kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Внеклассное мероприятие «Расул Х1амзатовасул поэзиялде сапар»

Нажмите, чтобы узнать подробности

 

Внеклассное мероприятие

«Расул Х1амзатовасул поэзиялде сапар»

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Внеклассное мероприятие «Расул Х1амзатовасул поэзиялде сапар»»

МКОУ «Чунинская СОШ»









Внеклассное мероприятие

«Расул Х1амзатовасул поэзиялде сапар»

Класс: 9

Учитель: Мусаева З. М.

МУРАД: 1.чвахун бит1ун ц1алиялъул даража борхизаби.

2. Г1адатаб анализалдалъун ва логикиял суалаздалъун лъималазул г1акълу ц1убазаби.

3.Эпитетаздалъун , метафорабазул,дандекквеязул к1вар рагьун,шаг1ирасул рек1ел мурад загьир гьаби.

4.Халкъияв шаг1ирасул творчествоялъул болъодул х1ок1ида х1ет1е лъезе жигар бахъи.



ДАРСИЛ АЛАТАЛ:Шаг1ирасул сурат, т1ахьал.газетал, журналал,рефератал,докладал ,альбом, къадал газета"Ц1ада гьоболлъухъ",.лъималаз рахъарал суратал, касетаби гьесул куч1дузул, ИКТ.географияб карта.

ЭПИГРАФ: "Бищун т1адег1анал г1агарал ц1ваби ,

Г1адамазухъе щвей буго дир мурад".





ДАРСИЛ ИН.

-Ассалам г1алайкум , лъимал.

СЛАЙД.

Дарс байбихьила Р. Х1амзатовасул "Къункъраби" коч1одасан.

. - Лъица хъвараб кеч1 гьаб, ва лъил х1акъалъулъ бицине бук1ин бихьулеб бугеб нужеда жакъа сверун балагьани?

- Бит1ун буго.Жакъа нилъер тема буго РАСУЛ Х!АМЗАТОВ,гьесул творчествоялъул хаслъи.

-Мурадги буго г1адатияб гуреб; гьесул творчествоялъул болъодул х1ок1ида х1ет1е лъезе к1вей ай,гьесул асаразулъ чанго бак1 ккураб тема рагьи.

2.ЦЕБЕРАГ!И. Расулил г1умруялъул ва литературияб х1аракаталъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

_ Дагъистаналъул халкъияв поэт,пачалихъалъулал премиязул лауреат, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи,дунялалдаго ц1ар раг1арав шаг1ир Расул Х1амзатовасул творчество машгьураб ва хвел гьеч1еб буго.Гьев гьавуна 1923 с. Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ Ц!. Х1амзатил хъизаналда.

Гьеб гьит1инаб Ц1ада росулъ, инсул минаялъул рагъида т1амураб оцол т1омодаги вегун, гьабуна Расулица т1оцебесеб кеч1.Гьениса воржана гьев поэзиялъул г1ат1идаб шагьра нухде.

-Жиндирго г1умруялъул аслияб мурад РАсулица баян гьабуна гьал коч1ол мухъаздалъун.(эпиграф ц1ализе).

(т1адег1анал ц1ваби - лъик1ал к1уч1дул щвей)

- Т1убана Расулил мурад, Расулие г1адамалги г1адамазе Расулги ц1акъ хирияллъун лъугьана.

_ Шаг1ир лъик1го вихьизе ккани, гьесул Ват1ан бихьизе ккола,- ян абун буго Гетеца.Гьеб ц1акъ бит1арабги буго.Есенин вич1ч1изе ккани, Рязаналъул г1ат1илъаби рихьизе ккола,Блок лъазе ккани,Петербургалъул г1азулал гьурал гьурмаде пуйзе ккола.Ц1ада росулъе щвеч1есдаги Дагъистан бокьуларесдаги Расул Х1амзатов вич1ч1уларо.

СЛАЙД.

-Гьале нужеда цебе суратаздалъун Расулил Ват1ан. Гьал суратазда нужеда бихьила к1иявго шаг1ирасул цо мина.Инсул гъоркьа рукъзал ч1абарги лъурал жужайги т1урал,цебесеб т1аг1ел _алат, ц1араг1,ц1улал манг -кинабго бук1ахъе ц1унун.

-Т1аса минаялъуб Расулил х1алт1ул рукъ,гьес кеч1 хъвазе т1оцебе кодобе босараб х1ули ,щакъит1ел,гьесул г1умру рагьараб гьит1инабго музей.(бихьизабизе)

1.- Ват1ан буго шаг1ирасул бищун к1удияб рокьи, гьесул шиг1рабазул байбихьиги ахирги, г1умруялъул рохелги пашманлъиги.

-Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан.

Мун разияв гьеч1ищ дур васасдаса?

Мустах1икъав вугищ дун дур ц1аралъе,

Ц1адулъ парпадулел дур байрахъазе ?

- Гьеб суалалъе жаваб батила жакъа нилъеца дарсидаги.

С- Лъимал, нужедаго лъалел Расулил биографиялъул х1ужжаби загьир гьаризе лъида к1велеб?

Ж- 1) Ц1алана педучилищеялда.

2)Лъуг1изабуна Москваялда Литературияб институт.

3) Т1оцебесеб т1ехь " Х1асратияб рокьиги, боркьараб ццинги".

4) Т1ахьазул къадар 70 ялдасаги ц1ик1к1ун буго. 1

5) Гьел руссинарун руго г1урус ва бат1иял мац1азде.

С- Расул Х1амзатовасул кинал куч1дулгун лъай- хъвай гьабураб нужеца цересел классазда?

Ж- 5кл - " Вера Васильевна"...

9кл - " Эбелалде", " Авар мац1"...

7кл - " Маг1арулал"...

- Гьел куч1дузул лъай борцине дица кьела

тестаздалъун т1адкъаял .

1) - Гьаб коч1ол куплет лъуг1изабе.

Дир мац1 бук1инароан ......

2) Гьаб коч1ол авалияб куплет нужеца рик1к1е.

Щвела дун росулъе, щвела рокъове

Къирун тараб каву къай, дир хирияй.

Кида гьеб бук1инеб- кват1изе гьеч1о,,

Каранда рак1 лъурай, сордо, лъик1 эбел.



Ж- " Эбелалде" Эбел к1оченаро гьит1инаб мехалъ....

С- 3. Аваразул гимнлъун лъугьараб кеч1 кинаблъун рик1к1унеб дуца?

Ж - " Маг1арулал". релъи- хъуй гьеч1ого рохизе лъалел ...

С-4- Расулил авар мац1алде бугеб г1урхъи гьеч1еб, т1ей гьеч1еб рокьи загьир гьабулеб кеч1.

" Авар мац1" " Нолъ макьилъ бихьана ..."

С-5- Расулил дуего бищун бокьараб кеч1 рек1ехъе бице.

Ж "Дагъистаналъул рохьал"

С-6 Кинабха бугеб гьесул прозаялдалъун хъвараб асар. " Дир Дагъистан"

- 1968 соналда Р. Х1амзатовас киналго х1икмалъизаруна ва рохизаруна гьаб асаралъ . Литературиял пишачаг1азда к1веч1о гьелъул жанр ч1езабизе.

Гьеб буго т1олабго Дагъистаналъулги поэтасул г1умруялъулги образ рагьараб т1ехь.

- Гьале нилъехъ живго поэтги вихьула (ц1алдохъан Расуллъун)

- Щибдай гьас бицина жакъа дарсида.

(" Дир Дагъисданалдаса" цо гьит1инаб эпизод маг1арулалъул хьандей) ( форма, чохт1о.. ц1алдохъабаз бихьизабизе).

- Г1агараб авар мац1 .Дир кинабго бечелъи, дир дарман, дир гьаракь,- гьедин гьит1инаб лъимаде г1адаб реэди гьабулеб буго Расулица, кинаб маг1наялда маг1арул раг1и раг1аниги .

- Дагъистанги дагъистаниялги, маг1арухълъиги маг1арулалги к1одо гьарулеб гуреб х1ухьел угьич1о Расул Х1амзатовас. Гьесул поэзиялъулъ гьеч1о инсанасул г1умруялъул рагьич1еб тема.

2. .К1удияб бак1 ккола эбелалъул образалъ

- Киналго халкъазул лъималазе , бат1и-бат1ияб мац1алъ абуниги, хирияб буго эбелалъул ц1ар.

- Дирго бищун рек1елъ ч1арал раг1аби рик1к1ина дица нужее гьесул " Эбел" абураб коч1ол.

"Ц1амх1алаб маг1ица , бух1араб биялъ,

Рах1ат гьуч1еб рак1алъ кинабго черхалъ

Дицаги кидаго , киве щваниги ,

Щурула, ах1ула эбел, эбелан"

- Эбелалъул рокьиялъ, гьелъул х1еренлъиялъ лъимал лъик1аб хьвада-ч1вадиялде куцала.


3.Тема ч1ужуг1адан. Ч1ужуг1аданалъул гьайбатаб г1амалалъул х1акъалъулъ недегьал х1еренал раг1аби абун руго поэтас гьадинаб коч1олъ :

" Бокьула маг1арул ясазул гьурмалъ..."

- Щиб бокьулеб Расулие гьабсаг1ат раг1ила нилъеда. (запись ах1улеб биччазе)

4.К1удияб Ват1анияб рагъул темаялъ хасаб бак1 ккола Расулил поэзиялда жаниб .

С - Нужеда гьоркьор ратизе бокьилаан гьеб темаялдасаги коч1ол куплет лъалев чи.(гьикъизе).

-Рагъда камурал васазул ,бах1арзазул х1акъалъулъ асар кинаб рак1алде щолеб нужеда?

- Ц1алдохъабазда гьоркьоб ц1акъ машгьураб буго г1олохъанав Расулица хъвараб Совет Союзалъул Бах1арчи М-З.Г!абдулманаповасул ва гьесул анкьавго гьудул г1урусазул х1акъалъулъ хъвараб поэма.Ц1ар кинаб бугеб?("Россиялъул солдатал" )

- Поэма кинал мухъаздалъун байбихьулеб ? (Симферо...)

-Гьанже г1енекке....

Гулла керен борлъун рек1елъе ана,

Рек1арав чодаса гъоркье вортана,

Барти х1их1идана,хвалчен г1одана

ХЪах1аб микки сестра т1аде г1унт1ана.

Расулил "Хвалда цебе" абураб коч1олъ ругъунги щун щапун унев солдатасул раг1аби жакъа нилъедаги раг1изе руго.(Сценка -цебеккунго лъимал х1адуризе кьураб)


С .- Щибха абизе бокьараб хвалда цебе солдатасе?

(г1адада хвеч1олъи,хвел гьеч1еб бук1ин гьесул гьунар).


- Дарсил байбихьуда нилъ г1енеккана Расулил ,рагъда т1аг1арал киналго солдатал рак1алде щвезарулел,гьел хъах1илал зобалазда хъах1ал къункърабазде сверун рук1ин бихьизабулеб коч1охъ.

- Машгьурав композитор Ян Френкелица бакъанги хъван гьеб ах1улеб раг1араб мехалъ пачалихъалъул гимн бачунеб мехалъ г1адин, киналго улкабазул г1адамал рахъун ч1ола.Гьеб хъван буго Япониялдаса вач1унелъул нухда.Г1урус мац1алде буссинабун буго гьунар бугев таржамачи Наум Гребневас.Ах1ана Марк Бернесица.(Слайдал- гьезул суратал).

"- Хъах1ал къункърабазе" бан буго лъебергоялдаса ц1ик1к1ун памятник.

Рехсезе бегьула: Украина,Узбекистан,Кисловодск.Дагъистаналда т1оцебе памятник бана1986 с. Гъуниб. (слайд).


- Расул щвеч1евги гьев лъаларевги пачалихъал ратизего ратиларин ккола.Гьес жинцаго хъвана: "Г!агараб Дагъистаналде дун вуссана дунялалъул хасав корреспондентлъун.Гьеб баян гьабула гьадинал раг1абаз.(карточкаби рикьила раг1аби хъварал).


1 .Индиялъул ч!ах1иял......

2. Ч1ег1ераб Африкаялда..........

3. Лицбургалда тохлъукьего.....

4. Италиялда Венециялда......

5. Индонезиялъул ч1инк1иллъабазда...

6. Нью- Йоркалъул къват1ахъ...

7. Стамбулалда Парижалда....

8. Лондоналда выставкаялда...

(ц1ализе т1амила ва картаялда рихьизаризе риччала).


-Хадуб гьес хъвана:

-Бат1иял улкабазде араз,гьеб улкаялъул куч1дул рач1уна росун,дицайин абуни,дур х1акъалъулъ ц1идасан хъвана саринал,ц1идасан бич1ч1ана ва ц1идасан бокьана дие дир бах1арчияб Дагъистан.


-Физминут-

Лъуна мугъзада нахъа кверал.Цуна мугъ бак1ида,эркенго ц1ана х1ухьел.

-Рилълъа гьанже нилъерго росдал къват1ахъе.Щванищ?

-Балагье квег1иса квараниса.Щиб бихьулеб бугеб?

(тукаби,ашбазал,базар)

.Гьеб буго, лъимал, г1умруялъул бихьулеб рахъ.гъорлъе раккун балагьидал нилъеда дандч1вала г1адамасул г1унгурт1аби, квешал г1амалал.Гьел квешал г1амалал какарал сатириял куч1дулги руго Расулил.

-Кинал г1амалал гьел кколел? (х1елх1елчилъи, х1алихьалъи,ришватчилъи ,ц1огь).

Слайд рагьила

- Гьаб кеч1 хъвана Расулица к1икъогоялдаса ц1ик1к1ун соназ цебе.(ц1ализе т1амила к1и- к1и мухъккун).

Бикъун ч1амулеб буго

Бикъун ч1ик1улеб буго

Бикъун хъухъалеб буго

Бикъун хъарсунеб буго

Бикъун кваналеб буго

Бикъун рет1унеб буго

Бикъулеб буго улка

Квералгин килщал рекъон.

- Гьеб кеч1 ц1илъулеб бугин ккеч1ищ нужеда жакъа къват1иб.

-Гьелде данде балъгояб рагъги бан т1ад руссина нилъ.

(рит1ун г1одор ч1а)

-Расулил х1акъалъулъ хъвана т1убарал т1ахьалги,макъалабиги.куч1дулги,хъвана дагъистаниязги,г1урусазги,къват1исел улкабазул критиказги.

-Гьале цо-цо гьел раг1аби хъвараб т1амач ,ц1але нужеего .(рикьизе).

- Семен Бабаевский.

Давид Кугультинов

Михаил Исаковский

Александр Твардовский....

-Гьел гурелги г1емер руго Расулил творчествоялъе къимат кьурал гьудулзаби.

-"Дунялалда дир ругелщинал гьудулзаби рик1к1ун , дие бет1ергьанас санал кьуни,дидаса херав чи Дагъистаналда вук1инаро"-ян абун буго поэтас

СУАЛ: Дур вугищ гьудул ?

-Гьудуллъи биххиялъе щиб г1илла бук1ине бегьулин кколеб дуда?

-Унго-унгояв гьудул ватизе зах1мат бук1унищ?

-Т1аме цо кици гьудуласул х1акъалъулъ.(Гьудул нусгоги дагьав,тушман цоги г1емерав)

- Расулица махщалида пайда босана халкъиял кицабаздасаги.

-Гьесул асаразулъ дандч1валел кицабазул байбихьи дица абила,ахир нужеца т1аде жубай.

1. Бач1инахъего лълъар кквеч1они,+...

2. Бач1унилан гуро къоги+ рогьелги бач1унеб.

3. "Бахъанищ ханжар+ кьабе, кьабг1анищ ханжар + къот1е.

-Жинцаго ургъараб кици буго гьесул гьаб.(слайд)

Г1умруялъ ургъараб кеч1 цо къоялъ бач1уна.

-Гьеб нужерго таптаразда хъвай.

- Расулил цоги бицинч1ого г1оларо гьес маг1арул мац1алъ кин къач1арал А.Пушкинил,В. Жуковскиясул,К. Рылеевасул куч1дул.

- Лъида лъалеб Пушкинил " К Чаадаеву".(цо куплет ц1ализе т1амила ,лъач1они дицаго рик1к1ина)

-Любви , надежды....

СЛАЙД. Рокьи ,хьул,машгьурлъи - гьезул хиялаз,

Халат мехалъ кквеч1о нилъ махсароде.

Нек1ого т1аг1ана т1адагьал къасдал,

Къаси макьу г1адин,радал нак1к1 г1адин.

- Расулида к1ванищ гьев авторасул аслияб пикру бич1ч1изабизабун маг1арул мац1алде буссинабизе


-Лъимал, живго шаг1ирасул анц1- анц1 миллатазда ц1алулел гурелги,гьесул асаразул кьуч1алда композитораз хъван буго 300 -ц1ик1к1ун бакъан.Гьел ах1ула ц1ар арал коч1охъабаз: Лев Лещенкоца,В.Кикабидзеца,ах1улаан Муслим Магомаевас.

Ах1ула нилъерго коч1охъабаз.

-Слайд .Ах1мад Закариев "Дун дандч1вазе ккола ч1ужуг1адангун къаси"

-Рач1а цадахъ ах1изе.


-Х1алч1ахъадал .Гьаб рик1к1ина нилъеца 11 классалда нужеца лъай-хъвай гьаризесел Расулил асаразде рагьараб кавулъун.РОкъоб нужеца ц1але Расулил «Хъулбузул х1акъалъулъ» ва г1адатаб анализалде х1адурлъи гьабе.Гьаб дарсида лъарабги к1очене тоге.


-ДАРСИЛ Х!АСИЛ.

-Расулил творчествоялъул хаслъи балагьанаг1ан батулеб хазина буго. Гьеб бич1ч1ила нужеда хадусел дарсаздаги гьесул асарал ц1алулагоги.

-Нилъеца рагьана цо-цо ц1иял х1ужжаби гьесул творчествоялъул.такрар гьаруна цере арал ,рук1ана сапаразда.

-Дида цадахъ нужги лъик1 х1алт1ана.Лъик1ал къиматалги руго нужее жакъа.

-Гьале сураталдасан нужехъ валагьун гьимулев вуго Расул.Гьеб буго гьесулги нужедаса разилъиялъул г1аламат.


-Умумузул адаб ккурал,дурго халкъги, г1адаталги,мац1ги , миллатги,дургоВат1анги бокьараб ва ц1унараб ц1ияб г1еллъун рук1ине тавпикъ кьеги нужее.

КЪО -МЕХ ЛЪИК1 !!!!


































Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Литература

Категория: Мероприятия

Целевая аудитория: 9 класс

Скачать
Внеклассное мероприятие «Расул Х1амзатовасул поэзиялде сапар»

Автор: Мусаева Зарият Магомедовна

Дата: 24.03.2021

Номер свидетельства: 576537


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства