kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Внеклассное мероприятие «КИЦАБИГИ, АБИЯЛГИ, ГЬЕЗИЕ БАЯНАЛГИ»

Нажмите, чтобы узнать подробности

Внеклассное мероприятие

«КИЦАБИГИ, АБИЯЛГИ, ГЬЕЗИЕ БАЯНАЛГИ»

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Внеклассное мероприятие «КИЦАБИГИ, АБИЯЛГИ, ГЬЕЗИЕ БАЯНАЛГИ»»

МКОУ «Чунинская СОШ»



Внеклассное мероприятие

«КИЦАБИГИ, АБИЯЛГИ, ГЬЕЗИЕ БАЯНАЛГИ»



Класс: 6

Учитель: Мусаева З. М.



Т1елекье Г!алибулат г1адин.

Г1алибулат вук1ун вуго хунздерил наибасул нукар. Цо къоялъ наибас Г1алибулатида абун буго метер мун Т1елекье ине кколилан.Щай вит1улев вугевали бицун бук1ун гьеч1о.Нахъисеб къоялъ радал вахъун арав Г1алибулат,Т1елекьеги щун, наиб вегаралъуса вахъиналде Хунзахъе т1ад вуссун вуго.





ТАЛИХ! БУГЕСУЛ БИХЬИНХ!АМА КЪИНЛЪУЛЕБИЛА.

Мискинчиясул бук1ун буго цо х1амик1ерт.Ма,цо бечедав чи вук1ун вуго гьеб к1ерт жиндир бугилан.Ккун руго судалде. Судалде вач1ине кколеб куц лъалев бечедав чи цояб рахъалдеги ц1ан вач1ун вуго.Судалъ х1амик1ерт бечедав чиясул бук1ин ч1езабураб мехалъ,мискинчияс судиясда гьикъун буго.

-Асул бихьинаб гурони х1амаги гьеч1еб мехалъ, сунцаг1аги асие гьаб к1ерт гьабураб?-ан.

-Судияс жаваб кьун буго:

-Талих1 бугев чиясул бихьинх1амаги къинлъула.



ДУЦА ЭМЕН КВАНАЗАВУРАБ ЩУРМИНИСАН ВАСАС МУНГИ КВАНАЗАВУЛЕВ.

Рос-лъади, цадахъ г1одор ч1ун,к1удияб къаг1идаялда кваналел рук1ун руго.Херав эмен щурминибе дагьа-макъаб квенги рехун,бат1аго толев вук1ун вуго.

Цо къоялъ херасул васасда жиндирго вас цо хъорщол кесек буц1улев ватун вуго.Щиб гьабулев вугеван инсуца гьикъараб мехалъ, васас жаваб кьун буго: мун херлъараб мехалъ,к1удадаего г1адин,дуеги квен кьезе щурун гьабулев вугилан.

Нилъеца гьабун,нилъее гьабун, иргадул жо бук1ун бугин гьаб дуниялилан,гьеб къоялдаса нахъе васас херав инсул адаб- х1урмат ц1унун буго.



МИНА БОСУЛЕЛЪУЛ , МАДУГЬАЛ Ц!ЕХЕ.

Налъукьеги ккун, цояс мина бичулеб бук1ун буго. Гьелъул багьа ч1езабун буго къого томен.Минаялъул бет1ергьан ч1ун вуго жинца гьеб к1икъого томеналдаса гъоркье кьеларилан.

Босулев чи ч1ун вуго къого томеналъул багьаяб минаялъухъ к1икъого томен абиялъул маг1на жинда бич1ч1уларин.Бичулес гьесие жаваб кьун буго: къого томен рукъзабазухъги кколила, къого томен мадугьаласухъги кколилан.

Босулев ч1ун вуго минаялда цадахъ мадугьалги вичулевлъи жинда раг1ун бук1инч1илан.Минаялъул бет1ергьанас абун буго: рес бук1арабани азарго томен дуца кьуниги,мадугьаласдасаги минаялдасаги жив ват1алъилароанилан.

Ургъун вихьилилан,мина босулев нахъе ун вуго.

Сапаралдаса вуссарав мадугьаласда бицун буго гьесул мадугьалас рукъзал ричулел ругилан.Ах1ун рокъовегун,гьес мадугьаласда гьикъун буго,киг1ан налъийила дуда бугеб,щайила дуца рукъзал ричулел ругел?

Мадугьалас ,кисинисаги бахъун, гьесие къого томенги кьун буго,дагьабги х1ажалъани,нахъеги вач1аянги абун буго.

Цо заманалдасан дов чи вач1ун вуго жиндир х1укму кканин,дуца абураб багьаги кьун,рукъзал росизеян.Рукъзабазул бет1ергьанас гьесие мадугьаласулги жиндиргоги ккараб бицун буго.Дур мадугьаласул багьа къого томен бук1ун гьеч1ин,азарго бук1ун бугилан абунила гьес рукъзабазул бет1ергьанасда.









Хунзахъ мухъалъул дирго Сивухъ росулъ рижун рач1арал

КИЦАБИ ВА АБИЯЛ.



1.САГЪРИКЬОДА ГЬАБУРАБ ГЬИМАГ!УРУХЪ БАТАРАБ.



Дир эбел ккола Саг1дият. Эбелалъул рахъалдасан дир к1удадалги к1удадалги к1удада Нурмух1амад дибир (Нурух1умадибир) вук1ун вуго кутакалда ц1аларав, г1арабги лъалев г1алимчи.Хунзахъ т1алъиялда гьесухъе ц1ализе рач1унезул къадар киданиги 50-60 чиясдаса гъоркье кколароанила бицунаан эбелалъ. Гьев х1ежалде щибаб рузман базе , будалаазда гъорлъе зикру бачине, унев вук1ун вуго.Цо нухалъ зикру бачунаго ,цоясухъ рихьун руго ч1умал.Гьесда рак1алде ккун буго гъозул берцинлъиян.Гьеб мунагь чуризе гьесие багьана батун буго бет1ергьанас.Цо спичкадул къалиг1анаб жоялдаса гъоркьеги вортун ,рекъдилаго вач1ун вуго.Рик1к1уна зиярат гьабизе ине кколев г1алимчилъун.Гьев Нурух1умадибирил вац вук1ун вуго Г1арада Мух1ума абун.Ц1аларав ,г1елму- лъай бугев ,амма дагьав г1адлу хварав.Бечедазул бикъун ,хъамун щвараб мискинзабазе бикьулеб бук1ун буго.Рит1ухълъи гьеч1олъиялъе жиндирго тамих1 бук1унеб бук1ун буго.Бегавулзабазе . данде кколарел жал гьарулел рук1ун гьесдаса г1емерал г1арзалги рук1ун руго.Гьеб щун буго Шамил имамихъеги.Шамилил «Имамат» бугеб заман бук1ун буго.

Цо къоялъ «Ник1к1валди» абулеб бак1алда вецарилев вук1аго чол рек1арав вач1унев вихьун вуго.Цо щаклъиги бач1ун,гьев гьесда аск1овеги ун ,гьикъарун вуго.Чапарас жиндие росдал къади къариг1ун вугин абун буго.Жив вугин къадиян гьереси бицун буго гьас.Цинги рек1арас Шамилица бит1араб кагъат бугин,кьун буго гьесухъе. Гьениб г1арабалъ хъван батун буго метер Г1арада Мух1амаги ккун вачун жиндихъе вач1аян.Нахъияб къоялъ живго ун вуго Шамилихъе , кагъатги кьун ,гьав чи дун вугин абун буго.Рузман къо бук1ун буго.Гьес гьарун буго жив жакъа хут1ма гьабизе виччаян.Гьес гьабун буго ц1акъаб хут1ма.Шамилица абун буго ,гьаб хут1ма гьабурав бусурманав чи, цо росу гуреб ,Дагъистанго квегъаниги тамих1алде ц1азе бегьуларин .Гьев виччан вуго.Амма батун буго гьев рихаразда гьесие къор гъезе цоги къаг1ида.Гьабун буго мац1 дур ч1ужу чидахъ ялагьун йигин.Эбелалъ абулелъухъги г1енеккич1ого, гьейги нахъе цун ,бахъун ханжаргун т1аде ун вуго ,ва чохьолъ гьебги къазабун ч1ван йиго ч1ужу.Гьезул цо ясги йик1ун йиго.Гьеб такъсиралъухъ гьев Сибирь къот1ун, вит1улев вук1ун вуго.Ханасул чукъбуз ккун унаго Сагърикьот1е щун руго.Доб мехалъ рилълъанхъунлъидал унел рук1арал.Гьенив конвой вук1ун вуго игьалисев. Гьесда гьарун буго жиндие лъутизе кумек гьабеян.Игьалисес кумекги гьабун, лъутун щун вуго Турциялде.Стамбулалда г1умру гьабун ч1ун вуго ,хъизанги гьабун буго,г1араб г1елму малъулевги вук1ун вуго.Ун буго 9-10 сон.Цо къоялъ гьасул гьудулас бицун буго х1еж борхизе рач1аразда гъорлъ цо Дагъистанияв вугин.Жинда гьев лазареталда ватанин абун. Г1арада Мух1ума ун вуго гьениве,вихьулаго лъан вуго жиндиего кумек гьабурав игьалисев.Нухдаго квешаб риххалил унтиги щун,зах1матаб х1алалда ватун вуго.Рокъовеги вачун ,.лъабго моц1алъ хъулухъ гьабун буго..САХЛЪУН РОКЪОВЕ РЕГ1УЛАГО КИН БАРКАЛА КЬЕЛЕБ ЛЪАЛАРОГО ВУГЕВ ИГЬАЛИСЕСДА АБУН БУГО.Ургъел ккогейин Сагъри кьот1а гьабураб Гьимаг1урухъ батанин дудаян.Цо-Цояз Сагърикьода гьабураб Истамбулалда батаниланги абулеб бук1ун буго .





РУССНАДА НАХЪА Х!АМАГИ Х!АРЧЧДА НАХЪА РОСАЛГИ Г!ЕМЕР ЗАМАНАЛЪ Х!ЕТ!ИЗЕ К!ОЛЕБ ЖО ГУРИН.

Сивухъа Щабаги абурай г1аданалъ х1алт1иго гьабуларев рос рокъов ч1алг1араб мехалъ т1амун буго гьеб кици .Хадуб гьеб х1алт1изабулеб бук1ун буго г1адамазда цо жо ч1алг1ун лъугьараб мехалъ.



ЩВЕЧ!О ЩАБАГО ДУЕ ДУРЦАЛ!

Росулъ Щабаго абулев чиясул ункъо яс йик1ун йиго.Кьеян вач1а-вач1арасе кьун ,росабазе ун руго.Амма цониги дурц гьесие кумекалъе щолел рук1ун гьеч1о.ГЬас жинцаго жиндаго абун буго;ц1ахт1аса вахъунарев цояв, гъаст1аса вахъунарев цояв,рокъовего вуссунарев цояв,кванан г1орц1уларев цояв,щвеч1о Щабаго дуе дурцааал !-ян. Гьелдаса хадуб къвариг1араб жидее щвеч1они,

гьадаб кици т1амулеб бук1ун буго.



Х1АМЗА Ч!ВАНА ,Ч!ЕГ!ЕР БАНА, БАТА- БАТА КЪВАЛИ.

Къвали бухъизе индал ясаз жидедаго батизе бук1инеян рик1к1унел рук1ун руго гьадал раг1аби.





БАЧ!ИНЕ ЛЪАЛАРЕБ БАЧ!ИНАРЕБ ЛЪАЛАРЕБ Г!УРУС ,БАЧ!УН Т!АДЕ ЩВАРАБ ХАСЕЛ.

Г1урусал рач1унел нахъе къот1улеб заманалда маг1ишат гьабизего гьабиладай абун рук1унел рук1ун руго. Цинги цо херай г1аданалъ гьадал раг1абиги абун: «х1алт1е, дир лъимал, х1алт1е»,-ян абун буго.

Рижун рач1арал кицабазул цоял кола.

1Г1абдал ломол гьавизе,Т!алокъорот1а паж барабила.

(Т1алакъоро –маг1арда ц1ар)

2. Бекизеги х1ет1е цебе бахъейила.

3.Бакарасул ц1ет1а, ц1урасул лъет1а.


















Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Литература

Категория: Мероприятия

Целевая аудитория: 5 класс

Скачать
Внеклассное мероприятие «КИЦАБИГИ, АБИЯЛГИ, ГЬЕЗИЕ БАЯНАЛГИ»

Автор: Мусаева Зарият Магомедовна

Дата: 24.03.2021

Номер свидетельства: 576539


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Проверка свидетельства