kopilkaurokov.ru - сайт для учителей

Создайте Ваш сайт учителя Курсы ПК и ППК Видеоуроки Олимпиады Вебинары для учителей

Проект Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Нажмите, чтобы узнать подробности

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Вы уже знаете о суперспособностях современного учителя?
Тратить минимум сил на подготовку и проведение уроков.
Быстро и объективно проверять знания учащихся.
Сделать изучение нового материала максимально понятным.
Избавить себя от подбора заданий и их проверки после уроков.
Наладить дисциплину на своих уроках.
Получить возможность работать творчески.

Просмотр содержимого документа
«Проект Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы»

32



МБОУ «Лологонитлинская срелняя общеобразовательная школа»



Проект

Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы






Подготовила учительница

Лологонитлинской средней школы

Пахрудинова Саламат Назирбеговна.



Лологонитль. 2019



Содержание



Введение …………………………………………….............……………..…...…3

1. Рахьдал мац1 лъангут1иялъе г1илла......................................5

2.Рек1елгъеялъул грамматикаялъул к1вар..............................7



3. Дир дарсазда рек1елгъеялъулаб грамматика…………….11

Заключение ……………….............…….………………………………......….20

Литература ………………............……………..………………...……….……. 22

Приложение …………….............……………….……………………… 23- 27

















Введение.

Цебехун хъвараб «Мац1 лъазабиялъул к1вар» абураб проекталда дица гъваридго бицана гьабсаг1ат г1адамазул рахьдал мац1алде бугеб бербалагьиялъул, мац1алъул к1варалъул, гьелъ инсанасул г1умруялъулъ кколеб бак1алъул, гьединлъидал гьаниб дагьаб къокъ гьабила. «Унтараб» улкаялда мац1алъул иш лъик1 гьеч1о. Х1акъикъаталдаги, «унтун» буго цох1о Дагъистан гуреб, т1олабго дунял. Квешаб ах1вал- х1ал буго Россиялъул «г1исинал» мац1азулги. 5-6 чиясда гурони лъаларел гьезул цо- цо мац1ал жакъа- метер т1аг1ине рес буго. Гьадинабго бербалагьи хадубхунги мац1аздехун бугони, нилъер г1агараб мац1ги т1аг1ине бегьула. Гьелда т1ад ургъизеги заман щун буго.

Г1адамаз гьанже г1умруялъул рух1ияб рахъалде к1варго кьолеб гьеч1о. Киналго бечелъиялда, ц1аралда хадур рортанхъулел руго. Бокьарал къаг1идаби ратун, бечелъизе, машгьурлъизе х1аракат бахъулеб буго.

Бигьаго рехун толеб буго рижараб Ват1ан, «халатаб» гъурщида хадур, бигьаяб г1умру ц1ехон, нилъерго пачалихъги тун, къват1ире ине х1аракат бахъулеб буго. Г1агараб Ват1анги, г1адаталги, рахьдал мац1ги- гьеб кинабго, квер хьваг1ун, толеб буго «перспектива» гьеч1ебилан. Г1умру гьабизе бечедаб ц1ехолеб буго «ц1ияб» ват1анги, рахьдал мац1алъул бак1алдаги бечедаб г1урус мац1 х1алт1изабулеб буго, г1адаталги «бец1алилан» рехун толел руго, культураги нахъеккараб батулеб буго.Г1адамаз х1аракат бахъулеб буго, заманалда рекъон, цере ине. Гьебги квеш бук1инароан, амма… Щай нилъее, нилъерабгоги к1очон тун, босараб чияраб? Эбел- инсул батараб босизе кколарищ цин. Щай бегьулареб к1иябго цадахъ лъазабизе? Мац1ги , миллатги, ват1анги кидаго цадахъ рук1ине ккола. Гьезул цояб билани, цогидалги дагь- дагьккун т1аг1уна.

ЩАЙ ДИЕ КЪВАРИГ1УН БУГЕБ ДАГЪИСТАН,

ДИР ГЬАРАКЬ БАХЪАНИ,ДИР ЛЪИМАЛАХЪА?

ЩАЙ ДИР МАГ1АРУЛЛЪИ МАГ1АРУЛ ЧАГ1АЗ,

ЧИЯР МАЦ1 БИЦУНЕБ ЖИДЕРГО ГЪАСДА?

Рахьдал мац1ги, Ват1анги, умумузул лъик1ащинал г1адаталги ц1унизе ккани, гьелде гьит1ингоялдаса нахъе бижизабизе ккола гъира.

Рахьдал мац1алде бугеб бербалагьи хисизабизе, гьелде рокьи бижизабизе бегьула школалда, амма гьеб бигьаяб иш гьеч1о. Авар мац1 малъиялъе программаялда

рихьизарурал саг1тазул къадар дагь гьабуралдаса лъималазул лъай, ц1алул бажари г1одобег1ан ккун буго. Мац1 лъик1 лъалеб гьеч1олъиялда бан, тема бич1ч1изеги зах1малъулеб буго, гьединлъидал цин лъималазул ц1алуде бижизабизе ккола гъира. Гьелъие квербакъула рек1елгъеялъул грамматикаялъ.

Нуж щалали лъазе,

Лъилали лъазе,

Лъазе гьабе, бабал,

Эбел- инсул мац1.

Миллатго гьеч1еллъун

Хут1унгут1изе,

Хвезе тоге, бабал,

Бищун лъик1аб мац1.(Т. Зургьалова)



Рахьдал мац1 лъангут1иялъе г1илла.

Кинаб аваданлъи рокъоб бук1унеб

Рахьдал мац1 лъаларел лъимал ругони?

Лъиего щвеларо дунялалъул кеп

Дурго г1адамазухъ г1ин т1амич1они.

(Абдурах1манова А.Т.)

Миллионалде г1агарун чи вугеб авар миллаталъул халкъалъул киназдаго гуро г1агараб мац1 лъалеб. Ч1ах1иязда мац1 лъик1 лъала, амма г1ун бач1унеб г1елалъухъ балагьани, рохизесеб жо щибниги гьеч1о. Рахьдал мац1 лъангут1иялъе г1иллаби г1емер руго: эбел- инсуца лъималазда мац1 бицунгут1и, программаялда авар мац1алъул дарсазе рихьизарурал саг1тазул къадар дагь гьаби, лъималазул гьеб лъазабизе гъира гьеч1олъи, миллиял передачаби гьеч1олъи, мац1алъул к1вар бич1ч1унгут1и…

Г1емерисеб бараб буго эбел инсуда, гьез мац1алъул х1урмат гьабулеб бугони, лъималазги толаро гьелъул адаб. Гьез бицунеб бугони, рокъоб мац1, лъималаздаги лъала гьеб. Эбел- инсуца рахьдал мац1 къвариг1унарилан абич1они, лъималазул бот1ролъги гьединаб пикру х1алт1уларо.

Школалдаги г1айиб дагьаб гьеч1о, бегьулаан, ресалги ратун, маг1арул мац1алда т1адч1ей гьабизе.

Школалдаги, къот1нобги, рокъобги- киса- кибего г1урус мац1 раг1улеб бугони, мац1 лъазеги зах1мат бук1инарищха.

Бищун бигьаяб бук1уна мац1 лъазабизе г1исинал лъималазе. Аслияб къаг1идаялъ лъималазда мац1 лъалеб буго мультиказдаса. Щайха бегьулареб нилъер пачалихъалъ миллиял мац1азе цо каналг1аги бихьизабизе? Гьелъ г1адамазул лъайги культураги борхилилан х1инкъундай ругел? Унго- унголъунги, г1адамазда рахьдал мац1алъул к1вар бич1ч1улеб бук1арабани, г1исинал мац1ал гьаб х1алалде ккелароан. Исана гьаб сон Россиялдаго лъазабун буго рахьдал мац1алъул сонлъун. Гьарулел руго г1емерал тадбиралги. К1вар кьолеб буго рахьдал мац1 ц1униялде. Миллиял мац1азул к1варалъул ва гьел ц1унизе х1ажат бук1иналъул х1акъалъулъ г1емерал макъалаби рахъулел руго газетазда ва журналазда. Маг1арулазул аби буго: «Лъел къат1ра ч1еч1ого цого бак1алде т1инк1ани, гьелъги гамач1 бик1ула» - ян. Щиб лъалеб, гьелъулги цо дагьабниги пайда ккезе бегьула.

Ингилисазул г1алим Саймон Криспица абуна:

«Бищунго лъик1аб, гьаракь берцинаб, бакъан – гьаракь рекъараб мац1 дунялалдаго аваразул буго,»- ян.

Гьединаб т1адег1анаб къимат кьураб мац1 нилъее щайха берцин бихьулареб?

Рахьдал мац1лъай- гьеб нилъерго халкъалъул къимат гьаби ккола.

Рек1елгъеяъул грамматикаялъул к1вар.

Дида рак1алде кколаан, заман г1емер арабг1ан, г1емер бихьарабг1ан, г1адамазе бит1араб нух бищизе бигьаяб бук1унилан. Цогидаз риччарал гъалат1азул х1исабги гьабун, лъик1абщиналдаса, бит1арабщиналдаса, г1агарабщиналдаса пайда босилилан. Амма гьеб гьедин гьеч1о. Г1адамазул Ват1аналде, маданияталде, эбел- инсуде, умумузул г1адатазде, рахьдал мац1алде бугеб бербалагьиялъухъ балагье. Рохизе ккараб жо гьениб гьеч1о.

Абизе бегьула гьезде мугъ рехун бугилан. Т1убанго хисун буго рет1а- къай,хьвада- ч1вади, ц1унулел гьеч1о умумузул г1адатал, лъалеб гьеч1о рахьдал мац1. Гьелъ нилъ лъик1алде рачунаро, щай гурелъул, мац1 билани, т1аг1уна миллатги. Киназдаго цебе ч1араб масъала ккола гьеб биччангут1и, г1адамазулъ бит1араб пикру бижизаби.

Лъимал куцаялъулъ эбел- инсудаса хадуб к1удияб бак1 ккола школаялъ, садикалъ. Учителас х1аракат бахъизе ккола лъималазе лъай гуребги, тарбия кьезеги, гьелъие г1оло гьев г1емер х1алт1изеги ккола.

Ахираб заманалда ц1алул программа хисун буго, гьеб лъималазе зах1малъулебги буго, гьелъ лъималазул г1емер заман «кваналеб» буго, ц1алиялде бугеб рокьиги ч1валеб буго. Гьединлъидал нилъеда цебе ч1араб аслияб масъала ккола лъималазул ц1алудеги рахьдал мац1алдеги рокьи бижизаби, дарс бич1ч1изабизе лъик1ал рахъал рати.

Школазда рахьдал мац1 малъиялде муг1алимзабаз к1вар кьезе ккола, т1аса – масангояб бербалагьи гьабич1ого.

Авар мац1алъул дарсалъ инсан куцазе, камил гьавизе, лъай ц1ик1к1инабизе, пикру гьабиялъул рахъ цебет1езабизе, гьесда цогидал мац1ал малъизе квалквал гуреб, кумек гьабулеблъи бич1ч1изе нек1ого мех щвана.

Школа бахун къват1ибехунги хадусеб г1умруялдаги мац1алдаса пайда босизе рес гьеч1онани, школалда малъараб мац1алъул щибго пайда гьеч1о.

Школалда авар мац1алъул ва литератураялъул дарсазул, аслияб къаг1идабазул цояб ккола бицадулаб форма: муг1алимас бицуна, ц1алдохъаби г1енеккула. Малъулеб асаралъул х1асил ва анализ гъваридго бич1ч1и бараб бук1уна малъулесул гьунаралдаги гьеб г1адахъ босизе бугеб щивав ц1алдохъанасул пагьмуялдаги. Гьебин абуни муг1алимасулги ц1алдохъабазулги бат1и – бат1ияб бук1уна. Цо – цоязе г1унги т1ок1аб бук1уна цо нухалъ бицунеб раг1араб яги ц1алараб текст рек1елъ кквезе, цогидазе къвариг1уна чанц1улаго ц1ализе ва раг1изе. Бицунеб яги ц1алулеб текст бич1ч1и ва рек1елъ боси бараб бук1уна раг1ул устарас цере ч1езарулел лъугьа – бахъиязул суратал якъинго ч1аголъизаризе бажариялда, киноялда г1адин, гьел рихьизе к1веялда.

Г1инзул ц1одорлъиялда цадахъ ц1алулъ г1ахьаллъула берзул ц1одорлъиги. «Бералда бихьараб – бит1араб, г1инда раг1араб – гьереси», - ян аби батана маг1арулазул. Гьелъулги гъваридаб маг1на х1акълъула: бицаралда божуге, бихьаралда гурони абураб. Гьединлъидал ц1алдохъабазе лъай кьеялъулъ дица пайда босизе ккола берзул, г1инзул ва цогидалги кумекалъул алатаздаса.

Рек1ел ц1одорлъиялда т1аде берзулги г1инзулги жубаялъ ва гьединго рек1елгъеялъулаб грамматика х1алт1изабиялъги рес кьола къокъаб заманалда жаниб малъулеб асаралъул гъварилъуде раккизе, ц1алдохъаби г1амлъиялде рачине, къокъидго х1асил бич1ч1изабизе, анализалъе якъинал нухал рагьизе.

Х1алуцун техника цебет1ураб гьаб заманалда, гьелъул ресаздаса пайда босич1олъи – бит1ахъего жагьиллъи ккола.

Компьютераздаса пайда босизе ккола. «Гвангъарал», рак1алда ч1олел,пайдаял дарсал кьезе х1аракат бахъизе ккола.

«Рек1елгъеялъулаб грамматика» авар мац1алда т1оцебе къват1ибе биччана М.К.Гимбатовас 1980 соналда. Гьеб т1ехьалда гьаризе лъик1аллъун рихьизарурал х1алт1абаздаса пайда босани, лъик1ги бук1ина.

Д.Б.Эльконица хъвалеб буго, махсаро х1алае ккун, бицунеб яги хъвалеб жо лъималазда бич1ч1изе бигьаяб бук1унилан.

Кицаби, абиял, бицанк1аби г1адал раг1аби маг1арул халкъалъул к1удияб хазиналъун ккола. Гьединал раг1абазул рахъалъан лъималазул мац1 бечед гьабиялъеги гьеб т1ехьалдаса пайда босизе бегьула.

Лексикаялда хурхарал х1алт1абиги г1емер руго гьаб т1охьода жанир. Гьелъ ц1алдохъабазул лъай гъварид гьабизе кумек гьабула. Гьелда т1адеги раг1абазул история лъазеги кумек бук1уна.

Рек1елгъеялъул грамматика дарсида х1алт1изабиялъул мурад ккола:

  1. Ц1алуде гъира бижизаби;

  2. Пасих1аб каламалде лъимал ругьун гьари;

  3. К1алзул калам цебет1езаби;

  4. Гьезул раг1абазул нахърател бечелъизаби;

  5. Ц1алул бажари борхизаби;

  6. Хъвавул бажари цебет1ей;

  7. Гъваридго пикру гьабизе ц1алдохъаби т1ами;

  8. Гьабураб х1алт1ул анализ гьабизе бажари;

  9. Лъималазул г1акълу бег1ери ва ц1убазаби;

  10. Лъаялде рокьи бижизаби;

  11. Ц1алдохъабазул рух1ияб культура борхизаби;

  12. Лъимал ургъизе ругьун гьари.

  13. Техь г1акълуялъул ицц бук1ин ва умумуз нилъее ирсалъе тараб рух1ияб хазиналъун кколеблъи лъималазда бич1ч1изаби;

  14. Теориялъул баянал щула гьари;

  15. Рахьдал мац1алде рокьи куцай.

Гьал т1олго мурадал т1ок1к1инаризе ва гъварид гьаризе рес кьола рек1елгъеялъул грамматикаялъ.











Дир дарсазда рек1елгъеялъулаб грамматика.



Авар мац1алъул ва литератураялъул дарсазде рокьи бижизабизе, гьезул калам цебет1езабизе, г1акълу-лъай ц1убазабизе, рух1ияб рахъ бечед гьабиялъе дица дарсазда рек1елгъеялъулаб грамматикаялдаса пайда босула, гьеб х1алт1изабиялъ лъималазе кумек гьабула рахьдал мац1алъул бечелъиялда квелъ базе, гьелъул г1урхъи гьеч1еб хазинаялдаса пайда босизе.

Рек1елгъеялъул грамматика дарсазда х1алт1изабиялъул т1оцебесеб рахълъун ккола лъималазул раг1ул нахърател ц1иял раг1абаздалъун бечед гьаби. Лъимал ругьун гьаризе ккола жидерго каламалъулъе ( хабар бицунелъул, гара – ч1вариялъулъ, изложениязулъ, сочинениязулъ) ц1и- ц1иял раг1аби лъугьинаризе. Ц1алдохъабазул раг1абазул нахърател бечед гьабиялъе аслияб бак1лъун ккола художествиял асарал, учебниказда ругел текстал, жалго муг1алимзабаз бицунеб бац1ц1адаб литературияб мац1, дарсида гьарулел бат1и – бат1иял х1аял.

Г1емер бат1и – бат1иял руго дарс г1уц1улел къаг1идаби. Дарсазда дица рек1елгъеялъул грамматикаялдаса пайда босула.

  1. Рес бугони, т1убанго дарс бачуна г1адатияб гуреб къаг1идаялъ. Масала: дарс- КВН, дарс-«Х1икмалъабазул байдан», «Ц1вабзазул саг1ат»… гьединал дарсазул г1уц1и киназдаго лъалебги батила, гьединлъидал гьезие баян кьеларин.

Гьединал дарсазда лъималаз лъик1аб г1ахьаллъи гьабула, ц1алул лъик1ал х1асилалги рихьизарула. Гьединал дарсал гьаризе бегьула малъараб материал такрар, щула гьабулеб мехалъ. Бокьараб классалда гьаризеги бегьула.

  1. Х1ай «Х1икматаб т1анк1». Т1анк1алъул бак1алда бат1и- бат1иял х1арпалги лъун, ц1иял раг1аби лъугьинаре.

Ма.- мац1,

Ма.- мах1,

Ма.- мах,

Ма.- махх,

Ма.- маг1,

Ма.- магь,

Ма.- мал,

  1. КИцабазул къец. Кицабаз ц1алдохъабазул к1алзул калам цебет1езабула, анализ, х1асил гьабизе малъула. Дарсил темаялда рекъарал кьезе ккола лъазаризе кицабиги .

«Зурмихъабазул нохъода» абураб асар малъулаго, кьола гьудуллъиялъул х1акъалъулъ кицаби лъазаризе, «Хваразул ц1аралдасан» абураб поэмаялъулгун лъай- хъвай гьабулелъул, лъазаризе кьела бах1арчилъиялъул, Ват1аналъул х1акъалъулъ кицаби. Кицаби гьикъун тезе бегьуларо, лъималазда лъазе ккола гьезул маг1на рагьизеги, гьединаб х1алт1иялъ асаразул анализ гьабизеги кумек гьабула.



  1. Раг1аби- хамелеонал. Хамелеоназул к1удияб гьунар буго кьер хисизе, сверухъ бугеб жоялда релълъараб кьер босизе бажари. Руго гьединал раг1абиги. Х1арпазул бак1 хисани, гьезул ц1иял раг1аби лъугьуна. Х1арпалги хис- хисун, ц1иял раг1аби лъугьинаре.

Ц1ам(мац1),

Нах(хан),

г1емер(мег1ер),

гъал(лагъ),

къаси(къиса),

рач1(ч1ар),

т1асан(т1анса),

лах1 (х1ал),

махх(ххам).



  1. Раг1икъот1 ц1ей. Гьединаб х1алт1и х1алт1изабула дарс, тема щула гьабулаго. Х1алт1изабизе бегьула бокьараб дарсида. Раг1икъот1 жидецаго х1адуризе кьезе бегьула, гьебмехалъ лъималаз г1емер литература хъирщула, ц1алула, данде кколел суалал ц1ехолаго. Гьезда г1езег1ан жо лъала, рак1алдаги ч1ола.

.Каламалъул бут1абазул, гьезул грамматикиял г1аламатазул бицунеб мац1азул г1елмуялъул цо бут1а?(морфология)

.Каламалъул гьаркьазул бицунеб раздел?(фонетика)

.Мац1алда ругел киналниги раг1аби?(лексика)

.Раг1абазул дандраязулги предложениязулги г1уц1иялъул ва к1варалъул бицунеб мац1алъул х1акъалъулъ бугеб г1елмуялъул бут1а?(синтаксис)

.Цо- цо росабалъ гурони х1алт1изаруларел, цогидал бак1азда жидер маг1наги бич1ч1уларел раг1аби?(диалект)

.Словарал г1уц1иялъул х1акъалъулъ г1елму?(лексикография)



  1. Бицанк1аби ч1вай. Цоцазе кьола бицанк1аби. Учителас кьураб бицанк1оялдасаги гьезие жидецаго цоцазе кьезе бокьула. Гьелъ ц1алдохъабазул г1акълу камил гьабула, ургъизе т1амула. Учителас темаялда рекъарал бицанк1аби росани, лъик1 бук1уна.



  1. Бит1унхъваялъул конкурс. Скобкабиги рагьун, раг1аби бит1ун хъвай.

Къец х1исабалда гьединаб х1алт1и кьуни, лъималаз х1аракат бахъизе буго х1алт1и, правилабазда рекъон, т1убазабизе. Гьединаб х1алт1иялъ хъвавул бажари цебет1езабула. Ургъизе, цебехун малъараб материалалдаса пайда босизе малъула. Гьединал х1алт1аби гьаризе бегьула предметияб ц1аралъул, прилагательноялъул, рик1к1еналъул, наречиялъул …. бит1унхъвай щула гьабизе.

Гьит1и- бикъинаб,

Г1азу(хъах1аб),

эбел(эмен)- эбел- эмен,
к1и(к1и- к1и- к1и),

квер(бац1ц1)- квербац1ц1,

улка(ракь- улка- ракь),

гъоркь(т1ад)- гъоркь- т1ад…

8. Шарадаби. Гьезги г1акълу камил гьабула, ургъизе т1амула.

9. Х1ай «Дица- дуе, дуца- дие» . Гьединаб х1аялъ лъимал, къец бан, х1алт1изе т1амула. Гьеб буго суалазул конкурс. Лъималаз цоцазе кьола суалал, суалалги жидецаго рокъор х1адурула. Зах1матал суалал ралагьулаго, жидедагоги дагьа- макъаб жо лъала.

10. «Болъаби, къот1алаби ц1езари»

Гьел ц1езаризе ц1алдохъаби т1амиялъул к1иго мурад буго:

-Хасаб х1арпалдасан байбихьулел яги гьелда лъуг1улел раг1аби къосинч1ого бит1ун абизе ва ц1ализе ругьун гьари;

-Ц1алдохъабазул раг1абазул нахърател бечед гьаби.

Б

а

къ


Б

а

гь

а


Б

а

къ

а

н


Б

а

й

р

а

м


Б

а

Х1

а

р

ч

и


Б

а

з

а

р

Г

а

н


Б

а

Г1

а

р

гь

о

л

о





11. Раг1аби- тушбаби. Гьединаб х1алт1и кьола, антонимазе баян кьолаго.

Гьит1инаб- к1удияб,

ч1ег1ераб- хъах1аб,

халатаб- къокъаб,

кьарияб- х1алакъаб,

лъик1аб- квешаб,

гьудул- тушман…

12. Т1адкъай «Кеч1 къач1ай». Мухъил раг1аби хис-хисун лъела, наку бекизабурал раг1аби жидерго бак1аздаги лъун, коч1ол мухъал рук1алиде рачине.

Инсуе бах1арчияв

Гьавугеги х1инкъуч – вас,

Тушбабазе инсул гьес

Кколелъул жаваб кьезе.



13. «Лъица г1емер?». Сураталдаса х1алт1и. Сураталде балагьун, предложениял ургъе. Г1емер предложениял ургъарал бергьуна. Гьединаб х1алт1иялъги калам цебет1езабула.



14. «Къосинч1ого, хехго абизе жугьаби»

-Давудие дадаца

Даг1нил сурат бахъана,

Диеги дад бахъанин.

Дайгьанатги йохана.

-Гьинги бикьизе гьабун,

Гьайбатаб къо рещт1ана.

Гьуинго Гьумайсатил

К1аркьада гьеб къочана.

-Бакъ бух1улеб бук1ана,

Бачал бокьоре анна,

Басирица басиги

Бец1аб бокьобе гъуна.

  1. Раг1аби- гьудулзаби. Синонимазе баян кьолаго, кьела гьадинаб х1алт1и. Раг1аби- гьудулзаби рате.

Интересаб- кепаб,

тохтир- врач,

г1ияхъан- вехь,

подпись- гъулбас,

хасел- кьин…



  1. «Г1ажаибал суффиксал». Суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1аби лъугьинаре.

Яс- ясик1о,

Гьудул- гьудуллъи,

Хъулухъ- хъулухъчи,

вац- вацг1ал,

лъик1- лъик1лъи,

ах- ахихъан,

сих1ир- сих1ирлъи,

хъухъади- хъухъадиро.



17. Вахъинищ дир таржамачи? Цо мац1алдаса цогиялде таржама гьаби зах1матаб х1алт1и ккола. Муг1алимасда т1адаб буго гьелъиеги лъимал ругьун гьаризе. К1иябго мац1алда гьоркьоб хурхен ч1езабиялъе гьелъ лъик1го квербакъула.

В жаркий летний день я пошел в лес.

Бух1араб бакъул къоялъ дун рохьое ана.

Я очень люблю Родину.

?

Ты был сегодня в школе?

?

Принеси мне холодную воду.

?





















  1. Ребусал. Ребусаз г1акълу камил гьабула, ургъизе т1амула.

1. 2. 3.

4. 5.



  1. «Рахчарал» раг1аби рате. Халатаб г1адинаб раг1и кьела, гьенир ругел х1арпаздаса раг1аби лъугьинарила. Г1емер ургъарав бергьуна. Гьединаб х1алт1иялъ ц1алдохъанасул мац1ги бечеб гьабула.

Хурухъанлъиялъул ( хур, хурухъан, нилъ, нур, ханлъи, хъал, хъалиян, лъар, нух, нах, хан, лагъ, гъал, нухъа, рахъ…)

  1. Хабаралъе ахир ургъе.

Дун радал т1аде яхъана. Хинаб къо бук1ана. Кьег1ерги бачун, дун рохьое ана…

  1. Вахъинищ дир поэт?

Бокьараб темаги кьун, коч1ол мухъал хъвазе.

  1. Щибали(Щивали лъай) лъай.

Гьеб х1алт1и бат1и- бат1ияб къаг1идаялда гьабизе бегьула:

-хъвадарухъабазул суратал кьела, ц1алдохъабаз авторасул ц1ар рехсела;

- бат1и- бат1иял предметазул суратал кьела, лъималаз гьезие баян кьезе ккола;

- Хъвадарухъанасул г1умруялдаса бат1и- бат1иял х1ужжабазе мисал бачина учителас, лъил х1акъалъулъ раг1аби кколелали ц1алдохъабаз бицине ккола.

- Учителас правило бицуна, лъималаз термин бищула

  1. Чиярал раг1аби рате.

-Т1ут1, вас, мал, бер, ч1вана. Чияраб раг1и ккола вас, щай гурелъул хут1арал омонимал ккола.

-Кьили, эбел, мег1ер, дун, гьой. Чияраб раг1и ккола дун, гьеб кколаро предметияб ц1арлъун.

-берцинаб, лъик1аб, к1удияб, гьайбатаб, бух1араб. Чияраб раг1и ккола бух1араб, гьеб кколаро прилагательноелъун.





Заключение.

Лъималазул рахьдал мац1алде рокьи бижизаби, гьезул к1алзул ва хъвавул бажари цебет1езаби- гьел ккола гьаб х1алт1ул мурадал. Мац1алъул къимат хвараб заманаялъ, гьел мурадал т1уразаризе бигьа бук1унаро.амма бажарулареб жо гьениб гьеч1о, г1иц1го учителас гьабизе ккола г1емераб х1алт1и. Заманаялъул т1алабазда рекъон, дарсал кьолел ц1ия – ц1иял къаг1идаби х1алт1изаризе ккола.. Гьал ц1илъабаз бахъунеб заманалде ва зах1маталде рач1инч1ого, гьаризе ккола г1адатиял гурел дарсал, х1алт1изабизе ккола рек1елгъеялъулаб грамматика. Пайда босизе ккола газет- журналаздаса. «Лачен», «Гьудуллъи», «Маг1арулай», «Хакъикъат» газет- журналгун гьудуллъи кквезе ккола. Гьезул редакторазда лъималги к1очон гьеч1о. Гьезда руго лъималазе хъваралги лъималаз хъваралги асарал. Буго кьун рек1елгъеялъулаб грамматикаги.

Г1адатияб гуреб дарсалъ лъималазе асар гьабич1о бук1ине рес гьеч1о. Гьединлъидал дарс г1уц1изе ккола кутакалда мух1канго, ч1ванкъот1араб лъай ва тарбия кьеялъе х1исаб гьабураб плангун. Гьелъ лъималазул Ват1аналде рокьи бижизабула, сахаб хьвада – ч1вадиялде ругьун гьарула, жиндир миллаталъул тарих гуребги, гьелъул рук1а – рахъин, маданият, г1адатал, г1амал – хасият лъазабула, жиндирго миллаталдаса, мац1алдаса ч1ух1иги бижизабула..

Лъималазда т1ад х1алт1улаго, муг1алимас гьоркьоб къот1изе тезе бегьуларо жиндаго т1ад гьабулеб х1алт1иги. Ц1ализе ккола ц1иял макъалаби, художественниял т1ахьал, хьвадизе ккола х1албихьи бугел муг1алимзабазул дарсазде, ругьунлъизе ккола интернеталдаса пайда босизе.

Муг1алимасул ц1акъго к1вар бугеб масъалалъун ккола г1ун бач1унеб г1елалъул рахьдал мац1алде гъира бижизаби, ц1алдохъабазул к1алзул ва хъвавул калам цебет1езаби, пасих1го ц1али камиллъизаби ва каламалъул культура борхизаби.





Пайда босараб литература:



1.Гимбатов М.К. Рек1елгъеялъулаб грамматика. Дагучпедгиз 1980 г.

2.Г1елмиябгун – практикияб конференциялъул доклад «Школалда авар адабият малъиялъул лъик1ал къаг1идаби». Махачкала 2009 г.

3.Зургьалова Т.. Дир гьайбатаб алипба, 2014г..

3.Х1амзатов А. Авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алимзабазе творческиял х1алт1абазе мажмуг1. 1-11 кл. 2005 г.

4.Х1амзатов А. Авар мац1. 6-7 кл. Махачкала. 2012 г.

4. Х1амзатов А. Дир алиф.

5.Газета «Х1акъикъат» № 48. 2014 г. .

6.Журнал «Гьудуллъи» №4 2009 г.

7.Журнал «Лачен» №3 2009 г.

8.Интернет.

















МБОУ «Лологонитлинская средняя общеобразовательная школа»



РАГЬАРАБ ДАРС

Тема:

«Предметияб ц1ар такрар гьаби. Дарс-КВН»- 6 кл.





Х1адурана авар мац1алъул ва

литератураялъул муг1алим

Пахрудинова Саламат Назирбеговналъ.









Лологъонилъ. 2018 с.

Дарсил тема: Предметияб ц1ар такрар гьаби. Дарс- КВН.

Дарсил мурадал:

  1. Лъай кьеялъул:

- Предметияб ц1аралъул х1акъалъулъ лъай щула гьаби.



  1. Лъай цебет1еялъул:

- Хъвавул бажари цебет1ей

-К1алзул калам цебет1ей.

  1. Тарбия кьеялъул:

–Рек1елгъеялъулаб грамматикаги х1алт1изабун, г1адатияб гуреб къаг1идаялъ бачараб дарсидалъун авр мац1алде рокьи бижизаби.

- Гьудуллъиялъул закон ц1унизе малъи.

Дарсил алатал: т1ахьал,суратал, реферат, ребусал, компьютер, карточкаби.



Дарсил план:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби- КВН.

- КВНалъе баян.

-Гьуинаб конкурс.

-Раг1икъот1ал ц1ей.

-Конкурс «Тамашаяб т1анк1».

-Ребусал.

- Х1арпалги хис- хисун, ц1иял раг1аби лъугьинаре.

- Бицанк1аби ч1вай.

-Бит1унхъваялъул конкурс.

- Конкурс «Дица- дуе, дуца- дие».

-Суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1аби лъугьинаре.

- Капитаназул конкурс.

- Предметиял ц1арал г1емерлъул формаялда лъе.

  1. Рокъобе х1алт1и.

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).



Дарсил ин:

  1. Класс дарсиде х1адури.

  2. Дарсил мурадал.

  3. Такрар гьаби- КВН.

- КВНалъе баян.

Класс к1иго группаялде бикьила. Цин лъик1 ц1алулев к1иго ц1алдохъан капитаналлъун тела. Гьез иргадахъ гьудулзаби рищила. Ц1алдохъабаз командабазда ц1аралги ургъила

( гъоркьияб дарсидаго).

-Гьуинаб конкурс.Столалда т1ад конфетал лъела(цо- цо ц1алдохъанасе к1и- к1и суал кколедухъ). Суалалъе жаваб кьуни, конфет ц1алдохъанасул бук1ина. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела. –заман хут1ани, ахиралдаги риччала конфетал рищизе.

Предметияб ц1аралъ щиб бихьизабулеб?

предмет

Хасал ц1арал кин хъвалел?

к1удияб х1арпалдаса

Предметияб ц1аралъул чан жинс бугеб?

лъабго

Г1ака абураб предметияб ц1аралъул жинс бихьизабе.

гьоркьохъеб

Эбел абураб предметияб ц1аралъул жинс бихьизабе.

ч1ужуялъул

Вас абураб предметияб ц1аралъул жинс бихьизабе.

чиясул

Дун, халатав, кьили, гьес. Предметияб ц1ар бате.

кьили

Падежал рук1уна г1адатал ва …?

бак1алъул

Г1адатаб падеж чан бугеб?

ункъо





Жиндилъ падеж, жиндикь падеж. Гьал кинал падежал кколел?

ч1овул

Жиндилъе падеж, жиндикье падеж. Гьал кинал падежал кколел?

рач1ул

Жиндилъа падеж, жиндихъан падеж. Гьал кинал падежал кколел?

рат1алъул

Инсухъе. Падеж бихьизабе.

жиндихъе

Учитель (лъихъ?). Суалалда рекъон, предметияб ц1ар кколеб падежияб формаялда лъе.

учителасухъ

Жиндилъ падежалъул суалал рик1к1е.

лъилъ? сундулъ?

Жиндикье падежалъул суалал рик1к1е.

лъикье? сундукье?

Г1али абураб раг1и жиндаса падежалда лъе.

Г1алидаса

Г1али абураб раг1и жиндилъа падежалда лъе.

Г1алилъа

Ганч1ида абураб раг1ул падеж бихьизабе.

жинда

Гьороца абураб раг1ул падеж бихьизабе.

актив

Предметияб ц1аралъул кина-кинал формаби ругел?

цолъул, г1емерлъул

Цолъул формаялъ щиб бихьизабулеб?

цо предмет

Г1емерлъул формаялъ щиб бихьизабулеб?

г1емер предметал





Актив падежалда лъе Саг1идов абураб раг1и

Саг1идовас

Актив падежалда лъе Шамалай абураб раг1и

Шамалалъ

Актив падежалда лъе чанахъан абураб раг1и.

чанахъанас

Актив падежалда лъе Чанахъан абураб раг1и.

Чанахъаница

Коч1охъан, врач, учитель г1адал предметиял ц1аразул жинс кин ч1езабизе к1олеб?

предложениялда жаниб

Коч1охъан. Гьаб кинаб жинсалъул раг1и кколеб?

лъабабго



Раг1ул кьибилалъулъ хиса-баси ккей?

флексия

Т1егь абураб раг1и, кьибилги ц1унун, актив падежалда лъе.

т1егьалъ

Т1егь абураб раг1и, кьибилалъулъ хиси кколедухъ, актив падежалда лъе.

т1огьоца

Улбул, ц1ороберал, х1анч1и. Кинаб раг1ул цолъул форма бук1унареб?

ц1ороберал

Цо, к1игоян х1исабалъе рик1к1ине бажаруларел г1аммал предметиял ц1аразул … форма бук1унаро.

г1емерлъул

-Ца ахир бач1ун, падежазде сверула … ц1арал.

хасал

-с, - лъ ахир бач1ун, падежазде сверула … ц1арал.

г1аммал

- и, - би ккола … лъугьинабулел суффиксал .

г1емерлъул форма



-Раг1икъот1ал ц1ей( лъималаз рокъосанго х1адурун бук1ине ккола раг1икъот1, жиб- жиб командаялъ цо- цо. Хисун гьел ц1ела) . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.





-Конкурс «Тамашаяб т1анк1». (ма. – т1анк1алъул бак1алда бат1и- бат1иял х1арпалги лъун, ц1иял раг1аби лъугьинаре. . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.



-Ребусал. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.

б=л

к1=н

и л=н

л=г

з=ч

43212





- Х1арпалги хис- хисун, ц1иял раг1аби лъугьинаре. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.

Ц1ам(мац1),

г1емер(мег1ер),

къаси(къиса),

т1асан(т1анса),

махх(ххам).





- Бицанк1аби ч1вай. Цоцазе кьола бицанк1аби. . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.



-Бит1унхъваялъул конкурс. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.



- Конкурс «Дица- дуе, дуца- дие». Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.

Скобкабиги рагьун, раг1аби бит1ун хъвай.

Эбел(эмен)- эбел- эмен,

квер(бац1ц1)- квербац1ц1,

г1ечу(гъвет1)- г1ечугъвет1,

т1окъо(къоно)- т1окъо- къоно,

Г1али(Дибир)- Г1алидибир.





-Суффиксазул кумекалдалъун ц1иял раг1аби лъугьинаре. Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.

Яс- ясик1о,

гьоко- гьокочи,

вац- вацг1ал,

хъухъади- хъухъадиро,

гьудул- гьудуллъи.





- Капитаназул конкурс.Хабаралъул х1асил хъвай.

Бакъ т1ерхьана. Дунял дагьа- дагьабккун рук1к1ине байбихьана. Г1ачиязда хадув арав дир гьудул маг1ардаса жеги вуссинч1о. Дица х1укму гьабуна гьесда хадув ине…

- Предметиял ц1арал г1емерлъул формаялда лъе. . Жиб- жиб бит1араб жавабалъухъ цо- цо балл кьела.

Г1ака- г1ачи,

бац1- бац1ал,

эмен- умумул,

гьудул- гьудулзаби,

цер- цурдул.



  1. Рокъобе х1алт1и(такрар гьабизе).

  2. Дарсил х1асил гьаби(рефлексия).






Получите в подарок сайт учителя

Предмет: Прочее

Категория: Прочее

Целевая аудитория: Прочее.
Урок соответствует ФГОС

Скачать
Проект Использование занимательной грамматики на уроках родного языка и литературы

Автор: Пахрудинова Саламат Назирбеговна

Дата: 05.12.2019

Номер свидетельства: 530474

Похожие файлы

object(ArrayObject)#863 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(92) "Рабочая программа по курсу "Развитие речи"  4 класс "
    ["seo_title"] => string(54) "rabochaia-proghramma-po-kursu-razvitiie-riechi-4-klass"
    ["file_id"] => string(6) "126725"
    ["category_seo"] => string(16) "nachalniyeKlassi"
    ["subcategory_seo"] => string(12) "planirovanie"
    ["date"] => string(10) "1415207806"
  }
}
object(ArrayObject)#885 (1) {
  ["storage":"ArrayObject":private] => array(6) {
    ["title"] => string(295) "РАБОЧАЯ ПРОГРАММА по внеурочной деятельности  основного общего образования ПО ОБЩЕИНТЕЛЛЕКТУАЛЬНОМУ НАПРАВЛЕНИЮ "Тайна слова"для 5 класса, первый год обучения "
    ["seo_title"] => string(183) "rabochaia-programma-po-vnieurochnoi-dieiatiel-nosti-osnovnogho-obshchiegho-obrazovaniia-po-obshchieintielliektual-nomu-napravlieniiu-taina-slova-dlia-5-klassa-piervyi-ghod-obuchieniia"
    ["file_id"] => string(6) "230890"
    ["category_seo"] => string(12) "russkiyYazik"
    ["subcategory_seo"] => string(12) "planirovanie"
    ["date"] => string(10) "1442302423"
  }
}


Получите в подарок сайт учителя

Видеоуроки для учителей

Курсы для учителей

ПОЛУЧИТЕ СВИДЕТЕЛЬСТВО МГНОВЕННО

Добавить свою работу

* Свидетельство о публикации выдается БЕСПЛАТНО, СРАЗУ же после добавления Вами Вашей работы на сайт

Удобный поиск материалов для учителей

Ваш личный кабинет
Проверка свидетельства