kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

ПРОЕКТ на тему :" Значение изучения родного языка на современном этапе."

Нажмите, чтобы узнать подробности

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

ПРОЕКТ

 

Значение изучения родного языка на современном этапе.

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«ПРОЕКТ на тему :" Значение изучения родного языка на современном этапе."»

МБОУ « Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»







ПРОЕКТ



Значение изучения родного языка на современном этапе.



Составитель: Пахрудинова Саламат Н.,

МБОУ « Лологонитлинская

средняя общеобразовательная школа»

Ахвахского района.







Лологъонилъ 2015 г.




Содержание

1. Цебераг1и ………………………………………………………………..3

2.Авар мац1 ва гьелъул диалектал……………………………………..5

3. Авар мац1алда т1ад х1алт1арал г1алимзаби……….6


2. Дагъистан- мац1азул мег1ер.………………………………………….7

3. Мац1 малъулаго, дандч1валел зах1малъаби ………………...8

4. Расулил г1умруялъулъ авар мац1алъ кколеб бак1…..…12

5. Авар мац1алъул к1вар ц1ик1к1инабиялъе дица гьабулеб х1алт1и…………………………………………………………………...…17

6.Х1асил ……………….…………………………………….……………...20

7 .Литература …….………………..……………………………………….21

8. Приложение ………………………………………………………22- 28


















Цебераг1и.

Кинаб аваданлъи рокъоб бук1унеб

Рахьдал мац1 лъаларел лъимал ругони?

Лъиего щвеларо дунялалъул кеп

Дурго г1адамазухъ г1ин т1амич1они.

(Абдурах1манова А.Т.)



Нухда дандч1варал г1адамаз т1алаб-агьазгун Расул Х1амзатовасда гьикъула:

- Сахлъи кин бугеб, Расул? - ан.

Расулица гьезие жаваб гьабула:

- Сахлъи лъик1 бук1инадай гьадин унтараб нильер дуниялалда?

Киг1ан бит1арал раг1аби?!

«Унтун» буго дунял. Г1адамазул пикруго хисун буго. Нилъерабгоги рехун тун, бат1ияб лъик1аб г1умру ц1ехезе лъугьун руго. Т1убанго хисун буго рет1а-къай, хьвада- ч1вади, гьелдаго цадахъ абулебги гьабулебги . Гьеб цогидал миллатазул босун буго. «Бец1алилан, г1анталилан» рехун толел руго умумузул рук1арал г1адатал, лъик1аб «культура» босизе г1едег1улел руго.

Мискинаб, «перспектива» гьеч1еб мац1ги рехун тун, г1урус мац1алъ к1алъалел руго. Рахьдал мац1 лъалезул къадар къойидаса къойиде дагьлъулеб буго. Г1ун бач1унеб г1елалдагги, гьит1иназдаги, ч1ах1ияздаги рахьдал мац1алъул к1вар бич1ч1изаби- гьеб ккола дир х1алт1ул мурад.

Г1ун бач1унеб г1елалъул рахьдал мац1алде рокьи бижизабизе к1ола бокьараб дарсида, цох1о цо къвариг1уна гьабулеб х1алт1уде гъира. Гьеб мурад т1убазабизе бажарула гьединго Р. Х1амзатовасул асарал малъулаго, гьезул анализ гьабулаго.

Расул Х1амзатов вуго раг1ул унго- унгояв устар, гьунаралъулги рит1ухълъиялъулги г1аламат. Гьесул раг1иялъ х1айран гьабуна т1олабго дунял.

Гьес борхизабуна муг1рузулаб улкаялъулги рахьдал мац1алъулги къимат.

Программаялда рекъон,школалда малъизе рихьизарун руго Р. Х1амзатовасул авар мац1алъул к1варалъул бицунел асарал:

7класс:

  • «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани»;

9 класс:

  • «Дир рак1 муг1рузда буго»,

  • «Дир Дагъистан»,

  • «Авар мац1».

Рахьдал мац1алде рокьи бижизабиялъе х1алт1и гьабизе ккола жиб- жиб дарсида.



Маг1арул мац1алъе къимат кьолеб буго бат1и – бат1иял миллатазул г1алимзабазги. Ингилисазул г1алим Саймон Криспица абуна:

«Бищунго лъик1аб, гьаракь берцинаб, бакъан – гьаракь рекъараб мац1 дунялалдаго аваразул буго,»- ян.

Щайха нилъеда бихьулареб гьелъул берцинлъи?


«Мац1 ккола халкъалъул г1аммаб буголъи. Гьелъул х1урмат гьабизе ккола г1агараб халкъалъулго г1адин. Рахьдал мац1алъул адаб гьабуларес жиндирго халкъалъулги адаб гьабуларо»

(И.Мележ, Белоруссиялъул хъвадарухъан)

Дида т1оцебе кеч1 раг1ана рокъоб,

Кинидахъ эбелалъ дие ах1улеб,

Гьелъул х1еренлъиги гьелъул х1асратги

Свин гьеч1еб дарулъун лъугьана даим.

Муг1рузул бакъанги лъана т1оцебе,

Т1оцебе ракьалда х1ет1е ч1олаго.

Гьелъ кьураб рокьиги, жанги, къуватги

Къолденлъун хут1ана т1олго г1умруялъ.

( Давыдов Мирза)


Маг1арул мац1 ва гьелъул диалектал.

Авараз яшав гьабула Дагъистаналъул муг1рузулаб рахъ. Аваразул районал ккола Г1ахьвахъ, Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Гъуниб, Казбек, Шамиль, Ц1унт1а, Хунзахъ, Ч1арада, Лъарат1а , Унсоколо, Ц1умада, гьединго аварал руго Буйнакск , Хасавюрт шагьараздаги. Г1емерисел к1алъала диалектиял мац1азда.

Киналго мац1алги данде къан, мац1алъул г1елмуялда гьезда абула маг1арул- г1анди- ц1унт1адерил группаялъул мац1ал абун.

Г1анди мац1алъул группаялде гъорлъе уна микьго мац1: Г1анди мац1, К1аралазул мац1, г1ахьвалазул мац1, т1индисезул мац1, багулазул мац1, ч1амалазул мац1, балъхъадерил мац1, гъодоберисезул мац1.

Ц1унт1адерил мац1алъул группаялда гъорлъе уна щуго мац1: ц1унт1адерил, бежт1адерил, хваршисезул, гунисезул, гьинухъдерил.

Авар литературияб мац1алъе кьуч1лъун росун руго хунздерилги, бакъбаккулги, бакът1ерхьулги диалектал. Гьел диалектазда к1алъала Гумбет, Казбек, Унсоколо, Хунхахърайоназулги, гьединго Буйнакск, Лаваша, Хасавюрт ва Гъизилюрт районазул цо- цо росабазул г1адамалги.

Авар мац1 ккола киналго маг1арулазе г1аммаб мац1.Гьеб ккола литературияб мац1.


Авар мац1алда т1ад х1алт1арал г1алимзаби.


Т1оцебе г1урус басмаялда бахъараб авар мац1алъул г1елмияб х1алт1илъун рик1к1ине бегьула академик П.С. Палласил словарь. Гьелда цогидалги Дагъистаналъул мац1азда цадахъ, к1инусго г1анесеб раг1и кьун буго

Гьелго соназда авар мац1алда т1ад х1алт1ана И.А. Гульденштетги. Гьес жиндирго 1787-1791 соназда къват1ибе биччараб «Путешествие по Кавказу и Грузии» абураб т1ехьалда авар, г1анди ва ц1ез мац1азул 270 раг1и кколеб буго.

Хадуб, Х1Х г1асруялъул авалалда ( 1807- 1808 соназда) Дагъистаналъул мац1азда, гьединго авар мац1алда т1адги х1алт1ула Г1елмабазул академиялъул адъюнкт ( аспирант) Г.Ю. Клапрот. Гьес хъвараб авар мац1алъул грамматикияб очеркалда Устларица г1емер гъалат1ал рихьизарун руго.

Палласилги, Гульденштетилги, Клапротилги х1алт1абазда дандеккун, дагьабго камилаб рик1к1ине бегьила 1862 соналда Россиялъул Г1елмабазул академиялъулъ къват1ибе биччараб академик А. Шифнерил « Авар мац1 лъазабиялъул х1албихьи» абураб т1ехь. Гьеб буго немец мац1алда хъвараб авар грамматика

А. Шифнерица гьеб т1ехьалда къокъго кьола авар мац1алъул фонетика, грамматика, цадахъ маргьаби, куч1дул кицаби ва гьит1инабго словарь.

Дагьав цеве нижер росулъецин вач1ун вук1ана Франциялдаса Жиль мац1 лъазабизе.

9- 10 соналъ цеве вач1ун вук1ана жегиги фрагав.

Г1адамаз к1вар кьолеб буго нилъер мац1азде, нилъеца абуни….



Дагъистан- мац1азул мег1ер.


Маг1арулазул калам, аваразул музыка

Кирехун щвананиги, бокьулеб куц раг1изе.

Маг1арул мац1 лъалезе, гьеб мац1алъул пасих1лъи,

Маг1арухъ рижаразе гьеб мац1алъул гьуинлъи.



Нилъеца г1умру гьабулеб бугеб Дагъистан уна Россиялда гъорлъе. Россия- гьеб ккола к1удияб ва гучаб г1емермиллатазулаб пачалихъ. Россиялда г1умру гьабулел г1адамал 150 ц1ик1к1ун бат1ияб мац1алъ к1алъала. Руго гьезда гьоркьор т1аг1унел мац1алги (6- 7 чиясда гурони лъаларелги). Бич1ч1улеб жо буго гьел т1аг1ине бегьи, щай гурелъул гьел къанаг1атал мац1ал лъалел чаг1и кколел руго херал чаг1и.

Кинаб ах1вал- х1алха бугеб Дагъистаналда?

Дагъистан- гьеб буго х1икматаб улка. 41 бат1ияб мац1 буго Дагъистаналда.

Г1алимзабаз ч1езабун буго цо кидаялиго Дагъистаналда ругел г1емерисел халкъазул цого мац1 бук1ин, заман анаг1ан, гьеб бикь-бикьун, бат1и-бат1иял мац1азде сверун буго.

Г1емерисел гьел мац1ал литературиял мац1аллъуги кколаро, гьезул гьеч1о грамматикаги. Чара гьеч1ого, х1алт1и гьабизе ккола гьел мац1ал ц1униялда т1ад.

Дагъистаналда абула муг1рузул улкайилан, мац1азул мег1ерилан ва лингвистазесеб алжанилан. Мац1азул рахъалъ бечедаб буго гьеб. Амма гьеб миллияб бечелъи, умумуз ирсалъе тараб хазина ц1унизе кколеблъиги к1очене бегьуларо нилъеда.

Ц1уне,хириял ц1алдохъаби, нилъерго рахьдал мац1!


Иванил г1ощт1оца,

Г1исал кварт1ица

Г1агараб авар мац1

гъурулеб буго.



Мац1 малъулаго, дандч1валел зах1малъаби.


21 февралалъ кинацаго к1одо гьабула рахьдал мац1алъул къо.

Гьеб къоялъ гьарула бат1и- бат1иял тадбирал. Рахьдал мац1алъул х1акъалъулъ «г1акъилал» раг1абиги абула, конкурсалги гьарула, гьелдалъун г1емерисеб мехалъ мац1алъул гьабулеб х1урматги лъуг1ула. Т1асияб соналъги гьеб къо т1аде щвезег1ан, рахьдал мац1алъул бицунев чиги вихьуларо.



  1. Г1ун бач1унеб г1елалъ к1варго кьолеб гьеч1о рахьдал мац1алде. Жидерго пикруцин, рек1ел мурадалцин гьез рагьула г1урус мац1алъ. Г1емерисезда рахьдал мац1алъул раг1ицин лъаларо, гьеб гьезие «иностранный» мац1лъун лъугьун буго. Х1атта ингилис мац1цин гьезда лъик1 лъала. Гьанир ц1акъ рекъон кколел руго

Р. Х1амзатовасул раг1аби:

ЩАЙ ДИЕ КЪВАРИГ1УН БУГЕБ ДАГЪИСТАН,

ДИР ГЬАРАКЬ БАХЪАНИ,ДИР ЛЪИМАЛАХЪА?

ЩАЙ ДИР МАГ1АРУЛЛЪИ МАГ1АРУЛ ЧАГ1АЗ,

ЧИЯР МАЦ1 БИЦУНЕБ ЖИДЕРГО ГЪАСДА?


2. Эбел- инсуцагицин лъималазда г1урус мац1 бицунеб буго, г1урус мац1 чвахун бицунеб бугин жидер лъималазилан ч1ух1ун к1алъалелги рук1уна.

Гьеб буго сурараб жо. Нилъерго г1агараб мац1ги бук1аго, чияр мац1 гъасда кин бицунеб? Нилъерго мац1алъул гьабулареб къимат щай г1урус мац1алъул гьабулеб? Гьеб кколаро г1урус мац1алда данде ч1ун абулеб раг1и, г1урус мац1 лъазабизе бегьуларин абураб жоги кколаро. Лъик1аб, ц1акъго лъик1аб буго г1емерал мац1ал лъай, амма цин лъик1 лъазе ккола нилъерабго. Нилъерабгоги рехун тун, чияраб босизеги г1едег1изе ккеларо. Щибав инсанасул т1адаб иш буго жалго г1ураб т1алъи, Ват1ан бокьизе. Гьеб ясбер г1адин ц1унизе. Гьеле гьелде бащалъула жидерго миллаталъул мац1 лъайги жидерго лъималазда гьеб малъизе жигар бахъиги. Цо- цоязе к1вар гьеч1еблъун ккун буго жидерго кинидахъ эбелалъ ах1араб коч1ол раг1аби, жидецаго т1оцересел раг1аби абураб мац1. Кинидахъ «Баю, баю…» ах1ила гьабсаг1аталъ гьанжесеб г1елалъ.

Мух1амад Г1умаровасул гьал раг1абазухъ г1енекке нуж, нужедагоги рахьдал мац1алъул к1вар бич1ч1изе.

«Малъе, эбел, рахьдал мац1»

Дир умумуз бицараб,

Улбуцаги бицунеб,

Урхъула духъ, авар мац1,

Малъе, эбел, рахьдал мац1.

Гъазим ух1амад, Хамзат,

Х1икматав имам Шамиль

Аваралъ к1алъалаан.

Малъе , эбел, рахьдал мац1.

Дида тарихги лъазе,

Дагъистанги бокьизе,

Кьолбол васлъун вук1ине,

Малъе, эбел, рахьдал мац1.


  1. Школалдаги ц1алул программаялда рихьизарурал саг1тазул къадар соналдаса соналде дагьлъулеб буго. Нижер росдал г1адамал к1алъала г1ахьвалазул мац1алда. Аваралилан абулеб бугониги, авар мац1 нижее ккола к1иабилеб мац1лъун. Нужецаго пикру гьабеха, анкьида жаниб лъураб 2- 3 саг1аталъ лъималазда мац1 лъазе рес бугищха? Лъималазе зах1малъулеб буго программа. Лъалеб гьеч1о мац1. Зах1малъабазукьа х1инкъулел руго эбел- эменги лъималги. Гьеб дарс х1ажат гьеч1илан лъугьунел руго. Г1умруялъулъ х1ажалъулеб гьеч1ин абулеб буго. Гьеб киналъгулго лъик1аб х1асил бук1унареблъи бич1ч1изе зах1матаб жо гьеч1о. Гьединаб тарбия рокъоб кьолеб мехалъги, ц1акъ зах1малъула лъималазул мац1алде рокьи ва лъик1аб бербалагьи бижизабизе. Мац1 бокьулеб гьеч1они, гьелъул к1вар бич1ч1улеб гьеч1они, муг1алимасеги зах1малъула дарс малъизе. Жидерго бат1ияб мац1, диалект бугезе х1ажат буго цогидаб хасаб программа, т1ахьалги гьезие, кинабгоги х1исабалде босун, рахъани ц1акъ лъик1 бук1инаан.

  2. Хасго пашанлъизе бач1уна рахьдал мац1алдехун цо-цо политиказул, депутатазул, х1акимзабазул бугеб бербалагьиги гьоркьоблъиги бихьараб мехалъ. Г1емер к1алъазе махщел буго гьезул. Мац1ал т1аг1ине х1инкъи бук1иналъул, гьел ц1унизе ккеялъул х1акъалъулъ чанги бицана гьез. Амма гьел ц1униялъе г1оло щибго гьез гьабулеб жоги гьеч1о. Рахьдал мац1 ц1унизе кколилан «чарал» раг1абиги рицун, программаялда мац1 малъизе рихьизарурал саг1талгицин дагь гьаруна гьез. Ч1ах1иязул мац1алде бугеб бербалагьи бихьидал, кинаб гъира бук1унеб лъималазул гьеб лъазабизе. Нилъеца ч1валеб буго гьезул рахьдал мац1 лъаялде бугеб гъира- шавкъ.


  1. Гьанже лъималаз ЕГЭ ва ОГЭ кьезе байбихьараб заманалда т1аса- масагояб бербалагьи буго авар мац1алъул дарсазде, т1адч1ун малъулел руго экзаменал кьезе кколел предметал

9-абилеб класс лъуг1улаго, ц1алдохъанас кьезе кколаан авар мац1алъул экзамен. Бокьаниги бокьич1ониги лъимал х1адурлъизе кколаан экзаменалде. Гьелдалъун борхулаан ц1алдохъанасул жавабчилъи.

Гьанже гьебги нахъе бахъана. Хадубхунги мац1алдехун гьединабго бербалагьи бугонани, мац1 хвезе рес буго.

Мац1 гьеч1они, ц1унуларо миллат, халкъ. Киназдаго т1адаб жо буго

рахьдал мац1 ц1уни.


Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго.

Аваразул пашманлъи -

Авар мац1 лъач1ел лъимал.










Расулил г1умруялъулъ авар мац1алъ кколеб бак1.


Авар мац1 цебет1еялде, гьеб бечед гьабиялде, аслияб къаг1идаялъ, к1вар кьолеб бук1ана поэтаз.

Гьединабго квешаб бербалагьи мац1алде бугеб заман цебеги бук1ана.

Цо сордоялъ Р. Х1амзатовасухъе ах1ула М. Шамхаловас. Мац1 ккун бугеб квешаб х1алалъул бицуна.Гьелъул х1акъалъулъ хъвайилан гьарула, щай гурелъул маг1арулазе Расул вокьулаан, гьесул раг1ухъ г1енеккулаан. Гьебго сордоялъ хъвана Расулица «Ава мац1» абураб кеч1.

Гьеб кеч1 буго гьит1инаб авар мац1алъул к1вар гьеч1ин, г1умруялъулъ гьелде х1ажалъи кколеб гьеч1ин, г1исинал халкъал ч1ах1иял халкъазул мац1алда к1алъазе кколилан абулел г1адамазе жаваблъун. Авторас абулеб буго, ц1акъго бечедаб, гучаб мац1 гьеч1ониги,пачалихъияб мац1алъул борхалъиялде бахун гьеч1ониги, рахьдал мац1 лъазе кколилан, щай гурелъул гьеб ккола сундулго аслу, нилъер рух1ияб бечелъи. Умумуз тараб, гьеб хазина ц1унич1они, ц1унуларо халкъ. Рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, маданият. Г1ун бач1унеб г1ел ах1улеб буго мац1алъе кколеб къимат кьезе, гьеб бокьизе, гьелдаса ч1ух1изе. Мац1 гьес бищун к1удияб хазиналъун рик1к1унеб буго.

Аваразул калам! Гьелъул камиллъи…

Киг1ан гъваридаб маг1наха гьел раг1абазулъ бессун бугеб?

Чан нухалъ ц1аланиги, к1удияб асар гьабула гьеб коч1оца маг1аруласе. Щай гурелъул гьениб, мац1алъул бицунаго, гьелъул жакъасеб ва бук1инесеб къисматалъул пикру гьабулаго, шаг1ирас нилъеда бикьулеб буго жиндирго ургъел, рах1атхвей, рек1ел суди, унти. Гьесда жиндирго г1умру бихьулеб гьеч1о, рахьдал мац1 гьеч1ого. Мац1 хвеялдасаги, авторасе живго хвезе бокьулеб буго:

-Метер маг1арул мац1, хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун…

Рахьдал мац1 авторасе буго хвалдаса ворч1изе бищун к1удияб дарулъун. Гьеб мац1алда г1адин, маг1аруласда бич1ч1уларо Мах1мудил пасих1лъи, г1агараб халкъалъул г1амал- хасият.

Мах1мудил пасих1лъи, гьесул х1асралъи,

Бидулъ къаламги ччун,гьарурал куч1дул,

Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ киниги,

Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.

Рахьдал мац1алъул, гьелде бугеб рокьиялъул, гьелдаса бугеб ч1ух1иялъул бицунел асаралги г1езег1ан руго РасулилХ1амзатил Расулил т1олабго нилъее багьа гьеч1еб хазина, бечедаб ирс. Амма «Авар мац1» абураб кеч1 ккола, миллат ва мац1 ц1унизе г1оло, к1удияв шаг1ирас наслаби ах1араб, гьездехун гьабураб х1асратаб хит1аблъун, г1агараб халкъалъе гьес тараб абадияб васигатлъун.





Расулица гьединго абуна:

-Щивасул жиндирго мац1ги жиндирго ц1ваги буго. Дир мац1-гьеб маг1арул мац1 буго. Гьеб дие бокьула.Бокьула гьит1инаб халкъалъул г1агараб мац1.Г1адамазе жидерго мац1 хирияб бугин абулеб жо ккола эбел-инсуе лъималги лъималазе эбел-эменги хириял ругин абураб г1адаб жо.

Мац1 чияс т1абиг1ат ц1унулеб г1адин ,ц1унизе ккола.



- Мац1 ккола халкъалъул г1аммаб буголъи. Гьелъул х1урмат гьабизе ккола г1агараб халкъалъулго г1адин. Рахьдал мац1алъул адаб гьабуларес жиндирго халкъалъулги адаб гьабуларо.

Гьединабго мурадгун хъвараб буго «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани» абураб кеч1ги. К1удияб махщалида бихьизабулеб буго эбелалъул рокьиялъ, гьелъул х1еренлъиялъ лъимал лъик1аб хьвада- ч1вадиялде куцалел ругеб куц.Бихьизабун буго эбелалъ кинидахъ ах1араб коч1ол хиралъи, гьеб коч1ол пайда, к1вар.



Дир мац1 бук1инароан,

Дир ц1ар бук1инароан,

Рик1к1адал сапаразда

Дида нух къосинаан,

Дида рокьи гьадиг1ан

Ракьалда лъалароан,

Эбелалъ дир кинидахъ

Куч1дул ах1ич1елани…

«Эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1 к1очарасда к1очене буго г1агараб ракьги рахьдал мац1ги»,-ян абулаан шаг1ирас.

Расулица «Дир Дагъистан» абурабасаралъулъ хъвалеб буго:

-Мац1 лъач1ого,гьабич1ого гьаб дунял.

Раг1и бук1инч1ебани дунял гьадинаб бук1инароан.

Мац1 лъач1ого,кеч1 гьаби, лъим лъач1ого,г1урулъе лъугьин буго.




Расулил рак1 унтулаан, мац1алъул бугеб х1ал бихьидал. Гьесие рак1- рак1алъ бокьулаан гьеб. Гьадин абулеб буго гьес»Дир рак1 муг1рузда буго» абураб поэмаялъулъги:

-Дир т1алъи, дир муг1рул,дида гьикъич1о,

Кив гьавизе дуе бокьилебилан;

Мац1 малъулеб мехалъ дида ц1ехеч1о,

Кинаб халкъалъул мац1 дуе кьелебан.

Ц1умаз бусен лъолеб кьурул сверабалъ

Кьуна дие г1умру дунял гьабизе.

Кьурдасан риччалел гьарчазул г1адаб,

Малъана авар мац1 куч1дул ах1изе.

Дида абунани гьаб дунялалда

Гьанже мун ц1идасан гьавизе вугин,

Ц1ар ч1ван бищейилан дуй бокьараб бак1,

Рак1алъе хирияб кеч1 ах1изе мац1.

Дица жаваб кьела кьурул сиязул

Добго росулъ гьаве гьанжеги дунан,

Дир маг1арулазул г1агараб мац1алъ

Гьадабго кеч1 ах1е кинидахъ дийан.









Авар мац1алъул к1вар ц1ик1к1инабиялъе дица гьабулеб х1алт1и.


Жакъасеб къоялъ авар мац1алде рокьи бижизабизе к1везе ккани, к1удияб бажариги махщелги х1ажалъула учителасе. Гьеб бигьаяб масъала кколаро. Гьеб мурад т1убазе ккани, г1емер х1алт1и гьабизе ккола. Бищун лъик1аб бук1уна цо школалъул муг1алимзаби цадахъ рекъон х1алт1ани, цоцазе кумек гьабуни. Нижер школалда вуго рахьдал мац1алъул лъабго муг1алим. Нижеца гьедин гьабула.

  1. Бищун цебе к1вар кьезе ккола кабинеталде. Гьеб буго сундулго кьуч1. Къач1а- к1ат1араб кабинет бугони, лъималазулги мац1 лъазабизе гъира бижиларищха. Нижецаги кабинет лъик1 къач1ан буго. Ч1езабун буго дарсида къвариг1унебщинаб жо. Лъималаз пайда босизе бегьулеб материалги г1езег1ан буго. Руго таблицаби, стендал, рефератал, бат1и- ба1ияб материалалъул ц1урал папкаби, карточкаби. Руго газетал, журналал… к1удияб ч1ух1илъун ккола 500 т1ехь бугеб библиотека.


  1. Дарс кьолаго х1аракат бахъула, гьеб г1адатияб гуреб къаг1идаялъ бачине. Кьола бат1и- бат1ияб тайпаялъул дарсал: дарс- КВН, Х1икмалъабазул байдан, ц1вабзазул саг1ат…Гьединаб дарсида лъималаз гъираялда г1ахьаллъиги гьабула, х1асилги лъик1аб бихьизабула. Пайдаги бук1уна, материалги лъик1 бич1ч1ула.




  1. Х1аракат бахъизе ккола цогидал предметалгун, Дагъистаналъул тарихгун бухьен ч1езабизе. аслияб къаг1идаялъ бухьен ч1езабула г1урус мац1алъул дарсгун, щай гурелъул г1урус мац1алъулги маг1арул мац1алъулги грамматика релълъараб буго.

Киг1ан интерес бук1инеб лъималазе, асаралъулъ бицен гьабулел героял унго- унголъун рук1арал г1адамал ратидал. Гьезул бах1арчилъиялъ ч1ух1иялъул асар бижизабиларищха лъималазул рек1елъ. Масала, «Парту Пат1има», «Надиршагь щущахъ виххизави», «Г1андалал» г1адал асаразе баян кьолаго, бицине ккола тарихалъул, нилъер бах1арчиял умумузул, гьез нахъа тарал хвел гьеч1ел гьунаразул.

Гьезул бах1арчиял ишал мисаллъун рук1ина лъималазе. Тимуриде, Надиршагьиде данде гьабураб къеркьеялъул раг1идал, маг1арулаз бихьизабураб бах1арчилъиялъул, къвак1иялъул, лебаллъиялъул х1исаб гьабизе лъараб мехалъ, бижула лъималазул литератураялде рокьиги.

Хасго к1удияб к1вар кьола нижер ракьцояв Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасул х1акъалъулъ Р. Х1амзатовас хъвараб «Россиялъул солдатал» абураб поэмаялде. Бицуна Мух1амадзагьидил ба1арчилъиялъул, к1удияб къимат кьола гьесул гьунаралъе. ГЬарула конкурсал: Мух1амадзагьид Г1абдулманаповасул х1акъалъулъ кеч1 ургъизе, сочинение хъвазе…

  1. Лъик1аб бук1уна, дарс бачунаго, компьютералдаса пайда босани. Компьютералъ дарсил заманги ц1унула дарсги гвангъараб ва рак1алда ч1олеблъун лъугьинабула. Раг1аралдаса лъималазда бихьараб рак1алда ч1ола. Дарсие баян кьей гуребги, компьютералъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул лъаялъул хал гьабизеги бегьула, гьаризе бегьула тестал, словарияб х1алт1и.


  1. Дарсида х1алт1изабула рек1елгъеялъулаб грамматика, х1алт1изарула ребусал, ц1ола раг1икъот1ал, гьарула бат1и- бат1иял бет1ер х1алт1изабизе кколел х1алт1аби. Бищун лъик1аб бук1уна гьединаб т1адкъай х1адурун рач1ине лъималазе х1алт1и кьуни. Гьединал х1алт1абаз лъимал ургъизе ругьун гьарула, бет1ер лъик1 х1алт1изабула.


  1. Конкурсал, къецал.

Масала:

-куч1дузул конкурс (9 май», «Бергьенлъиялъул къо», «Мух1амадзагьид Г1абдулманапов», «Дир эбел»…..

- маргьабазул конкурс;

- суратазул конкурс;

-кеч1 берцин ц1алиялъул конкурс;

- раг1икъот1азул конкурс;

-кицабазул конкурс…


  1. Юбилеязда хурхун тадбирал.

Бижизабула хъвадарухъабазул творчествоялдехун интерес.


  1. Районалда т1орит1улел конкурсазулъ г1ахьаллъи гьаби:

- берцинго кеч1 рек1ехъ ц1алиялъул конкурс:

- рахьдал къоялъул байрам;

- г1ахьвалазул поэтазул куч1дул ц1али;

- нилъецаго ургъарал куч1дул рек1ехъе ц1али…

8. Олимпиадабазулъ г1ахьаллъи. Гьеб буго гьезие бищун бокьулеб х1алт1и.

9. Сценка лъей.

10. Словарияб х1алт1и. Дарсида хъвала словариял ддиктантал(5- 6 раг1и), лъималаз гьезул бит1унхъваялъе баян кьезе ккола.

11. Калам цебет1еялъе х1алт1и (сураталдаса х1алт1и, бицанк1аби ч1вай…);

12. конкурсал, къецал гьарула г1ахьвалазул мац1алъ. Масала: г1ахьвалазул мац1алъ куч1дул хъвазе, пасих1го кеч1 ц1ализе…





Х1асил.

Инсанас бищуларо Ват1ан, миллат, эбел- эмен, мац1. Гьеб кинабго гьесие кьола г1умругун цадахъ. Гьеб ккола бечелъи. Умумуз ирсалъе тараб хазина ккола гьеб.

Умумуз ирсалъе тараб лъик1абщинаб нилъеца беццулеб г1адин, нилъеца таралъул къимат гьабизе буго бач1унеб г1елалъги. Гьезие нилъеца ц1унизе х1ажат буго нилъерго мац1ги, ц1арги, г1адаталги, тарихги.

Нилъ ккола маг1арулал(аварал). Дагъистаналда гьеб мац1алъ к1алъалел г1адамазул къадар бищун ц1ик1к1арабги буго. Аваразул къадар 1 миллионалде бахуна, амма мац1 лъалезул къадар ц1акъго дагьаб батизе буго. Кин гьедин бук1унеб? Маг1арул мац1 лъаларел г1адамал кин кколел маг1арулаллъун? Гьеб суалалда т1ад ургъизе заман цебего щун бук1ана. Пайда щиб… Г1адамал сунцаго кант1изарулел гьеч1о. Гьел мац1ал т1аг1ич1ого рук1ине нилъеца к1вараб х1алт1иги гьабизе ккола.

Эбел- инсуца мац1алъул къимат гьабулуб бугони, мац1 лъазабизе гъира бижула лъималазулги.

Садикалдаги школалдаги рахьдал мац1алда т1адч1ей гьабуни, жеги лъик1 бук1ина.

Лъик1 бук1ина радио- телевидениялда рахьдал мац1алда рачунел передачаби г1емерлъани.

Аслияб къаг1идаялъ лъималазда мац1 лъала телевизоралдаса. Руго маг1арул мац1алде руссинарурал мультикалги. Гьезулги къадар г1емерлъиялда т1адги х1алт1и гьабизе ккола.

Цох1о учительзабазде рехун тезе бегьуларо гьеб.

Жив- жив чияс х1аракат бахъизе ккола мац1ги, миллатги, халкъги, Ват1анги ц1унизе, г1ун бач1унеб г1елалда цере нилъ рук1ине ккола рац1ц1адал.






Литература


1. Мадиева, Г1абдулаев , Авар мац», педколледжалда ц1алул т1ехь.

2. Х1амзатов А., Авар мац» (методика) 6-7 кл., махачкала – 2012 г.

3. Х1амзатов А., Авар адабияталъул дарсал.

4. Х1амзатов Р.. Имя твоё, 2003с.

5. Х1амзатов Р.. Стихотворения и поэмы, 1999с.

6. Х1айбулаев, Казиев. Дагъистаналъул литература, 1970с.

7. Г1абдурах1манов, Муртазаг1алиев. Авар литература, 1996с.

.8. Г1елмиябгун – практикияб конференциялъул доклад «Школалда авар адабият малъиялъул лъик1ал къаг1идаби». Махачкала 2009 г.

9. Газета «Х1акъикъат» 2003, №47,№ 14 2014с 3-6 гьумер

10. Журнал «Гьудуллъи» №3 2011с, 2001с., №14,2009с.,№53, 2003с., №5, 2013, №6.

11. Интернет.

12. Муртазаг1алиев М. М., Муртазаг1алиев А. М., Авар мац1, 8- 9 класс, 2011с.

13. Авар адабият, 9 класс










МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Р. Х1амзатов. «Авар мац1»- 9кл.







Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.











Лологъонилъ. 2018 с.

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»

Открытый

урок

Тема:

«Р. Х1амзатов. «Авар мац1»- 9кл.





Подготовила учительница

родного языка и литературы

Пахрудинова Саламат

Назирбеговна



Лологонитль.2018г

МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Р. Х1амзатов. «Авар мац1»- 9кл.







Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.











Лологъонилъ. 2018 с.



Дарсил тема: Расул Х1амзатоа «Авар мац1».

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Баянго дарсил тема бич1ч1изаби. Асаралъул тема, идея загьир гьабизе бажари. Расулил творчество щула гьаби. Асаралъулъ авторас борхараб суалалъул к1вар бич1ч1иялде лъимал рачи.

-Балладаялъе баян кьей;

2. Лъай цебет1еялъул:

- Мац1алде, литератураялде рокьи бижизаби.

-К1алзул калам цебет1ей.

Ц1алул бажари цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

- Рахьдал мац1алде рокьи бижизаби.

- Рахьдал мац1алъул к1вар бич1ч1изаби.

- -Рахьдал мац1 рух1ияб бечелъи бук1ин бич1ч1изаби.

- Рахьдал мац1 ц1унизе ккей бич1ч1изаби.

Дарсил алатал: т1ахьал, ребусал, компьютер, реферат.

Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи.

  4. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а)Рек1елгъеялъулаб грамматика. «Лъица г1емер».

б) Дагъистан- муг1рузул ва мац1азул улка;

в) коч1ол тарих.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей.

  3. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  4. Рек1елгъеялъулаб грамматика. Дагъистаналъул мац1ал рик1к1е.

  5. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

б) асаралъул идея рагьи;

в) учителас коч1ол к1варалъе баян кьей.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).

Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Дарс гьикъи:

- Р. Х1амзатовасул творчество;

- «Милъиршаби» (анализ).

  1. Ц1ияб темаялъе цебераг1и:

а) а)Рек1елгъеялъулаб грамматика. «Лъица г1емер».

Дагъистаниязул мац1ал рик1к1е.

б) Дагъистан- муг1рузул ва мац1азул улка;

Дагъистаналда г1умру гьабула г1емерал миллатаз, гьел к1алъала 40 ц1ик1к1ун бат1ияб мац1алда. Гьел мац1ал т1аг1ине рес буго, щай гурелъул г1ун бач1унеб г1елалъ к1варго кьолеб гьеч1о рахьдал мац1але. Эбел- инсуцаги рокъоб лъималазда г1урус мац1 бицунеб буго. Школалдаги ц1алул программаялда рихьизарурал саг1тазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб киналъгулго лъик1аб х1асил бук1унареблъи бич1ч1изе зах1матаб жо гьеч1о.

б) коч1ол тарих.

Гьединабго квешаб бербалагьи мац1алде бугеб заман цебеги бук1ана.

Цо сордоялъ Р. Х1амзатовасухъе ах1ула М. Шамхаловас. Мац1 ккун бугеб квешаб х1алалъул бицуна.Гьелъул х1акъалъулъ хъвайилан гьарула, щай гурелъул маг1арулазе Расул вокьулаан, гьесул раг1ухъ г1енеккулаан. Гьебго сордоялъ хъвана Расулица «Ава мац1» абураб кеч1.

  1. Учителас асар ц1али.

  2. Рич1ч1уларел раг1абазе баян кьей(словарияб х1алт1и).

  3. Кьал, т1арамагъадисеб, сог1аб

  4. «Рахас» гьабун, асар ц1али.

  5. Рек1елгъеялъулаб грамматика. Дагъистаналъул мац1ал рик1к1е.

  6. Дарс щула гьаби:

а) суалалаздалъун;

- кинаб к1вар бугеб темаялъул бицунеб бугеб авторас?

- Лъил гьариялда рекъон хъвараб Расулица гьеб кеч1?

- Кинаб бербалагьи бугеб авторасул мац1алдехун?

- Гьанже г1адамазул мац1алдехун кинаб бербалагьи бугеб?

б)асаралъул идея рагьи( лъималаз).

- Щиб бич1ч1изабулеб бугеб асаралъ? Кинаб х1асил нилъеца гьабизе кколеб?

- Нужерго пикру загьир гьабе.Лъазе кколищ рахьдал мац1?

в) учителас коч1ол к1варалъе баян кьей;

Рахьдал мац1алъул, гьелде бугеб рокьиялъул, гьелдаса бугеб ч1ух1иялъул бицунел асаралги г1езег1ан руго Расулил. Рахьдал мац1 авторасе буго хвалдаса ворч1изе бищун к1удияб дарулъун. Гьеб мац1алда г1адин, маг1аруласда бич1ч1уларо Мах1мудил пасих1лъи, г1агараб халкъалъул г1амал- хасият.

Х1амзатил Расулил т1олабго нилъее багьа гьеч1еб хазина, бечедаб ирс. Амма «Авар мац1» абураб кеч1 ккола, миллат ва мац1 ц1унизе г1оло, к1удияв шаг1ирас наслаби ах1араб, гьездехун гьабураб х1асратаб хит1аблъун, г1агараб халкъалъе гьес тараб абадияб васигатлъун.

Гьеб кеч1 буго гьит1инаб авар мац1алъул к1вар гьеч1ин, г1умруялъулъ гьелде х1ажалъи кколеб гьеч1ин, г1исинал халкъал ч1ах1иял халкъазул мац1алда к1алъазе кколилан абулел г1адамазе жаваблъун. Авторас абулеб буго, ц1акъго бечедаб, гучаб мац1 гьеч1ониги,пачалихъияб мац1алъул борхалъиялде бахун гьеч1ониги, рахьдал мац1 лъазе кколилан, щай гурелъул гьеб ккола сундулго аслу, нилъер рух1ияб бечелъи. Умумуз тараб, гьеб хазина ц1унич1они, ц1унуларо халкъ. Рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, маданият. Г1ун бач1унеб г1ел ах1улеб буго мац1алъе кколеб къимат кьезе, гьеб бокьизе, гьелдаса ч1ух1изе. Мац1 гьес бищун к1удияб хазиналъун рик1к1унеб буго.

Аваразул калам! Гьелъул камиллъи…

Киг1ан гъваридаб маг1наха гьел раг1абазулъ бессун бугеб?

Чан нухалъ ц1аланиги, к1удияб асар гьабула гьеб коч1оца маг1аруласе. Щай гурелъул гьениб, мац1алъул бицунаго, гьелъул жакъасеб ва бук1инесеб къисматалъул пикру гьабулаго, шаг1ирас нилъеда бикьулеб буго жиндирго ургъел, рах1атхвей, рек1ел суди, унти. Гьесда жиндирго г1умру бихьулеб гьеч1о, рахьдал мац1 гьеч1ого. Мац1 хвеялдасаги, авторасе живго хвезе бокьулеб буго:

-Метер маг1арул мац1, хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб рак1 кьвагьун…

Кидаго к1очене бегьуларо: инсанас бищуларо мац1, миллат,Ват1ан, эбел- эмен… Гьеб кинабго гьесие щола г1умругун цадахъ. Эбел- эмен рокьулесе бокьула Ват1анги, миллатги, рахьдал мац1ги…

-

  1. Рокъобе х1алт1и(кеч1 рек1ехъе лъазабизе).

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).












Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Прочее

Целевая аудитория: Прочее.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
ПРОЕКТ на тему :" Значение изучения родного языка на современном этапе."

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530475

Похожие файлы

object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(183) "Интегрированный урок иностранного языка - один из путей развития творческих способностей учащихся."
    ["seo_title"] => string(80) "integrirovannyi_urok_inostrannogo_iazyka_odin_iz_putei_razvitiia_tvorcheskikh_sp"
    ["file_id"] => string(6) "594362"
    ["category_seo"] => string(17) "francuzskiy-yazyk"
    ["subcategory_seo"] => string(7) "prochee"
    ["date"] => string(10) "1639319391"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(132) "Доклад "Инновационные технологии на уроках русского языка и литературы""
    ["seo_title"] => string(73) "doklad_innovatsionnye_tekhnologii_na_urokakh_russkogo_iazyka_i_literatury"
    ["file_id"] => string(6) "529667"
    ["category_seo"] => string(12) "russkiyYazik"
    ["subcategory_seo"] => string(7) "prochee"
    ["date"] => string(10) "1575213397"
  }
}
object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(154) "В.В.Бабайцева "Рабочая программа по русскому языку в 6 классе" (углублённое изучение) "
    ["seo_title"] => string(94) "v-v-babaitsieva-rabochaia-proghramma-po-russkomu-iazyku-v-6-klassie-ughlublionnoie-izuchieniie"
    ["file_id"] => string(6) "117366"
    ["category_seo"] => string(12) "russkiyYazik"
    ["subcategory_seo"] => string(12) "planirovanie"
    ["date"] => string(10) "1412778481"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(232) "Применение инновационных технологий на уроках русского языка и литературы в условиях современной общеобразовательной школы "
    ["seo_title"] => string(144) "primienieniie-innovatsionnykh-tiekhnologhii-na-urokakh-russkogho-iazyka-i-litieratury-v-usloviiakh-sovriemiennoi-obshchieobrazovatiel-noi-shkoly"
    ["file_id"] => string(6) "191826"
    ["category_seo"] => string(12) "russkiyYazik"
    ["subcategory_seo"] => string(7) "prochee"
    ["date"] => string(10) "1427373056"
  }
}
object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(116) ""Применение инновационных технологий на уроках русского языка""
    ["seo_title"] => string(71) "primienieniie-innovatsionnykh-tiekhnologhii-na-urokakh-russkogho-iazyka"
    ["file_id"] => string(6) "257459"
    ["category_seo"] => string(15) "angliiskiyYazik"
    ["subcategory_seo"] => string(7) "prochee"
    ["date"] => string(10) "1448338833"
  }
}


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства