kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».

Нажмите, чтобы узнать подробности

Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».»

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Батирай «Бах1арчиясул х1акъалъулъ»- 6 кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна



Лологонитль.2016г.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Батирай «Бах1арчиясул х1акъалъулъ»- 6 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.













Лологъонилъ. 2016 с.



Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Асаралъулъ авторас бах1арчиясул сипат- сурат рагьун бугеб куц бихьизаби.

- Батирайил творчество г1ат1идго рагьи. Революциялда цебехун г1умру гьабулел мискинзабазул г1умруялъул х1акъалъулъ, Батирайил творчествоялъул кьуч1алда, бит1араб х1асил гьабизе малъи.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

- Ц1алул бажари цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

– Бах1арчиясул ях1- намусалъул к1одолъи, гьесул гьунаралъул г1ат1илъи, рух1ияб дунялалъул бечелъи бихьизаби.

-Бах1арчилъи маг1арулазул чилъи борцунеб аслияб роцен бук1ин бихьизаби.

-Чиясе къимат, г1амал- хасияталъухъ, гьесул ишазухъ балагьун, кьезе кколеблъи бич1ч1изаби.

- Бах1арчилъиги ях1- намусги лъималазулъ куцай.

- Кицабаздалъун малъа- хъвай гьаби.



Дарсил алатал: т1ахьал,суратал, ребусал, компьютер, кицабазул таблица.

Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи.

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Революциялда цебехун г1умру гьабулел мискинзабазул г1умру;

б) Батирайил г1умрудул нух;

в)Рек1елгъеялъулаб грамматика, тема рагьиялъе ребус

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) кицабазул маг1на рагьи ;

в) Батирайилалда къисмат релълъарал поэтал- хъвадарухъаби;

г)асаралъул идея рагьи.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи:

- Мах1мудил г1умруялъул нух.

- «Рек1елъ иях1 бугев аск1овег1ан ц1ай»(рек1ехъе).



  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) Революциялда цебехун г1умру гьабулел мискинзабазул г1умру.

Лъимал, киг1ан лъик1аб г1умру гьанже нилъер бугеб. Росдал г1адамазухъ балагье нуж. Рукъ гьеч1ев чи гьеч1о, вакъарав чи гьеч1о, ц1ализе рес буго, рек1ее бокьараб махщел бищизе рес буго... Амма кидаго гуреб гьедин бук1араб. Бук1ана ханзабазул, бечедазул зулму- х1ал ц1ик1к1араб заманги, гьез мискинзаби зарукь къараб заманги. Сундулго ихтияр бук1ана гьезул хъатикь. Мискинзабаз бет1ер борхизе биччалароан гьез. Мискинзабазул бук1ана ц1акъго язихъаб, х1акъираб г1умру. Доб заманаялъ социалияб бащалъи бук1инч1олъи кколеб буго г1адамазул талих1къосиналъе г1иллалъун.

б) Батирайил г1умрудул нух.

Жакъа нилъеца бицине буго даргиязул бищуго машгьурав поэтасул. Гьесда абула даргиязул поэзиялъул эменилан.

- Лъалищ нужеда гьев?

- Г1умарил Батирай.

- - Бит1ун буго, лъимал. Гьев ккола Г1умарил Батирай.

Батирайил к1удияб махщел бук1ана куч1дул гьаризеги ах1изеги. Берцинаб, бац1ц1адаб, роц1араб гьаракьалъ Батирайица ах1улел куч1дуз г1енеккарал пана гьарулаан. Гьес ах1улеб бук1ана г1умруялъулъ гьеч1еб рит1ухълъиялъул, мискинзабазул язихъаб г1умруялъул, бечедазул зулму- х1алалъул, бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ, гьединлъидал бечедазе гьев вокьулароан. Амма мискиназе бокьулаан Батирайил коч1охъ г1енеккизе.

Бечедаз батирайие кеч1 гьабизе гьукъана. Кеч1 ах1анщинахъе, цо- цо оц г1ак1аде бахъизе х1укму гьабуна. Г1ак1аде бахъизе боц1и хут1уларо Батирайил. Коч1охъ г1ащикъал г1олохъабаз, г1арацги дандбан, босула г1ак1аде кьезе оц. Бечедазда бич1ч1ула Батирайил кеч1 къот1улареблъи. Гьез гьев росулъа вачахъула. Г1умруялъул ахирал сонал гьес т1амула Ал- махьи абураб колода.Гьенив колода хола Батирай. Росдал хабалалъ вукъизеги виччаларо бечедаз гьев. Къосарав «далайчи» хваралъувго вукъизе кколилан абула гьез.





в) Рек1елгъеялъулаб грамматика, тема рагьиялъе ребус

,, ,

н=ч





  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей (словарияб х1алт1и).

Хинкъуч- трус,

ц1ук1амах1ав- х1алихьатав,

рогьо- бугьтан,

игит- багьадур, бах1арчи,

даимаб- кидагосеб

  1. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  2. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

- Кинаб заманаялда г1умру гьабулеб бук1араб Батирайица?

- Кинаб г1амал- хасияталъул чи вук1арав Батирай?

- Сундул х1акъалъулъ куч1дул ах1улел рук1арал Батирайица куч1дул?

- Щай гьев бечедазе рихарав вук1арав?

- Батирайил г1умру балагьалде свериялъе г1илла?

- Гьал раг1аби кин рич1ч1улел?

а) Бах1арчияв инсуе

Х1инкъуч- вас гьавугеги,

Гьес инсул тушбабазе

Жаваб кьезе кколелъул.

Ц1ук1амах1ав инсуе

Бах1арчи гьавугеги,

Инсул рогьоги ничги

Гьес борхизе кколелъул.

б) Ц1ар раг1арав бах1арчи

Хабалалъ вукъуларо,

Багьадурасе зани

Нухлул раг1алда ч1вала.

Г1умруги гьесул къокъаб,

КЪоло щуйилъе щвараб,

Яги тушманас ч1вала, яги Сибирь къот1ула.

- Хъвараб къаг1идаялде балагьун, кинал куч1дул ругел?

Аллитерация бате.

- Эпитетал рате.

-Дандекквеял рате.



б) Кицабазул маг1на рагьи ;

- Бах1арчи цоц1ул хола, х1алихьат нусц1ул хола.

Бах1арчилъиги намусги к1иябго цадахъ бук1унеб, цояб билани, хадуб цоябги унеб.

Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1ван лъик1.

- Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1ван лъик1.

в) Батирайилалда къисмат релълъарал поэтал- хъвадарухъаби руго жеги.

Эльдариласе загьру кьола.

Г1анхил Маринил к1ал букъизе буюрухъ кьун бук1ана.

Кочхюралдаса Саг1идил берал рахъана.

Йирчи Гъазахъ Сибиралде вит1ана.

Мах1мудие йокьарай яс щоларо…

- Цоги гьезул релълъараб рахъ щиб бугеб? (кьвари, къвак1и, х1инкъи- къай гьеч1олъи, г1аданлъи, ях1- намус, лебаллъи)

- Бит1ун буго.Гьездаса нилъ ч1ух1изе ккола. Гьел руго унго- унгоял г1адамал, щай гурелъул гьез къулич1о х1алихьалъиялъе бет1ер.

г)асаралъул идея рагьи.

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ?

- Бах1арчилъи буго чилъи борцунеб роцен. Маг1арулазул бидулъ бессун буго бах1арчилъи. Х1алихьалъиги зулму- х1алги гьез х1ехьоларо. Тушманасе наку ч1ваялдаса хвелго т1аса бищула. Бах1арчиясул ц1ар кидаго к1очонаро.Инсанасда рекъон бук1унаро х1алихьалъи. Х1алихьатав чиясе г1адамаз наг1ана кьола. Ях1- намусалда рогьодул т1анк1 хъвазе тезе бегьуларо.

  1. Рокъобе х1алт1и.

Бищун пасих1ал коч1ол мухъал рек1ехъе лъазаре.

  1. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).








Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Уроки

Целевая аудитория: 6 класс.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
Дарсил тема: Батирай. «Бах1арчиясул х1акъалъулъ».

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530457


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства