ц1аралдасан бицунеб бугеб асар?

- Халунил образ рагье.

б) Кицабазул маг1на рагьи ;

- Сабру- алжаналъул к1ул

- Ват1ан хириясе хвел бук1унареб?

в)асаралъул идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

- Идея:

  1. Бихьизабулеб буго рагъул магъалоялъул бак1лъи. Рагъалъ киданиги лъик1лъи гьабуларо, гьелъ бачун бач1уна к1удияб балагь. Рагъалъ вас гьавуларо, гьавуравги ч1вала. Бит1араб буго гьеб кици.( Закари рагъда ч1валев вуго. Амма рокъорго хут1аразул г1умруги лъик1аб гьеч1о, рагъалъ гьездаги лъун буго к1удияб ругъун: цоялъе камун вуго абурав, цогиялъе- вас.)Гьел бах1арзал к1очене бегьуларо.

  2. Амма г1акъуба- г1азаб, къварилъи бихьанилан, г1одорч1ван, ц1акъго къваридго рук1ине бегьуларо. Гьабизе кола сабру, нахъеги гьабизе ккола г1умру.(Гьеб кинабго бихьизабун буго Халунил образалдалъун. Рагъда ч1вала гьелъул цох1о вугев вас.Жиндирго къварилъиги «к1очон тун»,Халуница х1аракат бахъула Меседол г1умру хисизабизе, гьелда кинабго бич1ч1изабизе.Гьелъ Закарил абурай росасул вацасул васасе ячуна, сундулъго гьабула сабру,жиндирго рек1елъ бугеб къварилъи бихьизе биччаларо, сундулъго г1акълу цебе ккезабула.)



  1. Рокъобе х1алт1и.

Асаралъул г1ат1идаб анализ гьабизе.Г1абдулманаповасул х1акъалъулъ доклад х1адуризе.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).






Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 9 класс.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
Ф. Г1алиева. «Кини».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530462


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства